Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Хъизамалде гьоркьое лъугьунге

 

 

 

Цо къоялъ дица васасул яс ясли-ахалдаса ячана нусалдаги лъазабичIого. Дица васасухъе ахIана, амма чIужуялда абизе гьесда кIочон батана. Гьелдаса нахъе дида къанагIат гурони йихьуларо васасул яс. Яслиялъги дихъе гьей кьоларо, дир нусалъ гьезда кьогейин абун букIиналъ. Васасги гьарулеб буго дида жидер хъизамалде гьоркьое лъугьунгеян. Гьаб ахIвал-хIалалда дица щиб гьабизе кколеб?

 

ГI., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

ЧIужугIадан росасе ун хадуб, гьелъул хъизан гIатIилъула. Росасул гIагарлъи загьирлъула. Гьениб кIудияб бакI ккола росасул эбелалъги. Васасул чIужуялъе эбел гIадин йикIине ккола якьад ва гьелъул нус, яс гIадинги йикIине ккола. Гьеб бербалагьиялъ кумек гьабула хъизамалда жаниб цоцада ричIчIи ва адаб-хIурмат цIунизе.

КIвар бугеб жо, якьад йикIине ккола сабру ва бичIчIи бугей. Васасул ва гьесул лъадул гIумруялде гьоркьое лъугьине хIажалъи гьечIо. Рокъосел хIалтIабазе кумек гьабизе ва ургъелги кIварги бихьизабизе лъикIаб букIуна, амма гьоркьое лъугьун тIадецуй гьабуге. Ккараб жо батизе бегьула гIицIго бичIчIунгутIилъун. Гьеб тIубазабизе бегьула ракIбацIцIадаб гара-чIвариялдалъун. КIвар бугеб жо ккола ццим бахъинабичIого кIалъай ва рокьиги ургъелги бихьизаби. ХIинкъуге нужерго хьулазул, анищазул ва ургъалабазул хIакъалъулъ бицине.

Гьеб ахIвал-хIалалъе мухIканаб къимат кьезе кIоларо щивасухъ гIенеккичIого. БичIчIулеб жо ккола дурги дур нусалдаги гьоркьоб бичIчIунгутIиги ццим бахъинги букIин. КIвар бугеб жо ккола гIиллаби ричIчIи ва пикруялде рачIине хIаракат бахъи. ХIажатаб батани, гъалатIазе мукIурлъе ва тIаса лъугьаян гьаре.

МухIаммад Аварагас ﷺ рагIи кьун букIанин, битIун вугониги дагIба тарав чиясе Алжаналъул рагIалда рукъ кьезеян абулеб буго Абу Давудица бицараб хIадисалда.

Бищунго лъикIаб буго сабру гьаби. Васгун ва нусгун кIалъай. Дуда бугеб гIакълу гьезда букIунаро. ГIайиб чIваге, багьанаби ралагьуге. Берцинго кIалъай ва хъизамалъе лъикIабщинаб гьабе.

 

Психологасул жаваб

Щиб лъалеб, дур васасул хъизамалда захIмалъаби ратизеги бегьула. Дур ишаз гьеб хIал захIмалъизабун батила. Гьединлъидал васас яги нусалъ абураб рагIиги ишги цIакъго гIадалъе босуге. Гьеб букIине бегьула гьезул хъизамалъул гьоркьорлъаби лъикIлъизаризе бахъулеб хIаракат.

ГIемерисеб мехалъ дур нусалда ракIалде кколеб батила мун гьезул гIумруялде цIакъго гъорлъе лъугьуней йигин абун. Цо дагьаб заманалъ гьеб гIахьаллъи дагь гьабизе ккола.

Дур вас дудаги чIужуялдаги гьоркьове ккун вуго. Гьеб захIматаб хIал буго. Гьединлъидал бищунго лъикIаб букIуна цо заманаялъ гьел жалгоги тун, гьезул гьоркьоблъи лъикIлъизабизе рес кьей.

Васасул ясалъулгун бухьен гьабизе ккани, дуца васасда абизе бегьула анкьил пуланал къояз духъе гьейгун гьоболлъухъ вачIаян. ХIакъикъаталда абуни, жиндаго лъазе кколаан гьедин гьабизе гьесда. Аслияб жо ккола ккара-тарабги кIочене тун, иш рекъел-маслихIаталде бачин.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...


Кверги кумекги битIарав

Тохтурзаби рукIуна лъабго батIиял: Аллагьас кверчIварал, Аллагьасда мугъчIварал ва Аллагьас жидедаса цIунаял. Гьел ратIа рахъизеги захIмалъуларо, чанцIулго рихьун лъала кинав гьев вугевалиги, гIадамаз хехго мустахIикъаб къиматги кьола. Жакъа гьаниб жиндир бицен гьабулев тохтур, ЛъаратIа...


ГIараб мацI лъаялъул мажлис

Дагъистаналъул исламияб университеталда тIобитIана гIараб мацI лъаялъул мажлис. Гьебги тIобитIана бацIцIадаб гIараб мацIалда. Мажлис тIобитIиялъе гIилла букIана студентазул гIараб мацIалде рокьи цIикIкIинаби, гьезда гьеб лъалеб куцалъухъ балагьи ва гьелде кьолеб кIвар цIикIкIинаби. Мажлисалда...


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...


СУАЛ-ЖАВАБ

Къуръан, махраж гьечIого цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан цIалулеб бугони? МагIна хисуларедухъ, Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан. Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал,...