ЦӀикӀкӀинабулеб ва бацӀцӀад гьабулеб
ЗакагӀат кьей ккола щивав бусурбанчиясда тӀадаб иш, шаргӀалъ чӀезарурал хасал шартӀаздалъун. Гьел шартӀал лъангутӀиялъ гьеб кьеялдаса эркен гьавуларо бусурбанчи.
ЗакагIаталъул баян
ГӀараб мацӀалда «закат» абураб рагӀи бачӀун буго «закка» абураб глаголалдаса. Гьелъул магӀнаги ккола «цӀикӀкӀинабизе» абураб. Гьеб глагол хӀалтӀизабизе бегьула, масала, «даран-базар цӀикӀкӀана» абураб рагӀабазул дандраялда. «Закат» абураб рагӀи хӀалтӀизабула «рацӀцӀалъи» абураб магӀнаялдаги.
ТӀадегӀанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «ТалихӀав вуго гьеб бацӀцӀад гьабурав чи», - ян (сурат «Ащ-Щамс», аят 9). Гьаб аяталда «закка» абураб глаголалъ кьолеб буго нафс бацӀцӀад гьабиялъул магӀна. Гьединлъидал, закагӀат кьеялъ гьеб кьолев чиясул боцӀи дагьлъуларо, гьелдасаги гьеб бацӀцӀад гьабула, хӀатта цӀикӀкӀинабула.
Гьелъие гӀиллалъун ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул рахӀмат ва закагӀат босулел бусурбабаз гьабулеб дугӀаялъул баракат гьесие щвей. Бусурбанчияс Аллагьасул амру тӀубазабураб мехалъги Аллагьасул рахӀмат щола.
Аллагьас абун буго: «Дир рахӀматалъ кинабго жо сверун ккун букӀуна, Дица гьеб хъвала Аллагьасдаса хӀинкъарал ва закагӀат кьолел чагӀазе...» («ал-АгIраф» сурат, 156 аят); «Гьезул бечелъиялдаса садакъа босе, гьелдалъун (гьезул мунагьал) чуризе ва гьел рацӀцӀине» («Ат-Тавба» сурат, 103 аят); «Щиб нужеца харж гьабуниги, Гьес нужее бецӀила, хӀакълъунго, Гьев вуго ризкъи бугел гӀадамазул бищунго лъикӀав» («Сабаъ» сурат, 39 аят,); «Жиндирго боцӀи Аллагьасул нухда харж гьабулезул мисал буго ролъул мугьалда релълъараб, гьелдаса анкьго гӀин бижулеб, щибаб гӀиналда жаниб нусго мугьги бугеб, хӀакълъунго, Аллагьас жиндие бокьарасе (ризкъи) гӀемерлъизабула» («ал-Бакъара» сурат, 261 аят).
ГIелмияб терминологиялда рекъон, закат ккола цо хасал тайпабазул мал-мулкалдаса кьезе тIадаб хасаб бутӀа, рукIине кколел шартӀазда, хасал категориязул гӀадамазе кьезе тӀадаблъун гьабураб.
ЗакагIаталъул даража
ЗакагIат ккола исламалъул бищун кӀвар бугел хӀубазул цояб. ТӀадегӀанав Аллагьас абун буго: «Дуца какги бай, закагӀатги кье», - ян («ал-Бакъара» сурат, 43 аят). Гьединаб амру Къуръаналда лъабкъоялда анцӀгоялдаса цӀикӀкӀун нухалъ такрар гьабунги буго.
Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Ислам гӀуцӀун буго щуго рукнуялда: лагълъи гьабизе Аллагь гурони гьечӀолъиялъе ва МухӀаммад Гьесул авараг вукӀиналъе нугӀлъи гьабиялда, ай шагьадат бегьизаби, къол щуябго как бай, закагIат бахъи, рамазаналъ кIал кквей ва хIал кIварас хIежгун гIумра гьаби (Бухари, Муслим).
Аллагьасул Аварагас ﷺ жиндирго гьалмагъ МугIаз Йеменалде витӀулелъул абуна: «...гьеб ишалъулъ гьел дуе мутӀигӀлъани, гьезда бичӀчӀизабе Аллагьас гьезда гьоркьоса бечедал чагӀазда жидерго мискинзабазе садакъа (закагIат) кьезе тӀадаблъун гьабураблъи» (Бухари, Муслим).
Киналго исламиял гӀалимзаби тIадрекъон руго закагӀат кьезе тӀадаб букӀиналда.
Хирияб Къуръаналъул гӀемерал аятазда ТӀадегӀанав Аллагьас рехсолеб буго как байин абураб амруялда хадубго закагӀат кьейги. Халифаталъул тӀоцевесев халифа Абубакар ас-Сиддикъица абуна: «Валлагь, дун вагъизе вуго какги закагӀатги батӀа гьабулезда данде…» (Бухари).
