Аслияб гьумералде

Дугiаялъе жаваб щай гьабулареб?

Дугiаялъе жаваб щай гьабулареб?

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъиги, гIодовегIанлъиги, Аллагьасде живго хIажалъиги, Аллагьасул бечелъиги, Гьев сундего хIажалъунгутIиги загьир гьабула.

Нилъ кидаго Аллагьасда гьардолеллъун рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас кьураб гьукъизеги, гьукъараб кьезеги кIолев чи зоб-ракьалда щивго гьечIо. Аллагьасде мугъчIвай гьабурав, Гьесдаса кумек гьарарав чи Аллагьас хьул къотIун толаро.

Ханзабазда лагъ гьардаравгIан рихуна, ТIадегIанав Аллагьасе лагъ, Жинда гьардаравгIан, вокьула. Цогидал ханзабазул, жидеда гьардани, ццим бахъуна, ТIадегIанав Аллагьасул , Жинда гьардечIони, ццим бахъуна. Муъминчиясул цониги дугIа къабуллъичIого хутIуларо. Гьес гьарараб жо кьечIонигицин, жибго дугIа гьаби гIибадатлъун хъвала.

Аваданго вугеб мехалъ Аллагьасда гьардолев муъминчи, къварилъиялде ккараб мехалъ, Аллагьас гьесул дугIа къабул гьабула. ТIадегIанав Аллагьас Жинда гьарараб жо яги гьарараб сагIаталъ кьола, яги гьеб гьарараб жоялда релълъараб тIаде бачIунеб квешлъи гьесдаса нахъе чIвала, яги гьараралдасаги цIикIкIараб жо ахираталда кьола.

ХIадисалда буго: «Нужер цоясул дугIаялъе Аллагьас жаваб гьабула, гьев гIедегIичIевгIан заманалда ва дица гьарана, Гьес жаваб гьабичIин абичIебгIан заманалда», - абун.

Цоги хIадисалда буго: «Нужер цоясул дугIаялъе жаваб гьабула, гьес мунагь бугеб жоялдалъун яги гIагарлъиялъулгун бухьен тIезабулеб жоялдалъун дугIа гьабичIебгIан заманалда», - абун.

Цоги хIадисалъул ахиралда буго: «Дунялалда Аллагьас жаваб кьечIого тараб дугIаялъе ахираталда лагъасе кьолеб жо бихьараб мехалъ, лагъасда ракIалде кколила: «Дие дунялалда дица гьарараб жоялъул цонигияб кьунго букIинчIебани», - абун.

Аллагьасул къадарги дугIаги Къиямасеб къо чIезегIан цоцалъ хIалтIулел рукIуна. Цо чиясе дугIаялъул рагьу рагьани, гьесие рахIматалъул рагьуги рагьула. Вализабазул цояс абун буго, жив хIинкъуларила дугIа къабуллъичIого хутIилилан абураб жоялдаса, жив хIинкъулила дугIа гьабичIого хутIилилан абураб жоялдаса.

ДугIаялъ тIаде бачIаралъеги бачIине бугелъеги мунпагIат гьабулилан буго хIадис. ХIатта, мунагьал цIикIкIунилан абунги дугIа къабуллъиялдаса хьул къотIугеян буго. Иблисалъ жиб Къиямасеб къо чIезегIан чIаго теян гьарараб мехалъ, Аллагьас гьелъул гьарицин къабул гьабунила.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...