Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ХIинкъун йиго

 

Кутакалда талихIаб хъизан букIана нижер эбел-эмен ратIалъилалде. Щиб ккарабали лъаларо, гьел ратIалъана. Гьелда хадуб дир рекIелъе хIинкъи лъугьана. Гьале 25 сон буго, амма хъизан гьабизе цIакъ хIинкъун йиго. Гьаризе гIемерал чагIиги рачIун рукIана. Гьале ахирги лъикIаб тухумалъул гIадамал рачIана дун гьаризе. Росасе ун хъизан цIунизе кIвеларин хIинкъун йиго. Щиб дица гьабилеб?

 

Хадижат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Ригьин биххичIого букIине ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рос-лъадуда гьоркьор цIунизе кколел хIукъукъал нилъеда малъун руго. Амма цо-цо захIматаб хIал букIун, гIамал данде ккечIого ригьин биххичIогоги хутIуларо. Рос-лъадуе ригьин биххи захIматаб жо буго, амма лъимал ратани, гьеб захIмалъи кIицIул цIикIкIуна.

Эбел-эмен кидаго рокъор къацандулел ругони, гьитIинаб лъимадул жеги къвакIичIеб психикаялъе кутакаб зарал букIуна. Гьединал захIмалъаби дудаги рихьун руго. Амма Аллагьасда ﷻ цебе битIараб иш тIаса бищиялъе пардавлъун гьеб лъугьине бегьуларо. Аварагасги ﷺ абун бугелъул: «Жиндир диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи яс гьарун вачIани нахъчIваге. НахъчIвани ракьалда балагьал ва пасалъаби тIиритIила», - ян. (Тирмизи)

Цогидазде дандеккун, хъизан би-ххичIого букIине хIалтIизарулел алатал, къагIидаби хIалбихьиялдалъун дуда лъикI лъала. Цоги нухалъ цIидасан лъикI ургъе ва дуе лъикIлъи бокьаразулгун рукъалде иналъул суал дандбай. Цинги росасул разилъи тIалаб гьабун, хъизан биххиялде рачунел гIиллабаздасаги цIунизе хIаракат бахъе.

Абу Гьурайратидасан бицана кинай лъади бищун лъикIай йигейилан аварагасда ﷺ гьикъидал, гьес ﷺ абунин: «Жиндихъ валагьидал рос вохулев, амру гьабидал гьеб тIубазабулей, жийго бетIергьанаб боцIи-мал хвезабиялъулъ ва гьесие бокьулареб гIамал гьабун данде яхъунарей», - илан. (АхIмад)

 

Психологасул жаваб

ГIурусазул аби буго: «Обжёгшись на молоке, и на воду дует», - ян. Гьединаб хIинкъи рекIелъе бачIиналдаса цIунизе ккола нилъ. Дур эбел-инсуда гьоркьоб ккаралъ кьоларо магIна киназулго гьедин букIунин абураб. Киналго гIадамал гIамалалъул рахъалъ цоцада релълъараллъун рукIунаро. Гьединлъидал эбел-инсуда гьоркьоб ккараб дургун росасулги гьедин ккезе рес бугин абураб жоялъе щибниги аслу ва гIилла гьечIо. РекIелъе рачIунел гьединал хIинкъабаз гIумрудул рахIат хвезабула. ГьабсагIаталъ росасе ине хIинкъарай мун дагьаб нахъа мунго цохIо хутIиялъулъги хIинкъизе йиго. Цинги тохлъукьего гIамал мекъав чиясе росасе инеги рес буго. Лъазе ккола дургун росасул гIумруялъул талихI эбел-эмен ратIалъиялда бараб гуреб, дуда бачине лъаялда бараб букIунеблъи.  Ригьин биххиялда кидаго хIинкъун йикIиналъ мун ячуна росасдехун щакдариялде ва кидаго гьес гьабулелда хъаравуллъи гьабиялде. Гьединаб рукIа-рахъиналъ росасул бадиб дур къимат бортизе ва квешаб гьоркьоблъиялде рачине рес буго. ТIадеги, гьесда аскIой мун цIунарайлъун, талихIайлъун йикIин бихьизабуни, гьес дур адабги гьабула ва букIине кколеб хIалалда хъизамги бачуна.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...