Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кинго кIолеб гьечIо рехун тезе

 

Школалда цIалулеб заманалдаса нахъе хъалиян бухIула дица. Цадахъ рукIарал гьудулзабаздасан ругьунлъана дунги гьеб квешаб пишаялде. Гьанже дун вуго 35 сон барав чи. Чанго нухалда хIалбихьана гьеб рехун тезе. Амма дагьабго ургъел ккедал, квер жибго уна хъалияналде цIан. Гьеб тезелъун спортзалалде хьвадана, хъалиян бухIулезда цадахъ чIечIого вукIине жигар бахъула. Кинго кIолеб гьечIо заралияб иш тезе. Щиб дица гьабилеб?

 

Гъази, Буйнакск

 

 

ГIалимчиясул жаваб

Хъалияналъул бугеб зарал киназдаго лъала. Гьеб сабаблъун санайил ракьалда тIад 8 миллионалдаса цIикIкIун чиги хола. Гьеб бухIулезги бицуна гIемер хIалбихьанин тезе, амма кIолеб гьечIин абун. Гьоркьехун рехселин хъалиян тезе кумек гьабулел сабабал.

  1. РакI-ракIалъ тавбу гьабила Аллагьасде ﷻ гIассилъаралъухъ. Гьабуралда ракI бухIун, тIокIалъ гьеб мунагьалде вуссинарин абун щулияб ният гьабила. Хъалияналъухъ кьураб гIарац гIадада хвараблъун ккола. ХIакъикъаталдаги нилъ кколел руго унти ва Аллагьасул ﷻ ццин бахъин бичун босулеллъун. Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца боцIи-мал хвезабе Аллагьасул ﷻ нухда. МагIишатги гIадада хвараблъун, жиб гьалаглъулеблъун гьабуге», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 195)
  2. Зам-замалъул лъим хIалтIи-забила. Зам-замалъе сипат гьабулаго Аварагас ﷺ абуна, кваница гIадин гIорцIизавулин гьелъ ва гIемерал унтабазе дарулъунги чIолин абун.

Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Зам-зам сундуе гьекъон батаниги гьелъие букIуна», - ян. Хъалиян цIазе ракIалде кканщинахъе, гьеб тезе ниятгун, зам-замалъул лъим гьекъела, цинги Аллагьасда ﷻ гьарила гьеб мунагь тезе къуват кьейин абун.

  1. ГIемер сивак хIалтIизабила. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Сивакалъ кIал бацIцIад гьабула ва Аллагьги ﷻ рази гьавула», - ян (Ан-Насаи). Хъалиян бухIизе ракIалде кканщинахъе сивак бахъила.
  2. Хъалиян ракIалде щвезабулеб кинабго жоялдаса рикIкIалъила. Хъалиян цIалезда аскIов вукIинаро. Рокъоса къватIиве вахъина гьава бацIцIадаб бакIалде, жамагIат-какде мажгиталде хьвадизе гIамал гьабила.
  3. ЯхI-намус батун сабру гьабила. ЦIидасан хъалияналде вуссиналъ жеги цIикIкIун зарал щолеблъиги кIочене биччаларо. Сабру гьабуралъухъ Аллагьасул ﷻ разилъи хIасуллъула.

 

Психологасул жаваб

Хъалиян цIай ккола цIакъ гIемерал гIадамазда гьоркьоб тIибитIараб квешаб гIадат. Бищун лъикI хъалиян бухIулев чи мекъи кколеб бакI буго гьесда ракIалде ккей гьеб квешаб гIамал тезе кIвеларин абун. ХIакъикъаталдаги тезе кIунгутIи гуреб бугеб гьелъие гIилла, гIилла буго тезе бокьунгутIи. РекIелъ щулияб ният гьечIеб мехалъ напсалъ бергьенлъи босула. Хъалиян бухIулес гьеб, гIемерисеб мехалда, бокьун гуреб бухIулеб, гIадатлъун билълъун букIиналъ бухIула.

Кванан хадуб бухIула хъалиян, туалеталде аралъубги бухIула, цояв вачIинегIан чIаралъубги бухIула, гьалмагъас бухIидалги бухIула, цо квешаб лъугьа-бахъиналда хадубги бухIула, нерваби гIодоре руссинелъунги бухIула. Кинаб гIилла тIаде бачIаниги ругьунлъун вукIуна хъалиян къватIибе бахъизе.

Бищун кIвар бугеб ккола тIоцебесеб кIиго-лъабго анкь. Гьеб заманалда жаниб яхI гьабуни, хадуб бигьалъула. Гьебги гIазабалъул заманлъун рикIкIине бегьуларо. ТIадеги, Аллагьасе ﷻ щукру гьабизе ккола гьеб квешаб пишаялдаса мун рикIкIалъизавуралъухъ. Цо-цо жагьилзабаз цойидасанго рехун тезе бегьуларин абураб жоялдеги гIин тIамиларо. Инсанасул чорхое щибго хIажалъи гьечIо хъалияналъул.

Цоги, хъалиябазда тIад хвезабулеб гIарцул хIисаб гьабила. Гьелда тIад хвезабулеб гIарцухъ цогидаб, ай пайдаяб жо босизе ресги букIун, мунагь гьабиялда тIад гIарац хвезаби ахIмакъаб иш буго.

 

ХIадур Гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...