Аслияб гьумералде

Дармил масъала

Дармил масъала

Дармил масъала

Жакъа нилъ ругеб гIасруялъулъ даран-базар, бизнес гьаби кутакалда цебетIуна. Гьелда жаниб батIи-батIиял ишалги раккана. Гьединлъидал гьелда тIасан суалалги гIемерлъула, дагIба-къецги ккола. ТIоцебе, дурго цIунулебго гIадин цIунизе ккола жамгIиябги. Гьелъул магIна ккола, дуего гьабизе бокьулареб цогидазеги гьабугеян аби.

 

Жакъа бизнесалда гIезегIан чагIи руго. Гьелги руго бусурбаби, ай какги балел, кIалги кколел, Къуръанги цIалулел ва шаргIалъул гIурхъабиги цIунулел. Гьелъул рахъалъ цIакъ мухIканлъиги гьабула. Амма бицине бокьун буго бизнесалда жанир ругел цо-цо гIунгутIабазул хIакъалъулъ.

ХIарам-хIалаллъиялъулъ мухI-канлъи гьабизе ккола. Гьебго заманалда бича-хисиялъулъ, налъаби рецIиялъулъ яги цадахъаб бизнес гьабиялъулъ, нилъеда бихьула, тIубанго батIиял чагIи рукIин. Масала, щибаб къойил Къуръан цIалулев чи вукIуна. Амма налъи кьезе ккелин абидал, гьеб нахъчIвала, тIубанго батIияб кIалъай гьабула. Гьеб буго чияс живго кIийиде викьи. Цояб лъикIаб рахъ, цогидаб - квешаб рахъ. Гьеб шаригIаталъ гьукъараб жоги буго. ШаригIаталъ, как-кIалалъулъ гуребги, бизнесалдаги рихьизарун руго цIунизе кколел гIурхъаби. Гьарурал къотIаби тIуразе кколеблъи. Нилъеца как-кIалалъулъ Аллагьасул ﷻ разилъи тIалаб гьабула. Бизнесалъул рахъ босани, гьелдехун Аллагьасул ﷻ разилъи тIалаб гьабулеб гьечIо.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Нужеда гьоркьоб бугеб боцIи кванаге батIулаб, хIарамаб нухалда. Ва нужеца гьеб боцIи хIакимзабазе ришваталъеги кьоге, гьелдалъун нужеца гIадамазул боцIи нужее щвеялде нухде бачун ва гьеб боцIи хIарамаб хIалалда кваназе бокьун. Гьаб амру гьадин букIин нужеда лъалебги букIаго», - ян. («Ал-Бакъара», аят 188)

