Аслияб гьумералде

ГIали-асхIабасе Аварагасул ﷺ васиятал

ГIали-асхIабасе Аварагасул ﷺ васиятал

ГIали-асхIабасе Аварагасул ﷺ васиятал

ГIали, дуца как бухьине тIадеги вахъун Аллагьу акбар абидал, килщал рикьизаре ва квералги рорхе кIиябго гъажазул бетIералде дандритIун. Такбир абун хадуб, кIиябго квер лъе цIиналда гъоркь (гьаб нух буго имам АбухIанифаца тIаса бищараб), цинги гIодове къулизе такбир абидал, кIиябго накуялда лъе кверал, килщалги рикь-рикьизарун.

 

– ГIали, рогьалил как бай рогьел баккидал, ай бакъ баккилалде цебе. МаркIачIул какги бай бакъ тIерхьун хадуб чахъу бечIчIулебгIан заман индал.

– ГIали, дуца тIадчIей гьабе жамагIат гьабун как баялда, гьеб ккола Аллагьасда ﷻ аскIоб мун хIеж-гIумраялде лъелго ин гIадаб жо. ЖамагIат-какалда тIадчIей гьабуларо Аллагьасе ﷻ вокьулев муъминчияс гурони ва гьелдасаги вуссунаро Аллагьасул ﷻ ццим бахъарав мунапикъ гурони.

– ГIали, Аллагьасе ﷻ бищун вокьулев лагъ ккола сужда гьабулев ва суждаялда вукIаго жинца абулев: «Рабби инни заламту нафси фагъфирли занби фаиннагьу ла ягъфиру ззунуба илла анта». МагIна: «Я дир БетIергьан, дица дирго нафсалда зулму гьабуна, ай мунагьал гьариялдалъун, Дуца дир мунагь чуре, Дуца гурони мунагь чуруларелъул».

– ГIали, дуца тIадчIей гьабе зухIаялъул как баялда рокъов вугониги, сапаралда вугониги. Къиямасеб къоялъ ахIизе буго Алжаналдасан: – кир ругел дол жидеца зухIа балел рукIарал гIадамал. Нуж жанире лъугьуна зухIа абураб нуцIихъан, хIинкъичIого, божигун, ян. Аллагьас ﷻ цониги Авараг ﷺ витIичIо зухIа баян абун гьесда амру гьабун гурого.

– ГIали, муъминчиясул талихI ккола гьесда рекъолей чIужу йикIин. Гьединго, жамагIат гьабун как бай ва гьев вокьулел мадугьалзаби рукIин.

– ГIали, рамазан моцIалъ кIал ккун бахъиндал гьелда хадуб анлъабго шаввалалъул кIалги ккуни, гьесие гьеб Аллагьас ﷻ гIумруялъ кIал кквейлъун хъвала.

Садакъаялда хурхарал васиятал:

– ГIали, Аллагьасул ﷻ вализабазе Аллагьасул ﷻ рахIматги разилъиги щвечIо гIемер гIибадатал гьариялдалъун, кинниги гьезие гьеб щвана нафсалъул сахаватлъиялдалъун ва дунял хIакъираб жолъун гьабиялдалъун.

– ГIали, сахаватав чи Аллагьасде ﷻ гIагарав вуго, Аллагьасул ﷻ рахIматалдеги гIагарав вуго, Гьесул гIазабалдаса рикIкIадавги вуго. Бахилав, барахщарав абуни, Аллагьасдасаги Гьесул рахIматалдасаги рикIкIадав вуго, Гьесул гIазабалде гIагаравги вуго.

– ГIали, дида бихьана Алжаналъул нуцIида хъван: мун хIарамаб бугила кинавго бахилав чиясе, эбел-инсуе гIакъуба кьолесе ва мацIал гьарулесе абун.

 

(«Васиятул МустIафа лималил ГIалиин»)

 

 

МухIаммад-хIажи МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...