ЗакагIат тIалъиялда щаклъи течӀел шаргӀиял далилал рукӀаниги, гӀезегIан бусурбабаз гьелде кколеб кӀвар кьолеб гьечӀо. Гьез рикӀкӀуна закагӀат кьей цо-цо бусурбабазда хасаб жо, жидеего бокьун гьабулеб сахаватлъиялъул иш бугин абун.
Паризаяб закагӀат кьечӀого чIолев бусурбанчи ккола мунагьал гьарулев такъсирчи. ЗакагӀат тӀадаб букIин лъай тӀибитӀараб бакӀалда гьелде инкар гьабулев чи бусурбанчи гуро.
Имам Нававица Хаттабиясдасан бицана: «Гьеб заманалда закагӀат кьезе тӀадаб букӀиналда инкар гьабурав чи, киналго бусурбабазул разилъиялдалъун, капуравлъун ккола», - ян («ШархIу СахӀихӀул Муслим», 1/205). ХӀафиз ибн ХӀажар ал-Аскъаланица абуна: «ЗакагӀат бахъиялъул парзалде инкар гьабурав чи капурав вуго», - ян («ФатхIул Бари», 3/262).
ЗакагӀат кьеялъул хиралъи
ЗакагӀат бахъиялъул хиралъи лъазе бегьула тӀадегӀанав Аллагьас Къуръаналда как базе амру гьабун хадубго гьеб рехсеялдалъунги. ТӀадегӀанав Аллагьас абун буго: «Нужеца какги бай закагӀатги кье. Нужеца гьабураб лъикӀлъи Аллагьасда аскӀоб батила. ХӀакълъунго, Аллагьасда бихьула нужеца гьабулебщинаб», - ян («ал-Бакъара» сурат, 110 аят).
Гьединго машгьураб жо буго закагӀат исламалъул щуго рукнуялъул лъабабилеб рукну букӀин, цебехун рехсараб хӀадисалда нилъеца цIаларабгIадин. Жеги, паризаяб садакъа цогидаздаса лъикӀаб ва хирияб букIуна, хӀадисалъ гьелде тIоритIел гьабулеб букӀахъе, Аллагьасе бищунго бокьула, Жиндирго лагъзал жидеда тӀадаб жо гьабун Жиндихъе гӀагарлъараб мехалъ.
Цо нухалъ пуланав чияс Аварагасда ﷺ гьикъана: «Дие Алжаналде лъугьине кумек гьабулеб гӀамал бице», - ян. Гьелъие Аллагьасул Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Аллагьасе гӀибадат гьабе, тӀокӀаб жо гьабичӀого, какги бай, закагӀатги кье, гӀагарлъиялъул бухьеналги цӀуне», - ян (Бухари, Муслим).
ЗакагӀат кьечӀого теялъул захӀмалъи
Бусурбанчияс закагӀат кьечӀони, масала, жиндирго къарумлъи сабаблъун, гьеб кьезе тӀадаб букIинги лъан, гьев ккола такъсирчи, гьесиеги хIадурун букIунеб хасаб тамихӀ.
ТӀадегӀанав Аллагьас абун буго (магIна): «Меседги гӀарацги бакӀарун, Аллагьасул нухда гьеб харж гьабуларел чагӀазда рохел бице, ай лъазабе гьезие кьварараб тамихӀ букIине бугин абун. Гьеб къоялъ (гьезул хазина) жужахӀалъул цӀадулъ багIаризабизе буго, цинги гьезул надазда, хьалбазда ва мугъзада гьелдалъун рухIизарун, гIужал лъезе руго. Гьездаги абизе буго, нужеца данде гьабулеб букӀараб жоялъул тӀагӀам босе», - ян («аль-АхӀзаб» сурат, 34-35 аят).
Ибн ГӀаббасица бицана гьел аятазда рехсараб кколин БетIергьанас тӀад лъураб закагӀат кьолареб мал-мулк. Амма, закагӀат кьолеб бугони, гьединаб мал-мулк гьал аятазул магӀнаялде гъорлъе кколаро.
ТӀадегӀанав Аллагьас абуна (магIна): «Аллагьас жидее Жиндир рахӀматалдаса кьураб жо харж гьабизе къарумлъарал чагӀазда ракӀалде ккоге гьеб жидее лъикӀаб бугин, хӀакълъунго, гьелъул гIаксалда, гьезие гьеб квешаб жо буго. Къиямасеб къоялъ гьезул горбода базе буго гьел къарумлъун рукIараб боцIи-мал. Аллагьасул буго зобалазулгун дунялалъул ханлъи ва ирс, Аллагьасда лъала нужеца гьабулебщинаб», - ян («алу-ГIимран», 180 аят).