Аслияб гьумералде

ХIеж – тIалъиялъе хIикмат

ХIеж – тIалъиялъе хIикмат

ХIеж ккола исламалъул анлъабилеб аркан. Сахлъиги боцIи-малги бугесда тIалъула гIумруялда жаниб цо нухалъ паризаяб хIеж борхизе. Щивав бусурбанчиясул гьениве ине ниятги хивалги букIуна. Гьелда жаниб гIемераб пайдаги буго. Гьеб гIибадат ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кIудияб кири хъвалеблъун, мунагьал чурулеблъун. ХIарамалъул мажгиталда цо бараб какалъулъ нусазарго кири щолинги буго.

 

ХIеж тIалъиялъе чанго хIикмат буго

Абул Гьуда Шайхица абуна: «ХIеж гьабулелъул гIадамал цоцазда лъала. Умматалъул щиб хIал бугебалиги лъала. Цоцазухъ балагьиялдаса бусурбабазе баракатги щола», - ян.

Адам аварагас КагIба байдал, ТIадегIанав Аллагьасда абула: «Щибаб гIамалалъухъ Дуца кири хъвала, дир гIамалалъухъ щиб кири бугеб?» - ян. БетIергьанас абула: «Дуца тIаваф гьабидал, Дица дур мунагьал чурила», - ян. Адам аварагас абула жеги цIикIкIинабеян. Аллагьас ﷻ абула: «Дица КагIба дуе ва дур лъималазе къиблалъун гьабила», - ян. Адам аварагас абула жеги цIикIкIинабеян. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «ТIаваф гьабулезул Дица мунагь чурила», - ян. Адам аварагас абула гьеб гIелин абун.

Халиф ГIумар ибн ХатIабица абуна: «КагIба-рукъалде щвезе гурони тIокIаб къасдги гьечIого хIежалда тIаваф гьабуни, мунагьаздаса вацIцIалъула эбелалъ гьабураб лъимер гIадин», - ян. КагIба ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ киналниги рукъзабаздаса жиб тIаса бищараб, кIодо гьабураб рукъ.

Киназулго суал букIуна хIеж къабул гьабураблъи кин лъалебин абураб. Гьелъие жаваб гьабуна кIудияв табигIун ХIасанул Басрияс.

Гьесдаги гьикъула хIеж къабул гьабураблъи кин лъалебилан абун. Гьес жаваб гьабула ахираталде хьулги лъун хIежалдаса вуссиналдасан лъалин абун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...