Аслияб гьумералде

ТIадчIей гьабизе рекъараб

ТIадчIей гьабизе рекъараб

МугIаз ибну Жабал абурав асхIабас бицун буго, цо нухалъ жиндир кверги ккун Аварагас ﷺ абунин: «Я, МугIаз, дун Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун гьедула мун дие вокьулин абун. Гьедин Аварагас ﷺ абидал, дицаги абуна: «Я, Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, диеги мун кутакалда вокьула», - ян.

 

Хадубги Аварагас ﷺ абуна: «Я, МугIаз, дица дуе насихIат гьабула щибаб как бан хадуб гьаб дугIа цIалеян: «Аллагьумма агIини гIала давами зикрика ва шукрика ва хIусни гIибадатика». МагIна: «Я, дир Аллагь ﷻ, Дуца ﷻ дие зикру бачиналъе, шукру ва гIибадат гьабиялъе кумек гьабе».

ГIабдуллагь ибну ГIамр ибну ГIасидаса бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абунин бицунеб буго: «КIиго гIамал бугила жинда тIадчIей гьабурал алжаналде унел, амма гьеб гьабулел чагIи цIакъ дагь гурони гьечIила. Гьезул цояб кколила щибаб какда хадуб анцI-анцI нухалъ СубхIаналлагь, АлхIамдулиллагь, Аллагьу акбар аби. Къойил щуябго какда хадуб гьедин гьабуни, гьезул къадар нусиялда кIикъоялда анцIгоялде бахунеб буго. Аллагьас ﷻ цо лъикIаб гIамалалъул кири анцIиде бахинаби халгьабун гьелъул кириялъул хIисаб цIадирабазда лъуни, азаралда щунусиде бахина. КIиабилеб гIамал буго кьижилалде цебе лъебералда лъаб-лъаб нухалъ гьебго СубхIаналлагь, АлхIамдулиллагь, Аллагьу акбар аби. Гьединги гьабун, гьезулъ бугеб Аллагьасул ﷻ цIар нусиде бахунеб буго. Цебехун халгьабураб кинниги гьелъул кириялъулги гIадад азариде бахина».

Гьедин Аварагас ﷺ абидал, асхIабзабазул цояс цIехана: «Я, Аллагьасул расул ﷺ, гьебгощинаб кири щолеб гIамалалдаса кинха нижеца инкар гьабилеб», - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Нужеца как балеб мехалъ шайтIан бачIуна ва щиб-щибги ракIалдеги ккезабун пикру батIияб рахъалде буссинабизе жигар бахъула. Кьижизе регулеб мехалъги макьу щвезабула ва дугIа гьабизе, Аллагь ﷻ рехсезе нуж кантIизе толаро. Гьедин гIемерисел гIадамалги гьеб кириялдаса махIрумлъула», - ян.

ХIакъикъаталдаги, гьадин букIи-неги букIуна. Щивасда лъалеб батила, как балаго чан батIияб пикру ботIролъе бачIунебали, кин жив как балаго гьелъулъ хIузур кквезе толареб жоялде шайтIаналъ вуссинавулевали.

Цоги, Абу-Заридаса бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Рогьалил ва боголил как бан хадуб, ругеб бакIалдаса рагъаричIого анцIго нухалъ «Ла илагьа илла ллагьу вахIдагьу ла шарикалагьу лагьул мулку ва лагьул хIамду юхIйи ва юмиту ва гьува гIала кулли шайъин къадир» - абурав чиясе Аллагьас ﷻ анцIго кири хъвала, анцIго мунагь чурула ва анцIго даражаялъ тIадегIан гьавула, гьеб къоялъ хIарамалдаса рикIкIадги вукIина, хIатта шайтIаналдаги кIвеларо гьесда аскIобе къазе, гьеб къоялъ гьесухъа мунагьги ккеларо», - ян.

Халгьабеха, муъминзаби, гьаб рехсараб кIиябго гIамал гьаби захIматаб жо гуро. Нилъерго гьабулеб ишалъул ургъел гьечIолъиги ва диналъулъ тIаса-масалъи гьаби гуреб. Дагьаб гIамал бихьун цIикIкIун кири кьолев БетIергьан ﷻ вугеб мехалъ гьеб гьабичIого тей, дидани ккола, чиясул ахIмакълъи бугин. Щайин абуни, нилъеца дунявияб щолеб жо гьедин толарелъул.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги Гьев ﷻ ва Гьесул ХIабиб ﷺ нилъедаса разиго вукIунеб куцалда гIамал гьабизе.

 

ГIиса ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...