Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Вас спорталде кин гьесизавилев?

Дир васасе бокьулеб гьечIо спорталде машгъуллъизе. ТIубараб къоялъ гьев я компьютералда нахъа яги тIахьал цIалулев вукIуна. ЦIакъ загIипав чиги вуго. Дун хIинкъун йиго кIудияв гIедал гьесул сахлъи хашаб букIинин абун. Киндай гьев спорталде гьесизавилев?

ПатIимат, Шамил район.

ГIалимчиясул жаваб

Нилъер диналъги спорталде кIудияб кIвар кьола. Спорталде гьесизарулел хIадисалги руго. Лъим ххазе, хеч речIчIизе, варани, чу бачине лъимал ругьун гьареян абураб хIадисги буго. Эбел-инсуда лъазе ккола лъимер гьезул рагIад букIин. Умумузул гIамалалъгIан гьезие асар гьабулеб жоги цоги букIунаро. Спорталде лъималазул рокьи бачIине ккани, цин нилъго рукIине ккола гьеб бокьулеллъун ва кинаб бугониги спортияв тайпа билълъанхъизабулеллъун.

Радал рахъун зарядка гьабигицин лъикI буго. ЧIахIиял гIадин лъимал ургъуларо хадуб букIине бугелда тIад. Гьединлъидал, берцинаб мацIалдалъун ва мисалалдалъун бихьизабизе ккола спорталъ гьесул цогидал ишазе квалквал гьабуларелъи. ГIемер бицине ккола спорталъул бугеб пайдаялъул ва ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ загIипав лагъасдасаги къуватав вокьулеблъиялъул.

Аллагь ﷻ кумек гьабеги.

Психологасул жаваб

Цого жо гIемер абулеб ялъуни малъулеб бугони, гIадат буго гьеб рихунеб. Дуца абуралде данде жавабги батула васасул. Цебе букIарабги кIочене тун, байбихьизе ккола батIияб куцалда гьесулъ спорталде рокьи бижизабизе. ГIемер гьев цIалдолев ватани, спорталдасаги цIали цебе гьабулеб батизе бегьула гьес. Сахлъиялъулги, гIолохъанго вукIиналъ, ургъел гьабулеб батуларо гьес.

ГIемер компьютер хIай ялъуни тIахьал цIали батизе рес буго гIадамазда гьоркьов вукIине гьесие бокьунгутIиялда яги жиндаго ракIчIунгутIиялда барабги. Лъималгун кIалъазе ккола, эбел-эмен гIадин гуреб, гьезул гьудулзаби гIадин. Кидаго гьезде рагъулел ругони, нилъеда гьез щибго бицунаро ва гьерсал рицине байбихьула.

ГIайибал чIвачIого, берцинго хIал рекъезабизе ккола. Цинги, гьудулзабилъун нилъ рихьидал, байбихьула гьез нилъергун ургъел бикьизеги. Зама-заманалда гьевги вачIун тира-сверизе ина. ГIадамал рекерулел ялъуни футбол хIалел бакIазде цIикIкIун хьвадила. Спорталде рокьи бижизабиялъе нилъецагоги мисал бихьизабила. Амма хIал гьабун гьел спорталде машгъул гьаризе лъикIаб гьечIо ва гьедин гьабизе бегьуларо.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.


Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян. Тафсир гьабулез абулеб буго гьеб батулин белъун кванараб пер, махI букIинчIо букIине.   «Ахирисеб кванараб квен...


ГӀусманиязул империялда рамазан моцӀ

Ахирал соназда турказул тарихиял сериалазухъ ралагьулел ракьцоязул къадар тIадеялдаса-тIаде цIикIкIунеб буго. ГIемерисез бицуна Эртугрулил, ГӀусманил, МехӀметил ва ГӀабдулхӀамид КIиабилесул хIакъалъулъ.   ГӀусманиязул империялъул турказги кӀвар кьечӀого течӀо рамазан моцӀ. ТӀаде щолеб...


Жакъаго пайда босе

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гIемерал сайгъатал кьун руго. Гьезие гIоло нилъеца БетIергьанасе реццги гьабун, рихьизарураб гьабураб куцалда гьел хIалтIизаруни, щивасе дунялалдаги ахираталдаги кIудияб пайда щвела.   Бокьараб нигIматалъухъ инсанас ТIадегIанав Аллагьасе шукру гьабуни, Гьес...


Къабуллъизе ккани

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго Гьесда гьареян ва гьарараб къабул гьабизе бугилан. Амма бусурбанчиясул щибаб ишалъул руго шартIал, суннатал, бегьулел ва хIарамал жал.   ДугIа къабуллъиялъе руго рихьизарурал бакIал ва заман. Гьедин гьабурасул дугIа къабуллъиялде цIикIкIун хьулги...