Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

 

Щиб дица гьабилеб?

 

Бицинего намусаб бугониги, тIалаб гьабичIого рес гьечIо гьадинаб суалалъе жаваб. Росас жимагI гьаби тIалаб гьабулеб буго хIарамаб нухдасан, ай нахъисеб рахъалдасан. Гьеб масъала сабаблъун кколеб буго дагIба-рагIи.

КъватIибе рагIизего сурараб жо гьечIищ гьеб? Щибин абун росгун ятIалъилей? Гьеб гьаби тIалаб гьабулев росасда аскIойги кин чIелеяли лъаларо.

Щиб дица гьабилеб?

 

Аминат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьеб суалалъе жаваб кьелалде абила, рос-лъадуда хурхарал киналго суалазе исламалъ мухIканал жавабал кьун ругин абун. Руго гьукъаралги ва гьединго бегьизаруралги гьоркьорлъабазул къагIидаби. Гьелдаго цадахъ руго гьаризе гьукъарал, хIарамал жалги. ШаргIалъ рихьизарурал ва изну кьурал къагIидаби хIалтIизаризеги ккола рос-лъадуца.

ШаргIалъ хIарам гьабун буго гьукъараб нух хIалтIизабун жимагI гьабизе ва гьеб гомосексуализмалда релълъинеги гьабун буго. Ибну Сириница хъван буго: «Болъоназ ва хIамуз хутIун хутIарал хIайваназцин гьеб гьабуларо», - ян.

Хирияв Аварагасги ﷺ абуна: «НагIана буго лъадул дубуралда (нахъисеб рахъ) жимагI гьабулев чиясе», - ян. (Абу Давуд)

Аварагасул ﷺ цогидаб хIа-дисалда буго: «Дубуралда ва хIайиз бугеб мехалъ жимагI гьабиялдаса нуж рикIкIалъе», - ян. (Тирмизи)

Дубуралда жимагI гьаби гьукъиялъе нугIлъи гьабула гьал хадусел хIадисазги: «Къиямасеб къоялъ Аллагь ﷻ валагьуларо жиндирго чIужуялъул нахъисеб рахъалда гьоркьоблъи гьабурав чиясухъ» (АхIмад, Абу Дауд). «НагIана батаги чIужуялъул нахъисеб рахъалда гьоркьоблъи гьабурасе» (Ибн Мажагь, АхIмад).

Жеги, Абу Гьурайратидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Лъадул нахъисеб рахъалда жимагI гьабулесухъ Аллагь ﷻ валагьуларо», - ян. (Ибну Мажагь)

Гьел ва цогидал хIадисаздасан баянлъана дубуралда жимагI гьаби кIудиял мунагьаздасан букIин.

Ункъабго мазгьабалъул имамзабиги ва киналго гIалимзабиги тIадрекъана гьеб хIарамаб пиша букIиналда.

Росас лъадуда дубуралда жимагI гьабизе тIалаб гьабулеб батани, гьелъ гьеб тIалаб тIубазабизе бегьуларо. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Махлукъалъе мутIигIлъи гьечIо Халикъасе гIасилъиялдалъун», - абун. (АхIмад, ХIаким)

Росас хIал ялъуни зулму гьабулеб бугони, гьеб суал имамасухъе борхизеги ккела.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Ригьнал аслияб принцип ккола цоцаздехун адаб-хIурмат гьаби ва цоцаздаса разилъи. Исламалда рекъон, рос-лъадуда гьоркьоб гьабулеб бокьараб иш букIине ккола къотIи-къайги гьабун, я черхалъе, я пикруялъе зарал ккезе бегьулареблъун.

Дур росас хIал гьабулеб батани, кIвар бугеб жо ккола гьесда хIеренго ва адаб-хIурматалда гьеб дурго хасал божилъиязда данде кколареб букIин гуребги, диналдаги гьукъараб букIин лъазаби.

ХIаракат бахъе гьесулгун гара-чIвари гьабизе дур рекIел хIалги инкарги иманалда бан букIин. Нагагьлъун гара-чIвари гьабизе захIмалъулеб батани, гьеб суал имамасухъе борхизеги ккола.

 

Тохтурасул жаваб

Медицинаялъул рахъалдасан борцани, нахъасан жинсияб хурхен гьабун жимагI гьаби цIакъ заралияб жо буго.

Нахъисеб рахъ жинсияб гьоркьоблъиялъе бихьизабун гьечIо. Гьениб жимагI гьабиялдалъун слизистияб оболочкаялъе зарал ккола, кьватIелал, гьорой ва батIи-батIиял унтаби лъугьуна. Гьелде тIадеги, гьеб тайпаялъул гьоркьоблъи гьабиялъ гIемерго цIикIкIинабула инфекциял тIиритIи, гьезда гьоркьор руго ВИЧ, гепатит ва папилломавирус гIадал хIинкъи бугел унтаби.

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...