Аслияб гьумералде

ГIабдурахIман-хIажи аль-ГIасави

ГIабдурахIман-хIажи аль-ГIасави

ГIелму чвахулеб ралъад, камилав къутIбу ГIабдурахIман-хIажи гьавуна гьижрияб 1250 соналъ ГIасаб росулъ. ГьитIинго гьес гIелму цIализе байбихьана жиндирго росулъ.

Хадуб гIелму камил гьабизе хьвадана батIи-батIиял росабалъ ругел гIалимзабахъе. ГIелмуялдехун бугеб рокьиялъги, бегIераб пагьму-гьунаралъги, гъваридаб бичIчIиялъги, къокъаб заманалда жаниб, гьев Дагъистаналдаго машгьурлъана.

Гьесул хиралъи баян гьабун ХIасан афандияс хъвалеб буго: «ГIабдурахIман-хIажи вукIана кутакалда Аллагьасукьа хIинкъарав, дунял рехун тарав, макьу-квен дагь гьабун, черх куцаялда тIад чIарав чи.

Цо нухалъ гьес дида абуна: «Дун цIакъ хIинкъун вукIуна, Аллагьас гьаб аяталда гьабураб калам: «Нужецайищ гIадамал лъикIалде ахIулел, нужерго напсалги кIочон тун» - абураб, дир хIакъалъулъ батилин абун.

Цо нухалъ бетIербахъиялъе ЦIоралде арав ГIабдурахIманхIажиясда дандчIвана машгьурав шайих ЖабрагIил афанди. Жиндирго мурадлъун вугев рекIел тохтур ватидал, гьев ЖабрагIил афандиясул муридлъун лъугьана.

Гьелдаса хадуб чанго соналъ лъелго ГIасаса ЦIоралде хьвадун, кутакаб адабхъулухъ гьабуна гьес ЖабрагIил афандиясе. Халат бахъараб тарбияталдаса хадуб ЖабрагIил афандияс ГIабдурахIман-хIажиясе тIарикъат малъизе ижаза кьуна.

Гьесул вацIцIалъиги даражаги бихьидал ЖабрагIил афандияс гьесие «ЗульжанахIайни» абураб цIарги кьуна, ай кIиго кваркьиялъул бетIергьан абураб. Гьелъул магIнаги ккола: «Инсанияб гIаламалдаса эхедеги вахун, малаикзабазул макъамалде вахарав», - ан абураб.

ГIабдурахIман-хIажиясул бицен гьабулеб мехалъ Багиниса ШугIайб афандиясда магIу кквезе кIолароан. Жиндирго шайих АхIмаду Талали хведал, ШугIайб афанди ГIабдурахIманхIажиясухъе вачIана ва абуна: «Гьанже дуца ургъел гьабичIони, дир ургъел лъица гьабилеб?» - ан.

ГIабдурахIман-хIажияс гьев къабул гьавуна ва жиндирго тарбияталде гъоркье вачана. ГIабдурахIман-хIажияс абулеб букIана: «Гьаб нилъер Дагъистан хIалтIи гIемераб бакI буго, гьаб нилъер халкъалъе рекIел зикру гIола», - ян.

Гьединго гьес абулаан: «Нилъер гъапулал ракIал, рекIел зикруялъ гурони Аллагьасде руссине гьаруларо. Аллагьасдаса ракI гъапуласул, хIайваналдаса батIияб жо гIемер гьечIо», - ян.

ГIабдурахIман-хIажи вукIун вуго хIакъаб жо бадибе абулев чи. ТIарикъаталъул шартIаздасан ккола бахIарчилъи, къартI цIуни, инсанасе гIаданлъи гьаби. Гьел хасияталги ГIабдурахIманхIажиясулъ камилго рукIун руго. Гьасда рагIун буго цо жиндирго муридасул яс хъамун йигин абун. Гьебги захIмалъун, цIакъ рахIат хун вукIун вуго ГIабдурахIманхIажи.

Гьев мурид зияраталъ вачIарав мехалъ, устарас гьесда абун буго: «Дур яс хъами дида цIакъ квеш букIана», - ян. Муридас жаваб гьабун буго: «Нижер росулъ гьединал ишал гIемер ккола, гьединлъидал нижее кIудияб захIмалъи-къварилъи ккечIо», - ян.

