Аслияб гьумералде

Малаикас борхараб хIеж

Малаикас борхараб хIеж

Малаикас борхараб хIеж

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе хвасарлъилъун рещтIараб буго динул ислам. Гьеб рещтIиналъе сабаблъун ккарав нилъер хирияв ХIабиб МухIаммадги ﷺ тIолго махлукъаталъе рахIматлъун витIарав вуго. Инсанасе пайда жинда жаниб лъураблъун буго исламалда бугеб щинаб жо. ГьечIо Аллагьас амру гьабураб нилъее зарал бугебги, нагью гьабураб пайда бугебги жо. НагIана батаяб иблисалъ гьеб кIиябго бегуниса ккезеги гьабун, нилъеда бихьизабула гIаксияб рахъалъ ва дунялалъ мехтарал нилъги уна гьелъ бихьизабуралда хадур.

 

Аллагьас тIад лъурал парзал яхI бахъун гIужда тIуразариялда тIадчIеялъ цIунула нилъ иблисалъул бихьиялдасаги, гьелда хадур иналдасаги. Исламалъул щуябго парз тIубазабиялда гъорлъ буго бицун хIалкIолареб, рагIа-ракьанде щун лъазеги, лъан бицинеги бажарулареб гIемераб пайда.

ТIоцебесеб иргаялда, Аллагь нилъеда разилъи буго гьелъулъ - гьелдаса кIудияб талихIги пайдаги букIине ресги гьечIо. Аллагь разилъун хадуб рес бугелъул мискъала-заррагIанасеб гIамалги мегIерлъун, гIорлъун кIодолъизе. МегIер- гIоргIан нилъер бадисан балагьун бугеб гIамалги, мискъала-зарраялдасаги гьитIинаб буго Аллагьасда аскIоб, Гьесул разилъи щвечIони. Гьединлъидал нилъеда тIадаб буго Аллагьасул разилъи тIалаб гьабун, Гьесие хIелун паризаял гIамалал тIуразаризе, гьелдаго рекъон суннатал гIамалаздаги тIадчIей гьабизе.

Щибаб санайил зулхIижа моцI тIаде щведал, дунялалъулго бусурбабазул берги ракIги буссуна хирияб ХIарамалъул ракьалде, исламалъул щуабилеб паризаяб рукну тIубаялъул ишазде. КигIан магIишатги ресги кьураллъун ругониги, Аллагьас ахIичIев чиясул хIалги кIоларо гьеб хирияб ракьалда хирияб моцIалъ хIетIе чIезе. Кинниги Аллагьасул талихI кьураздасан жал ккарал миллиардал бусурбабазда гьоркьоса чанго миллион хIажичи рещтIуна гьенив. Гьев щивасул букIуна жинди-жиндир хасаб, хирияб ракьалде ккеялъул къиса, жинца нахъа тараб нух, жинда бихьараб къо. Аллагьасул рахIматалдалъун гьанже эркенаб заман бачIун бугониги, цере хIежалде унаан кIудияб къоги бихьун, габуниб мусруги жемун.

Имам ШафигIиясул мутагIиллъун вукIарав кIудияв гIалим, факъигь, ШафигIиясул гIелмуялъул тIахьал хъваялъе жинца цIакъ кIудияб хIалтIи гьабурав Ар-рабигI ибн Сулейманил хIежалде унелъул ккараб къиса рехсела нилъеего баракаталъе букIине.

Ар-рабигI, жиндирго вацгун ва цогидал хIажизабигун, Мисриялдаса къватIиве вахъуна хIежалъул ракьалде сапарги бухьун. Куфаялде щведал лъалхъиги гьабун, гьел жидерго хIажатал тIуразе уна. Ар-рабигI, къваригIараб босизе, базаралде щола. Базаралде вачIунеб нухда гьесул бер речIчIула, чиго гьечIеб бакIалда эхетарай, цIакъ язихъаб ратIлилъ йигей чIужугIаданалда. Гьеб бакIалда, гIодоб бегаралъуб хвараб гIорцIеналдаса гьанги къотIун, гьеб таргьинибе балей йикIуна гьей. РабигIида ракIалде ккола гьеб балкан гьелъ цогидазда кваназабизе босулеб батилин абун. Гьединлъидал гьев гьелда хадув уна. Цо кIудияб ригьалъул нуцIида цее щведал, гьелъ кIутIула ва гьебги рагьун данде рачIун, ункъо ясалъ гьей жание ячуна. Рокъое щведал гьей гIаданалъ гьанал таргьа гьезда цебе лъола. Ва гьелда сверунги ракIарун гьел гIодизе лъугьуна. Бихьулеб букIуна гьеб хъизамалъул мискинлъи ва ракъиялъ тату хун гьел рукIин.

- Босе, дир лъимал, гьаб гьан нилъеего, гьелъул квенги гьабе. Аллагьасда нилъер хIал бихьулеб бугелъул, Гьесие шукруги гьабе, гьебгIаги нилъее кьуралъухъ, - ян сабурго абула гьелъ.

Ясаз гьан къотIула ва бежун гьелъул квен гьабула. НуцIихъе щун гIенеккарав РабигIица ахIула: «Я Аллагьасул лагъзал, кванаге нужеца гьеб!» - абун.

Мун щивилан ахIула дой чIужугIаданалъ.

Нухлулав вугин жаваб кьола гьесги.

- Щибха дуе бокьун бугеб? Лъабго сон буго нижер гьаб хIалалда, кумек гьабун нахъасан вахъине щивго чиги гьечIого. Дуе хIажатаб жо щиб? – ан цIехола гьелъ.