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хитIаб гьабулеб буго нужеца боцIи кванагеян нужедаго гьоркьоб гуккиги хIалтIизабун. Гьелъул магIна ккола, гIадамалги гуккун, нужеего хайиралъе хIакимзаби, къадизаби ва гьезда релълъарал чагIи ричун росугеян абураб. Гьедин гьабуни хIасиллъун ккола гIадамал гуккун гьезул гIемераб боцIи хIалтIизабулеб букIин хIарамаб рахъалъ. Гьеб букIине бегьула гIаммал кумекал гьарулел фондал ва цогидалги жал, амма жидеца гьеб хIарамаб къагIидаялъ хIалтIизабулел. Гьез гьеб гьабулеб бугелъулха лъалебги букIаго. Нужецаго хIисаб гьабе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аяталда рехсолеб буго гIаммаб мунагь ва хадуб гьеб мунагьалъул кутаклъи цIикIкIунеб буго жинца жамгIият хвезабиялде рачунеб хIасил ккеялде. Аллагьас ﷻ гьеб аяталда цебе рехсолеб буго рамазан моцIалъул ва гьелда хадуб рехсолеб буго хIежалъул хIакъалъулъ. Гьадин балагьани, ракIалде ккола гьеб аят гьезда гьоркьоб бакIго гьечIелъуб рехсон бугин. Кинниги гьеб нилъер гIумруялъул къагIидаялда цIакъ пасихIго рехсон буго ва гьеб рехсеялъул гьезда гьоркьоб нилъее хайир ва хIикмат буго. ХIисаб гьабуни, гьаб аяталда бицунеб финансазул хIакъалъулъ кколеб буго исламалъул рукнабазда, рамазаналда ва хIежалда гьоркьоб. Гьеб рехсеялъулъ Аллагьасул ﷻ хIикмат буго, щай гьеб лъазе кколебин суал кьуни, гьениб кIвар бугеб бакI буго, гьелдасан нилъеда цо жо бичIчIизе ккола гьединаб тартибалда щай рехсарабин абун. Рамазан моцIалъ нилъеда жаниб такъва (Аллагьасдаса хIинкъи) лъезе ккола ва нилъ жанисан рацIцIалъи, ай Аллагь ﷻ лъай мурад буго рамазан моцIалдаса. Гьеб такъва нилъее щвани ва нилъги цIунани Аллагьасул ﷻ ццим бахъиналдаса, нилъ рукIуна такъва бугел чагIи, ай цохIо рамазан моцIалъ гурелги, какилъ ва мажгиталдаги, гьединго нилъ рукIуна такъва бугел чагIилъун финансазул суалал тIуразарулеб мехалдаги. Гьебги тIибитIула нилъер кинабниги гIумруялда жаниб кIал тIобитIулеб гIадин, тIубараб къоялъ. КIал тIубараб къоялъ нилъеда цадахъ букIунеб мехалъ, гьединго, такъва букIине ккола нилъеда цадахъ нилъер киналниги ишазулъ. Хадуб боцIи-мал нилъеца бацIцIад гьабидал ва хIарамаб боцIи хIалтIизабичIеб мехалда тIаде щола хIеж борхиялъул суал. Щайгурелъул, хIеж борхизе бегьуларо хIарамаб къагIидалъ. Гьаб буго нилъер халкъалда жаниб бугеб гIунгутIи. Руго цо-цо гIадамал хIарамаб гIарац гьабизе нечоларел, гьедин хIежалдеги унел. Гьезие бокьун букIуна тонна мунагьазулги гьабун, гьеб бацIцIад гьабизелъун хIеж борхизе.

Гьелде Аллагьас ﷻ нилъ кантIизарулел руго ва абулеб буго рамазан моцI дуе букIине кколин мун къачIалеблъунилан абун. Дуца гьикъизе бегьула Аллагьас ﷻ щай абураб нужеца боцIи кванагеян ва абичIеб хвезабугеян. Рамазан моцIалъ мун кваначIого чIедалин абиялдасан Аллагьас ﷻ абуна нужеца боцIи кванагеян хIарамаб къагIидаялъ. Аллагьас ﷻ абулеб буго Жинца хIарам гьабурабгIадин кваназе гьеб моцIалъ, Жинца хIарам гьабулеб бугин боцIи гьедин кваназе. Кваназе чиясе бокьула вакъун вугеб мехалъ ва цинги баккула хъантIи. ГIадамал боцIи бакIариялде гIедегIула ва хъантIула, жидер бугеб мехалъги Аллагьас ﷻ гьеб релълъинабуна гIорцIулареб квандаги ва къеч буссунареб жоялдаги. Аллагьас ﷻ кантIизарулел руго дурго боцIи цIунулебгIадин дуца халкъалъул боцIиги цIунизе кколеблъиялде. Щайгурелъул, гьеб ккола бусурбабазул къокъа, ай жиб цолъараб. ХIатта Аварагас ﷺ бусурбаби релълъинаруна черхалда. Цинги нужеца къасд лъедал щив вукIаниги гуккизе, гьеб ккола дуцаго мунго гуккигIадинаб жо. Гьединлъидал дуца хIурмат гьабизе ккола гьезул боцIулги, дуралъулго гьабулеб гIадин.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...