Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ГIайибал чIвала

 

Рокъоб эбел-инсуца кидаго гIайибчIвала малъун гурони хIалтIи гьабизе лъаларинги абун. Амма дунго лъикIай лъугьун щиб бугониги гьабизе лъугьиндал какула, гьеб моцIалъ цебего гьабизе кколаанинги абун. Кидаго цоги батIиял ясалги мисалалъе рачуна, гьел реццула. Амма гьел гIадин къачIадизе дунги бегьиларищин абидал, «гьел кьурулъа кIанцIани, мунгийищ кIанцIилейин» абула. БадирчIваял чIалгIун руго дида. Унго, дун квешай ясищха кколей?

 

Шамай, Хасавюрт район

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  рикIкIун рагIалде рахъунарел нигIматал кьун руго нилъее. Гьезул бищун тIадегIаналги Аллагьас ﷻ  нилъее кьурал лъимал ккола.

Гьезул къиматги гьел гьечIезда цIикIкIун лъала. Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  цIех-рех гьабизе буго эбел-инсуда аманатлъун нужее кьун рукIарал лъималаздехун кинаб бербалагьи гьабурабилан абун.

Гьединлъидал, тIоцебеб иргаялда, эбел-инсуца кIвар кьезе ккола лъималазе тарбия кьеялде, гьезда малъизе ккола адаб.

Лъималазулгун гьоркьоблъи гьабулелъулги, эбел-инсуца гIурхъи цIунизе ккола. ЦIакъго къвакIизабуни, нилъедехун бугеб гьезул божилъи хвезе рес буго ва хадубккун цо щиб бугониги нилъедаса бахчизе лъугьуна гьел.

ЦIакъго тамахлъани, бокьараб гьабизеги байбихьула. Гьединлъидал гьоркьохъеб хIал цIунизе хIаракат бахъила.

Жалго лъикIал лъугьун лъималаз кинаб бугониги хIалтIи гьабун батидал, реццила, кигIанго цIакъ нилъее бокьухъе гьабун батичIониги. Гьединаб мехалда гьезулги жавабчилъи цIикIкIуна. Гьелъул гIаксалда, рагъун цинги семун кIалъалел ругони, божунгутIи бижизабула.

Гьелдаго цадахъ лъималазги цIунизе ккола эбел-инсул хIакъал. Гьезул бищун кIвар бугебги ккола, чIахIиязухъ гIенекки, малъараб гьаби. Эбел-эмен мекъи ругин кканиги, гьезухъ гIенеккиялда жаниб баракат букIуна.

Нижеца абулеб гьечIо эбел-эмен кидаго ритIарал рукIунин абун. КIиябго рахъалъухъ гIенеккидал гурони хIакъикъат лъаларо. Гьеб хIалалъулъ нижеца киналго ахIула сабруялде. Эбел-инсул бадибчIваялъухъ ялъуни тIалаб-агъаз гьечIолъиялъухъ гьелгун дагIбадизе бегьуларо. Эбел-инсул разилъи - Аллагь ﷻ  разилъи кколелъул, хIаракат бахъе гьел рохизаризе, гьезул мурадал тIуразе.

 

Психологасул жаваб

Гьаб суалалдасан бичIчIулеб буго гIумрудул балугълъиялъул соназде мун яхун йикIин. Гьеб гIужги ккола чIахIиязул пикру гIадахъ босичIого, жал битIарал ругин ракIалде кколеб мех.

Нилъее гьабураб малъа-хъвай къабул гьабизе ругьунлъизе ккола. ГIайибчIвалеб мехалда цо-цояз дагьаб хъачIлъи биччала. Амма гьеб гуро ургъунго гьабулеб иш. Гьеб буго тарбия кьеялъул къагIида лъангутIи. Гьединлъидал эбел-инсуе берцинго жаваб гьабизе лъани, гьезул дудехун бугеб бербалагьи хисизе буго.

Хадусеб нухалда эбел-инсуца гIайибчIвайдал, данде жаваб кье берцинго, адабалда. Гьеб мехалда дудаго бихьила кинабго хисулеб куц. Масала, гьез «цебего гьабизе кколаанилан» абидал, ццин бахъинчIого, берцинаб хIалалда абе «дидагоцин лъаларин кин дихъа гьеб гьабичIого хутIарабали. Хадубккун мухIканго гьабизе хIаракат бахъилин» абун. Дуца гьедин абидал, гьезулги ракIал хIеккине руго ва хадусеб нухалда гьабулеб каламги хIеренаб букIина.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...