Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Васасда щиб гьабилеб?

 

Дир мадугьалалъ гIемер абулаан жий жеги лъимералде ягъичIин ва гьелда кьабичIин абун. Гьелъ бицана, кинаб бугониги бадибчIвай гьабун кIалъани, вас гIемер гIодулаанин ва хIухьел босизе кIоларого лъугьунаанин абун. Гьеб хIалалда гIолев вас вуго цIакъго гогьдарарав жо. Щиб гьесда гьабилебали лъаларого мадугьалги йикIуна. Лъазе бокьилаан нилъерго лъималаздехун бугеб рокьиялъ кидал зарал гьабизе байбихьулебали.

 

ХIабисат, Казбек район

 

Психологасул жаваб

Дур мадугьалалъ тарбия кьеялъулъ тIаса бищун буго лъимадуе щиб бокьаниги гьеб тIубазаби. Гьединаб тарбияб кьеялъул хIасил ахиралда квешаб букIуна. Гьедин гIураб лъимерги, жиндие бокьараб гурони гьабулареб ва цогидазул щибго ургъел гьечIеб лъугьуна.

БитIараб буго, лъимаде квер борхиялъул нухги лъикIаб гьечIо. Квер борхун гIезабураб лъимадулги психикаялъул иш лъикIаб букIунаро. ТIубараб гIумруялъ гьеб зулму рекIелъги ккун гIола лъимер ва цо къоялъ кинабго къватIибеги чIехьола.

Гьединлъидал, тIубанго бичча-бихъан лъимер теялъ лъикIалде рачунаро. Гьоркьохъеб хIал сундулъго цIунизе ккола. Лъималгун гIемер гаргадизе ва гьез бицунелъухъ гIенеккизе лъазе тIадаб буго. Гьез гьарарабги кинабго гуро тIубазабизе кколеб. Гьезие пайда бугеб тIубала, зарал бугеб баян гьабун, тIубачIого тела.

ГьитIинал лъималазул хасияталдасан ккола жидеего бокьараб жо гIодун, зигардун щвезе тIалаб гьаби. Кинниги цо чанго нухалъ гьезул гIодиялде халгьабичIого эбел-инсуца инкар гьабидал, хадусеб нухалъ гьеб зигардуларо. Гьезда бичIчIула кинабго гьезие бокьухъе букIунареблъи. Хасго гIемер букIуна телефонцин кьолареб лъимералъухъе щуго минуталъцин гьеб кьедал ва цинги нахъе босидал гIодун, зигардун лъимер лъугьиналъул хIужаби. Цинги чанго нухалъ тIокIаб кьечIого тедал, тIокIаб гьаруларо. Кинабго бараб буго нилъедаго.

 

ГIалимчиясул жаваб

Имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Дуда лъай, лъимер ккола Аллагьас ﷻ эбел-инсухъе кьураб аманат. Гьеб лъимадул ракIги, багьа тIокIаб жавгьар ккола, ва кинаб накъищ нилъеца бикIаниги, гьеб гьелъ босула. Гьабураб лъимералъул ракI щибниги лъалкI гьечIеб, бацIцIадаб букIуна. ЛъикIалде гьев ругьун гьавун, битIараб тарбия гьесие кьедал, дунял-ахираталда талихI бугевлъун гьев лъугьина. Гьесул эбел-инсуе ва тарбия кьеялъулъ гIахьаллъи гьабуразе гьесул кинабниги лъикIаб гIамалалъухъ кириги хъала. Амма хIайван гIадин тIалаб-агъаз гьечIого тун, квешал пишабазде гьев ругьунлъани, талихI гьечIевлъун лъугьина ва тарбия кьолезе балагьлъунги вукIина», - ян.

Цебе рехсаралдасан бичIчIула гьабураб лъимер хIадур букIунеблъи квешлъи ва ялъуни лъикIлъи къабул гьабиялде. Кинабго бараб буго эбел-инсуда. Гьез лъимералда жаниб лъураб, гьеб кIудияб гIедал, къватIиб загьирлъула.

Бичасул Расулас ﷺ лъимадуе тарбия кьеялде кIудияб кIвар кьолаан. Гьес ﷺ абуна: «Эбел-инсуца лъимадуе кьезе кIолеб бищун лъикIаб жо битIараб тарбия ккола», - ян (АхIмад, Тирмизи).

Анас бин Маликидасан бицараб цогидаб хIадисалда буго: «Лъималаздехун сахаватго рукIа ва бищун лъикIаб тарбияги гьезие кье», - ян (ибну Мажагь).

Лъимер дагьаб кIудияб гIедал, гьелъие зарал кколел жалаздаса нилъеца гьеб цIунулебго гIадин, гьебго хIалалда, ай жеги гьитIинго бугеб мехалдаго нилъеда тIадаб буго дунял-ахираталда талихIаблъун букIине лъикIалде ахIун ва квешалдаса гьеб цIунизе.

БитIараб тарбия гьитIинго кьуни ва гьеб кIудияб гIедал нилъергоги лъимадулги бетIер унтиги дагь букIина.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

ХIадур Гьабуна Жабир Мажидовас

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб? ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.   ТIадегIанав...


Абу Юсупил эбелалъулгун АбухIанифал ккараб

АбухӀанифал мутагӀил Абу Юсупица абуна: «Дир эмен, Ибрагьим ибн ХӀабиб хвана, дун гьитӀинаб лъимерлъун эбелалда аскӀовги тун. Цо заманалдасан эбелалъ дун хӀалтӀизе витӀана партал хъахI гьарулеб тукаде. ХӀалтӀудаса дун унаан АбухӀанифал дарсазде, амма эбел кидаго хадуй ячӀунаан, дида нахъа...


Жиндир ругъун нахъе хутIулеб

Абугьурайратица бицун буго цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ вачIанин цояв ва абунин: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, цо кинаб бугониги малъа-хъвай гьабе дие», - ян. Абулелъулги гьев чи ццим бахъун вукIинчIо, гIодове виччан вукIана.   Аварагас ﷺ абуна: «Ццим бахъине биччаге», - ян. Гьев чи вукIана жеги...


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


Нужее баяналъе

Бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб сура щиб? – Сура «Тавба» «Табарака» жузалда жаниб чан сура бугеб? – 11 сура Бищун гIемер къокъал сураби кинаб Къуръаналъул бутIаялъулъ бугеб? – «ГIамма» жузалъулъ. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан...