Гьикъизе нечараб бицине намусаб
Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Экономия гьабизе кколеб буго
Росасе инго щай дие букIараб! Цебе, щвараб гIарцуде диего бокьараб босулаан, ай кинабго гIарац дидаго тIад хвезабулаан ва лъицаниги гьукъулароан. Гьанжейин абуни, экономия гьабизе кколеб буго. ТIубараб къоялъ рокъой йикIуна квен-тIех гьабулей, ретIел чурулей. Росги кватIун гурони рокъове вачIунаро ва гIемерисеб мехалда кьижун вукIуна. Росгун цадахъ кирего къватIиреги рахъунаро. Ахираб заманалда гIемер пикру гьабула, рос гьечIого лъикI букIанин, щай дие гьев къваригIун вугевин абун.
Заира, Гъизляр
ГIалимчиясул жаваб
Ригьин гьаби ккола хирияв Аварагасул ﷺ суннат. ЧIужугIаданалъеги жиндирго къартI ва дин цIуниялъул нияталда росасе ине лъикIаб буго. Амма мунагьалде ккеялда хIинкъи бугони, росасе ине тIадаб букIуна.
Дур суалалъе битIараб, мухIканаб жаваб щвезелъун кIиялго имамасухъе ине ккела. ГIемерисеб мехалда гьединал пикраби руччабаз гьарула росасдасаги ратIалъарал ялъуни жеги росасего инчIел гьудул-гьалмагъзабаз мекъал малъа-хъваязул хIасилазда.
Росас дуе хIажатаб чIезабулеб гьечIони, тIоцебесеб иргаялда, гIилла лъазабизе ккела. Гьелдаго цадахъ лъазе ккела ригьин гьабиялъул аслияб мурад ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъи. Гьединлъидал, рос-лъадуца цоцазул захIмалъи баччарабгIан Аллагьасул ﷻ рахъалъан жазаъги кIудияб букIуна.
Ригьиналъ инсан къваригIел гьечIелдаса цIунула, иман щула гьабула. Аллагьасул ﷻ рахIмат рещтIараб хъизамалда кинаб бугониги гъалатI ккедал, гIайиб щивасда букIуна, ай гьез цоцазда гIайибал чIвачIого, жидерго напс гIайибияблъун рикIкIуна.
ТIадегIанав Аллагьас ﷺ Къуръаналда абун буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялда тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее руччаби рижун рукIин, нужерго жинсалдаса. Нуж руччабаздехун ракI парахалъун, гьелгун цадахъ хIалрекъон рукIине. Аллагьас ﷻ нужеда гьоркьоб цоцадехун гурхIел ва рокьи-хинлъиги гьабуна. Гьаб рехсараб жоялъулъги Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялда ва Гьев жив цогояв Халикъ вукIиналда тIоритIел гьабулел гIаламатал руго пикру гьабулел ва жо бичIчIулел гIадамазда», - ян. (Сура «Ар-Рум», аят 21)
ХIава-эбел йижана Адамил хьабалухъгIучIалдаса, цинги хадусеб наслуги гьел кIияздасанго бижана. Бихьинчиясе чIужулъун жундузул ялъуни малаикзабазул гIадан гьаюн йикIарабани гьел кIияздаго гьоркьоб камилаб хIалрекъей ва рокьа-хинлъи букIинароан. КIиго батIияб аслуялдасан бижараб жоялъул хIалрекъей ва дандеккей букIине рес гьечIо. Аяталда бицухъе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасул рекIелъ гьаб гурхIел ва рокьа-хинлъи бижун букIинчIебани, цо жинсалдасан ругониги бихьинал ва руччаби цоцазда аскIор чIолел, рос-лъадилъун рукIинароан.
Росасда йигеб гIумру захIмалъулеб батани гьеб бигьа гьабиялда тIад ургъизе ккела. Исламалъ нилъ кидаго ритIухълъиялде ахIула. ЧIужуялъулго гIадин росасулги букIуна хъизан-агьлуялдехун тIубазе кколеб хIакъ. Данде кколеб заманги балагьун, гьевгун гIодойги чIун, кIалъазеги бегьила. ТIубараб моцIалъ киего яхъинчIого рокъой гIодой йикIин захIмалъулеб букIин гьесдаги берцинго бице.
Гьединлъидал, гIадада гуро абулеб сабру Алжаналъул кIул бугилан. Сабруги гьабун, Аллагьасда ﷻ гьарун, росасе лъикIаб дугIаги гьабе ва гьесдехун бербалагьиги хисе. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.
Психологасул жаваб
Дур суалалдасан бичIчIулеб буго росасе ун хадуб бугеб гIумру захIматаб букIин. Гьебги гIажаибаб жо гуро. Инсанасе жиндирго жаваб кьун вукIине бигьаяб буго цогидав чиясулгун цадахъ жаваб кьезегIан. Гьединлъидал дуда ракIалде ккезе рес буго гьеб ригьиналъе гIоло мунго къурбанлъун гьаюнин абун. БичIчIизе ккола, гьединал ургъелал гIемерисезул рукIунеллъи. Хасго гьедин ккола лъикIаб ва бигьаяб гIумру гьабун йикIараб, бечедаб хъизамалъул яс рукъалде иналдалъун. Гьелъул анищазда цояб, амма хIакъикъаталда цогидаб ккараб мехалъги захIматаб гIумру бугилан ккола. Гьеб кинабго буго заманалъ тIаса инабулеб жо. Нилъедасаго квеш гIумру гьабулезухъ балагьидалги гьединаб суал цо-цоязул тIаса ккола.
Мунги балагьизе ккела гIолорого щиб бугебали. Дур мугъчIвалеб бакI рос вугелъул, гьесда дандбазеги ккела кинабго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ руччаби бихьаназдаса загIипаллъун рижун ругелъул, дурго бугеб къварилъиги хIалги бициналъулъ щибго бегьулареб жо гьечIо. КIвар бугеб жо ккола нужер кIиязулго хабар дандеккей. Мех-мехалъ цадахъ заман тIамизе кколеблъиги бицине бегьила. ЦIакъго свакан рокъове вачIаниги, цадахъ гIодорчIун чай гьекъеялъцин гIемераб жо данде бачуна. Гьоркьоблъи лъикI гьабиялда тIад ургъе. Хьул буго, заман гьоркьоб индал, нужер гIумруги мухъде бачIине батилин абураб.
ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас
Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул
жаваб кьела гьаб гьумералда.
ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!