Устар гьесде семун вуго ва абун буго: «ЗахIмалъизе кколеб жоги захIмалъуларев, воххизе ккараб бакIалда воххизеги воххуларев чи мурид вукIунаро», - ян. ГIабдурахIман-хIажиясул караматал - ГIабдурахIман-хIажиясул вукIун вуго гьитIинго гIелмуялда тIад чIарав, пагьму-гьунар камилав, инсул кутакалда адаб цIунарав, МухIамадрасул абурав вас.

Гьесие йокьун йикIун йиго жидерго росулъа Загьидат абурай яс. Гьеб инсудаги абизе кIвечIого, инсул лъикIав мурид Ширазал ХIажида абун буго гьес: «Гьадай яс дие гьареян щай инсуда абулареб?» - ан. Муридги, устарасдаса нечон, гьеб абизе халат бахъун буго.

Цо къоялъ ГIабдурахIман-хIажияс гьев муридасда абун буго: «Мун тIадкъараб жо тIубазе лъикIав вукIун гьечIо», - ян. Хадубги устарас гьесда абун буго: «Лабазанил ХIажиясул васасе къадар бугей яс, нилъеца МухIамадрасулие кин ячиней, нилъеца гьесие хIурулгIин ячина», - ян.

ГьитIинав гIолохъанчи МухIамадрасул хIежалдаса ватIаналде щведал, Аллагьасул къадар щун ахираталде ана. Гьеб букIун буго шайихасул «нилъеца гьесие хIурулгIин ячина» абураб рагIиялъул магIна. Загьидатги ГIабдурахIман-хIажияс абурав чиясе росасе ана ва херлъизегIан цадахъ гIумру гьабуна.

- Цо нухалъ Хунзахъа кIиго гIолохъанчи сапаралъ рахъун руго. Гьезул цоясухъ инсуца ГIабдурахIман-хIажиясухъе щвезабеян кьураб сайгъат букIун буго. Гьев кIиявго ГIасаре щведал, сайгъат кодоб букIарас абун буго: «Гьав устарасда балъголъи лъалеб рагIула», - ян.

Цадахъ вукIарас махсароде ккун абун буго: «Лъалеб батила гьесда хIамил рачI», - ян. Устарасде аскIоре щведал, васас инсул сайгъат шайихасухъе кьун буго. Цинги цадахъ вукIарасдехунги вуссун ГIабдурахIман-хIажияс абун буго: «ХIамил рачIги лъала дида, дур къвачIиниб бугеб бикъараб гьанги лъала дида», - ян.

ХIакъикъаталдаги гьесул къвачIиниб бугеб гьан, цIогь гьабун бикъараб букIун буго. - ХIасан афандияс хъвалеб буго: «Цо нухалъ дица гьитIинаб хIужра-рокъоб хъизангун цадахъ жамагIат как бан букIана. ХIужра гьитIинаб букIиналъ, нахъа чIезе бакI гьечIого, хъизан хьибилалда чIун йикIана.

Гьелдаса хадуб дунги хъизанги ГIасаре зияраталъ щведал, устарас абуна: «Как балеб мехалъ чIужугIадан хьибилалда чIезе бегьуларо, нахъа чIезе ккола», - ян.

- Цо нухалъ кIиго мурид ГIабдурахIман-хIажиясухъе зияраталъ къватIире рахъун руго. Гьез нухда гIемераб пайда гьечIеб, добагьаниб бихьараб, рагIараб бицунеб букIуна.

Лъарахъе щведал, кIиясго черхги чурула. ГIасаре щведал устарас гьезда абуна: «Балагье, дир лъимал! Нахъе-нахъе зияраталъ рачIунеб мехалъ, Аллагь ракIалда ккун, пайда гьечIеб хабар бицинчIого рачIа, нужее пайда цIикIкIараб букIина», - ян.

Хадубги устарас гьезда абуна: «Бахчараб бакIалда гурони нужеца черхги чуруге», - ян. ГIабдурахIман-хIажи ахираталде накълулъана гьижрияб 1323 соналъ, хIежалдаса нахъвуссун вачIунаго, Жиддаялде щвараб мехалъ.

Гьесул хобги Жиддаялда, ХIавал хобалда аскIоб буго. ХIежалде иналде цебе, бакълъадерил лъарахъ гIемерав чи вакIарун вукIана гьев нуха регIизе.

Гьениб кIудияб ганчIиде тIадеги вахун, гьес кутакаб вагIза-насихIатал гьаруна. Гьев мубарак хун кигIан заман аниги, жакъасеб къоялъги гьеб бакIалдаса доре-гьанире унез дугIа гьабичIого толаро.

ИСРАФИЛ МУХIУМАЕВ ДИУЯЛЪУЛ МУГIАЛИМ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...