- Хвараб жоялъул гьан кваназе гьукъараб буго, - ян абула гьес.

Цинги гьей гIаданалъ ахIун абула: «Ниж руго хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ наслуялъул чагIи. Дир хварав рос вукIана Гьесул ﷺ тухумалдаса.  Дир росасул анищги букIана гьал ясал жидедаго рекъараб бакIалде россабазе кьезе. Кинниги Аллагьас гьесие гIумру течIо, гьеб анищ рагIалде бахъинабизе. Гьесул ирсги хехго лъугIана. Ва гьале чанго сон буго нижер гьадинаб мискинлъиялда ругелдаса. Балкан кваназе гьукъараб букIин нижедаги лъала, амма ракъуца холел ругони, гьебги бегьизабун буго», - ян.

РабигIил бадиса магIу чвахула. Гьев хехго гьениса уна ва вацасда аскIовеги ун, жив хIежалде унев гьечIин лъазабула. Виххун ккарав вацас гьесие гIемераб вагIза гьабула, хIежалъул хиралъиялъул бицуна. Амма РабигI кинго къуркьизавизе кIоларо. Жиндирго ихIрамги къайи-матахIги, анлънусго диргьамалде бичун, РабигIица хIажизабазул къапила тола. Базаралдеги ун гьес кIинусго диргьамалде ролъ, нусго диргьамалде ретIел босула.

ХутIараб лъабнусго диргьамги ролъулъ къазабун, гьеб кинабго дой ясазул эбелалъул рокъобе щвезабула. Аллагьасе реццги гьабун, РабигIие баркалаги кьун, гьей гIаданалъ абула:

- Аллагьас дур киналго мунагьал чураги, дуе къабулаб хIежалъул кириги кьеги. Аллагьас дур даража тIадегIан гьабеги, мунги Алжан тIадаздалъун гьавеги», - ян. Гьелдаго релълъарал дугIаби ункъайго ясалъги гьарула РабигIие.

ХIажизабазе нухги битIун, РабигI Куфаялдаго чIола. 

ХIажизаби тIадруссине заман щведал, гьезул дугIаялде хьулгун гьев гьел рачIунеб нухде ун балагьун чIун вукIуна, гьезда дандчIвай гьабизе.  Гьесда цадахъ рукIарал хIажизаби тIадруссиндал, гьес абула: «Аллагьас нужер хIеж къабул гьабеги. ХIеж гьабизелъун нужеца хвезабураб боцIиялъухъ кириги хъвайги», - ян.

РабигI лъалев хIажизабазул цояв виххун ккола ва дуца гьедин щай абулеб, мунги вукIиндал нижгун цадахъ хIеж гьабулевин кIалъала. Гьелдаса хадубги хIежалдаса рачIарал гьев лъалелщинал хIажизабаз нугIлъи гьабула жидеда цадахъ гьес хIеж борханин абун.

КагIбаялда тIаваф гьабулелъул, Минаялда, Муздалифалда, ГIарафаталда мунги жидеда цадахъ вукIанин бицуна гьез. РабигIица вукIинчIин, жинца исана хIежги борхичIин абуниги, гьел божуларо.

- Я вац, дуца щай гьедин абулеб? Макка-Мадинаялда нилъ цадахъ гурищ рукIарал ва ЖабрагIилил рагьдухъан къватIир рачIунелъул дуца гурищ гьаб таргьаги дихъе цIунизе кьураб, «Нижергун бухьен бугев киданиги басралъуларо» - абун жинда тIад хъвараб. Гьалеха дур гьеб гIарцул таргьаги дица цIунана ва духъе тIадбуссинабулеги буго, - янги абун, РабигIил шагьаралдаса цояс гьесухъе гIарцул цIураб таргьа кьола. Аллагьасул цIарги бахъун гьедула РабигI жинда гьеб тIоцебе бихьулеб бугин, амма кинго дов хIажичи бергьун, гьесда гьеб босизабула.

Рокъове тIадвуссиндал, боголил какги бан, цоги гьабулеб гIибадатги гьабун, РабигI кьижун ккола. Ва макьилъ, цевеги вачIун, хирияв МухIаммад аварагас ﷺ саламги кьун, гьесда абула: «Я РабигI! Жеги чан нугI дуе къваригIун вугев, дурго хIеж борхиялда ва тIубаялда мун божизавизе.  Дуца Аллагьасе гIоло лъикIлъи гьабизе, хIежги нахъе тIамун, дир наслуялъул чагIазе кумек гьабидал, дица Аллагьасда гьарана ва Аллагьас жиндирго рахIматалдалъун дуе гIоло хIеж борхизе, дур сипаталда малаик витIана.  Ва гьев малаикас дуе гIоло хIежги борхизе буго гьанжеялдаса нахъе кидаго. Дунялалда абуни, дуца хвезабураб анлънусго диргьамалъухъ дуе анлънусго меседил диргьам битIана БетIергьанас. Ва нижергун бухьен бугев киданиги басралъиялде ккезеги гьечIо, - ян абуна Хирияс ﷺ гьесда макьилъ. ВорчIун хадуб балагьидал, хIакъикъаталдаги таргьиниб анлънусго меседил диргьамги батана РабигIида.

ТIадегIанав Аллагьасда кIола гьитIинаб гIамалги Аллагьасе гIололъун гьабураб, мегIерлъун кIодо гьабизе, кIудияб гьабуралъухъ - абадиялъго даражаби кьун, хвасарлъараллъун гьаризе.

Аллагьас щивав бусурбанчиясе насиб гьабеги къабулаб хIежалъул кириги ва гьеб хIасуллъулеб гIамалги.

 

ПатIимат ХIасанова

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...