Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Къуръаналда бугеб бищун хирияб аят щиб?

– Аятул «Курси».

  1. Къуръаналда бугеб бищун хирияб сура щиб?

– Сура «ФатихIа».

  1. Дажалидаса цIунулеб сура щиб?

– Сура «Кагьф».

  1. Щиб къоялъ гьеб цIализе хирияб бугеб?

– Рузман къоялъ (ва сордоялъ).

  1. Къуръаналда бищун гIемер такрарлъараб рагIи щиб?

– «Аллагь» абураб рагIи буго. Такрарлъана 2640 нухалъ.

  1. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

– Сура «Залзалат».

  1. Щиб къоялъул цIар кьураб Къуръаналъул сураялъе?

– ЖумугIат абун, ай рузман къо абураб.

  1. Жалут абурав зулмучи лъица чIварав?

– Давуд аварагас.

  1. Щиб сура кколеб жиндилъ щибаб аят «Аллагь» абураб цIар бугеб?

– Суратул «Мужадалат».

  1. Авараг щиб соналъ гьавурав?

– Пилалъул соналъ. Гьедин цIар тана гьеб соналъ Абрагьамица пилазул кумекалдалъун КагIба бихизехъин букIиналъ.

  1. Сура «Муддасир» рещтIун хадуб щиб сура рещтIараб?

– Сура «ФатихIа».

  1. Кинида вукIаго кIалъарав авараг щив кколев?

– ГIиса авараг.

  1. Бищун хирияб тIехь щиб?

– Къуръан.

  1. Къуръаналда бищун гIемер щив аварагасул цIар рехсараб?

– Муса аварагасул.

  1. КьучIаб хIадисазул тIехь тIоцебе данде гьабурав чи щив?

– Имам Бухари.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...