Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъималазул ракI хвараб жо ккеладай...

 

 

Нижер руго гIурал лъимал. Васас кватIичIого чIужу ячине йиго. Гьесие рукъ босизе ракIалда буго. Гьеб хабар ясалда рагIидал, гьелъ абуна: «Диеги рукъ босизе батила нужеца?» - ян. Гьей жеги рукъалде ун гьечIо, нижеда цадахъ гIумру гьабулей йиго. Гьелъие кIвараб кумек гьабизе ракIалда буго, амма рукъ босизе рес гIелищали лъаларо. Гьедин абидал, гьелъ абуна кидаго жий нужеца гьоркьой толин абун. Гьеб хабаралъ ниж гIажаиблъизаруна. Щиб нижеца гьабилеб?

 

Шагьрудин, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Лъималазда гьоркьоб сундулъго ращалъи цIунизе ккола. РукIуна цо-цо лъимал, цогидазде дандеккун, гIамалалъул, лъаялъул ва гIенеккиялъул рахъалъ эбел-эмен рохизарулел. РукIуна гIенеккуларел, эбел-инсул ракI бакъвазабулел. Гьединаб мехалъгицин нилъер ихтияр гьечIо цо лъимер цогидаб лъимералда цебе хIакъир гьабизе. ГIадлу гьабизе ккола, амма сайгъатал цоялъе кьун, цогидаб какун рукIине бегьуларо.

Аварагас ﷺ абуна: «Нуж лъималаздехун ритIухъаллъун рукIа, ритIухъаллъун рукIа, ритIухъаллъун рукIа», - ян. Гьедин лъабго нухалъ такрар гьабуна.

Кинниги гьелъ магIна кьоларо эбел-инсуца ккаралъуб лъимералда тIад гIарац хвезабизе бегьуларин абураб. ХIажалъи бихьун хвезабизе ккола. Масала, лъимал гьитIинго рукIаго цIияб ретIел босизе эбел-инсул рес гьечIолъиялъ чIахIиязул ретIел гIисиназе тола. Ялъуни лъимал кIудиял гIедал, гьел цIализаризе, хIалтIуде лъугьинаризе хвезабизе ккола гIарац. Гьелъул щибго къварилъи гьечIо. Эбел-инсуда лъала щибаб лъимадул хIал. КIвараб хIалалъ рекъезабизе ккола. Бищун кIвар бугеб ккола щибаб лъимадуе эбел-инсул рокьиги, бербалагьиги, недегьлъиги, рес букIун, бащадго щвей. Гьединлъидал лъималгун гIемер гаргадизе, гьезие насихIат гьабизе ккола эбел-инсуца.

Ясгун кIалъазе ккела. Кутакалда гьей йокьулеблъи бице ва чIужугIадан гьаб ракьалда йижун йигин, кида-къадниги росасеги ун, гьесул рокъоб гIумру гьабизелъунин абун бицине ккела. Эбел инсул лъималаздехун бугеб рокьи, жидеего лъимал гьарун хадуб гурони букIине кколеб хIалалъ гьезда бичIчIуларо. Дур ясалъе лъимер гьабидал бичIчIила дур гьелдехун бугеб рокьи.

 

Психологасул жаваб

Ясалъул гьеб гIамал цо къоялда жаниб лъугьараб жо гуро. Рес буго цебегоялдаса нахъе гьей хIакъир гьаюлей йигин абураб жо гьелъул рекIелъ букIине. Гьединлъидал гьеб суалалдехун цIикIкIун кIвар кьезе ккела. ГьабсагIаталда гьелде рагъун щибго хисуларо, тIадеги хIал квешлъизе буго. Сунца гьей гьелде ячараяли балагьизе ккела. Эбел-инсуда лъачIониги лъималазда квеш букIуна жийго гуреб цогидаб лъимер беццулеб мехалда. РукIуна цо-цо эбел-эмен, кIарчанлъи гьабун, цояб лъимадул цебетIей халлъулеб ва цогидаб лъимер кIвар кьечIого толеб.

Рес буго вацасулгун яцалъул гIамал данде кколарогоги батизе. Гьезда жаниб цебего батизе рес буго нужедацин лъалареб къец, цинги вацасе рукъ босидал къватIибе загьирлъараб.

Кин бугониги гьеб суал тIубаялда тIад хIалтIизе ккела.  Берцинаб хабар бицани, бичIчIичIого букIинаро. Вацасе чIужу ячинелъун рукъ къваригIунеблъи гьелда жиндагоги лъалеб батула. 

 

х Iадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...