Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьаюраб къо...

 

Яс гьаюраб къоялъул байрамалде нижеца щивго ахӀичӀо, гьей лъималазул клубалде ячана. Гьал къоязда ниж рукӀана нижер яцалъул яс гьаюраб къоялъул байрамалда, гьениб чӀахӀияз гьелъие сайгъаталги кьуна. Гьеб бихьидал нижер ясалъул берал магIил цIуна, щайин жиндие лъицаниги сайгъатал кьечӀелинги абун. Гьанже нижеда кколеб буго гьалбалги ахIун гьелъие байрам гьабун букIарабанищан. Щиб жаваб кьелеб ясалъе?

 

ПатIимат, Хасавюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Къокъго абуни, сайгъатал кьей - гьелъие хасаб гӀилла букIа-букIунге - гьеб ккола Аварагасул суннат.

Имам Бухарияс бицараб хӀадисалда буго: «Сайгъатал цоцазе кье, нужеда гьоркьоб рокьиялъул ва цоцаздехун бугеб адаб-хӀурматалъул асар щулалъила», - ян (Бухари). Гьединлъидал кӀвар бугеб жо ккола гьоркьоблъи щулалъизе гьеб суннат тӀибитӀизаби – хасго нилъеда аскIор ругезда гьоркьоб, масала, хъизан-агьлуялда, гӀагарлъиялда ва гьудулзабазда.

Дур ясалъул ахӀвал-хӀалалъул бицани, бачIуна чанго суал. ТӀоцебесеб, гьавураб къо кӀодо гьабизе кколищ яги кколарищ? Бегьулеб батани, кин гьеб гьабизе кколеб?

Нилъеда лъала Аллагьасул Расулас ﷺ жив гьавураб къо батӀа гьабун букӀин кӀал кквеялдалъун, гьелдалъун ТӀадегӀанав Аллагьасе баркала загьир гьабиялдалъун ва гьесул разилъи ва гурхӀел-рахӀму тӀалаб гьабиялдалъун.

Аварагасул ﷺ асхӀабзабазда халлъана Аварагас ﷺ щибаб итни къоялъ кӀал кколеб букIин ва гьелъие гӀилла гьикъидал, Расулас ﷺ жаваб кьуна: «Гьеб къоялъ дун гьавуна, гьеб къоялъ дун халкъалъухъе витӀана (дихъе тӀоцебесеб вахӀю рещтӀана)», - ян (Муслим).

Гьединлъидал гьавураб къо лъикӀал гӀамалаздалъун кӀодо гьаби, масала, мавлид цӀали, къварилъиялда ругезе садакъа бикьи, гьоболлъи гьаби ва гьелда релълъарал цогидал лъикIал гIамалал гьари, беццараб пиша буго.

Гьанже бугониги хIаракат бахъе яс сайгъатаздалъун йохизайизе ва гьелда абе, гьей йохизайизелъун цо хасаб къо тIаде бачIинегIан чIезе кколарин абун. Гьеб бокьараб мехалъ гьабизе бегьулин.

Гьелдасаги гӀемерго кӀвар бугеб жо ккола ургъел бихьизаби ва хъизамалъул бухьенал щула гьари. Гьелъие хасаб лъугьа-бахъинги къваригӀунаро.

 

Психологасул жаваб

Кинабго бараб буго нужер хъизамалъ къабул гьабураб гӀадаталда. Нужее бокьун батани хадубги ясалъул гьаюраб къо гьелъие лъикӀаб къагӀидаялъ бачине, гьелда абизе бегьула, гьаб нухалъ бажаричIин ва хадусеб соналъ гьелъие бокьараб къагӀидаялъ гьабизе бугин.

Амма хадусеб соналъги, гьалбалги ахIун, ясалъул гьаюраб къо кIодо гьабизе нужеда ракIалда батичIони, гьелда абизе бегьула, гьаюраб къо гIадамал ахIун тIобитIулеб гIадат нилъер гьечIин, амма киназдасаго лъикIаб сайгъат гьелъие гьабичIого теларин абун.

Гьаниб цӀакъ кӀвар бугеб жо ккола гьабсагӀаталъ ясалъул бугеб хӀал лъикӀ гьабизелъун гьересияб къотIи кьечIого тей. Гьабизе кIолареб ва гьабизе ракIалда гьечIеб къотIи кьуни, цинги гьеб тIубачIого тани, ясалъул нужедехун божилъи хола.

Цоги нухги буго. Нужецаго гьелъие цо гьитӀинаб байрам гьабе. ГIемерго багьаялги гурел, амма нужер ясалъ къимат гьабулел сайгъталги росун гьей йохизае.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...