Имамасда нахъвилъин
Имамасда нахъвилъин

Имамасул как бухьиналъул «Аллагьу акбар» щвезе суннатаб буго. Имамасул как бухьиналъул «Аллагьу акбар» щола имамас как бухьиндал, гьесда хадуб как бухьине байбихьани, гьелъул хасаб кири буго, жамагIаталъул какил кири малъичIого.
Имамас салам кьезегIан как бухьани, жамагIат щола. Имам ахирисеб «АттахIиятуялда» ватани, гIужалъул авалалъул хиралъиги борчIизехъин батичIони, цIияб жамагIат щвеялда хьулги бугони, кинабго какил жамагIат щвезе букIине гIоло, цIияб жамагIатгун как бухьине чIезе хирияб буго.
Бищунго хирияб буго, щвараб къадаралда цебесеб жамагIатгун какги бан, хадуб цIидасан балеб цоги жамагIатгун как базе.
КватIун имамасда хадуб как бухьани, ай «АлхIам» цIализе гIураб заман нахъа вугесе щвечIони, «АлхIам» цIалун лъугIилалде имамги рукугIалде ани, нахъа вугев, «АлхIамги» гьоркьоб къотIизабун, имамасда хадув рукугIалде ина. ЦIаличIого хутIараб гьесул «АлхIамги» имамас баччула. Нахъа вугес как бухьараб сагIаталъ имам рукугIалде ани, гьевги имамасда хадув рукугIалде ине ккола. «АлхIам» тIубачIониги гьесул гьеб ракагIатги малъула.
КватIун как бухьарав нахъа вугес жиндир «АлхIам» лъугIилалде имамас рукугI гьабиялда хIинкъани, гьес как бухьараб сагIаталъ «Важжагьту» цIаличIого, бачIинахъего «АлхIам» цIализе байбихьизе ккола. Щай абуни, «АлхIам» цIали паризаяб буго, «Важжагьту» цIали суннатаб буго.
Нагагь гьес «Важжагьту» цIализе байбихьани, цинги «АлхIам» цIалун бахъиналде имам рукугIалдеги ани, «Важжагьту» цIалулаго араб гIанасеб заман гьес «АлхIам» цIалулаго базе ккола, имамасдаса нахъа кколев вугониги. Щай абуни, гьев парзги тун суннаталде машгъуллъун вугелъул.
Имам рукугIалде къулун вукIаго нахъа вугес гьесда хадуб как бухьани, как бухьараб сагIаталъ «АлхIамги» цIаличIого нахъа вугев рукугIалде ине ккола. Имам рукугIалдаса ворхизе байбихьилалде, субхIаналлагь абулеб къадаралъ, нахъа вугев рукугIалде щвани, гьесул гьеб ракагIат тIубала, гьесул «АлхIамги» имамас баччула.
Имамасда хадув чIарас как бухьараб заманалда имам рукугIалда, игIтидалалда, суждаялда ватаниги, какги бухьун имам вугеб бакIалдаса гьесда хадуб как базе байбихьила нахъа вугес.
Амма рукугIалдаса имам вахъун хадуб нахъа вугес имамасда хадуб гьабураб ракагIат малъуларо, имамас салам кьун хадуб нахъа вугес тIадеги цоги ракагIат базе ккола. Гьеб ракагIат малъичIониги, гьелъул ругел такбирал, азкарал, тасбихIал, ай имамас цIалулелщинал жал цIализе нахъа вугесеги суннатаб буго.
Рогьалил какил цо ракагIаталъ кватIани, имамасда хадубги нахъа вугес «Магьдина» цIалила, хадуб ахирисеб жиндирго ракагIаталдаги цIалила. Имам тIоцебесеб «АттахIиятуялда» вукIаго нахъа вугес как бухьани, бухьарабго имамасда хадуб «АттахIиятуялда» гIодов чIела ва «АттахIиятуги» цIалила, тIаде вахъараб мехалъ гIундузде квералги рорхила. Имамасул какалъул ахир кватIарав маъмумасул авал букIуна, имамас салам кьун хадуб жиндирго какил тартибги цIунун бала маъмумас жиндирго как. КIиго ракагIаталъ кватIарав маъмумас жиндирго цересел ракагIатазулъ «АлхIамалда» хадур суратал цIалун бажаричIони, имамас салам кьун хадуб жиндирго лъабабилеб, ункъабилеб ракагIатазулъ цIалила нахъа вугес «АлхIамалда» хадур суратал. Имам рукугIалда вукIаго нахъа вугес как бухьани, цин как бухьиналъул «Аллагьу акбар» абила, хадуб рукугIалъул «Аллагьу акбарги» абила, амма имам рукугIалдаса ворчIун ватани, масала, суждаялда «АттахIиятуялде» щун ватани, маъмумас как бухьиналъул «Аллагьу акбар» абила. Хадусеб «Аллагьу акбар» абичIого имам вугеб рукнуялде ина, гьелдаса хадуб имамас цIалулебщинаб маъмумасги цIалила.
Маъмумас как бухьараб сагIаталъ имамас салам кьуни, вахъун чIаралъусаго маъмумас жиндир как тIубазабила.
Какги бухьун маъмум гIодов чIараб сагIаталъ имамас салам кьуни, «АттахIиятуги» цIаличIого, «Аллагьу акбарги» абун, маъмум тIаде вахъина. Имамасда хадуб как балев чияс, имамасдаса ватIалъизеян ракIалъ ниятги гьабун, ватIалъизе бегьула. Амма гIузру гьечIого гьедин ватIалъани, жамагIаталъул кири гьесдаса борчIула. КватIарав чиясул жамагIат борчIиялда хIинкъи бугониги, гIодове виччан ина.
Цо-цоял рекерун уна, гьебги беццун гьечIо. ГIодоре риччан ун жамагIат щвечIони, жамагIаталъул кири щолилан абулеб буго цо-цо гIалимзабаз. Амма рузманалъул как борчIиялда хIинкъи бугони, гьенире кIвараб хехлъиялда ине тIадаб буго, гьединго какил гIуж борчIиялда хIинкъи бугониги хехлъи гьабизе тIалъула.