Аслияб гьумералде

ГIабидал рокьулевлъун вукIана

ГIабидал рокьулевлъун вукIана

Гьарун Рашидил вас ГIаббасие, гьитIинаб мехалда бокьулаан гIабидазда цадахъ вукIине. Хабалазде зияраталги гьарулаан. ТIад ретIараб ратIлил кIварги гьабулароан. Цо къоялъ вазирзабигун ва бодул церехъабигун эмен кIалъалеб мехалда, гьитIинав ГIаббас гьезде аскIове вачIана.

 

Гьесда тIад ретIун букIана кIиго ххамил кесекалъул гьабураб ретIел. Цояб ххамил кесек ботIрода, цогидаб рачлихъ жемун букIана. КIалгIаялда рукIаразе бокьичIо халифасул васасул гьеб ретIа-къай. Гьез халифасда абуна: «Гьав васас инсул адаб толеб буго. Ханасул васасул лъикIаб ретIа-къай букIине ккола», - ян.

ЛъикIаб ретIел ретIеян инсуца абидал, васас жаваб кьечIо. Аллагьасдехун ﷻ бугеб кутакаб рокьиялъ жиндихъго бугеб гьунар бихьизабизе бокьана гьесие. РикIкIадасан боржун унеб хIинчIалде гьес ишара гьабуна ва гьеб боржун бачIун гьесул квералда тIад чIана. Цинги боржун айилан ишара гьабидал, боржунги ана. Аллагьасдехун бугеб кутакаб рокьиялъ жиндие кьураб бажариги бихьизабун, гьес инсуда абуна: «Дица гьаб ретIел Аллагь ﷻ вокьиялъ ретIула.  Дун пашман гьавуна дир инсуе гьаб дунял Аллагьасдасаги ﷻ лъикI бокьиялъ», - ян.

Васасе бокьана Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизелъун Басра шагьаралде ине. Инсул изнуялдалъун, Къуръанги ва эбелалъ кьун букIараб къиматаб баргъичги босун, васас хъала тана. Басраялде щведал анкьида жаниб цо къоялъ щвараб хIалтIи гьабулаан гьес. Гьеб цо къойида жаниб анкьалъ гьабулеб хIалтIи гьабулаан ва мухьги анкьие гIураб гурони босулароан.

Гьеб заманалда Басраялда вукIарав кIудияв гIалим, суфий Абу ГIаммарица, биххун араб къед базе хIалтIухъан валагьулев вукIана. Нухдасан унаго гьесда халлъана, нухлул рагIалда гIодовги чIун, берцинго Къуръан цIалулев гIолилав. АскIовеги ун гьес гьикъана хIалтIи къваригIун гьечIищилан. Васас абуна: «Дица гьабила хIалтIи, амма какил заманалда дун хIалтIуларо ва анкьие гIураб гIарац гурони босизеги гьечIо», - ян. Абу ГIаммар разилъана гьеб шартIалда ва къо ахиралде щведал гьесда бихьана гIолилас анцIго чиясул хIалтIи гьабун букIин. Анкьие гIураб гIарацги кьуна. Хадусеб къоялъ гьев хIалтIи гьабизе вачIинчIеб мехалда, Абу ГIаммарица гIажаиблъи гьабуна. 

Цинги Абу ГIаммар вахъана гьев валагьизе. Анкь гьоркьоб индал добго бакIалда гIодов чIун ватана гьесда гьев. Добго шартIги цебе лъун гIолилав хIалтIи гьабизе разилъана. Къоялъул ахиралда Абу ГIаммарица гьесие кьуна кколелдасаги цIикIкIун багьа. Амма гIолилас анкьие гIураб гурони къабул гьабичIо.

Хадусеб анкь тIаде щведал Абу ГIаммар ГIаббасихъ валагьун чIун вукIана, амма гьев вачIинчIо.

Абу ГIаммарица бицана: «ГIаббас валагьизе вахъиндал, цо чияс абуна гьев унтун рохьов вегун вугин абун. Щвана гьениве ва ганчIида бетIерги лъун вегун ватана. Дица гьесие салам кьуна ва амма гьес жаваб кьечIо. КIиабизеги салам кьедал, гIолилас берал рагьана. БетIерги борхун, хвел ракIалде щвезабуна ва дунял гIорхъолъа ун бокьиялдаса цIунун магIна бугел Къуръаналъул чанго аят цIалана. Цинги жиндир жаназа дуца чурейин ва цояб ххамил кесекалъув жемейин ва цогидаб кесек хоб бухъарасе кьейилан абуна. Цинги, Къуръан ва баргъич Гьарун Рашидихъеги кьун, гьесда абейин абуна гьадин: «Дур васасул букIараб, гьанже дур къайи буго гьаб. Аллагьасе ﷻ бокьухъе хьвадулев вугищ мунилан пикру гьабе», - ян.

Гьелдаса хадуб гьесие Аллагьасул ﷻ къадар щвана. Гьеб мехалъ гурони дида лъачIо гьев халифасул вас вукIин. Гьес абухъе гьабуна дица. Халифасухъе Къуръанги баргъичги кьуна ва ккара-тарабги бицана. Гьесул бадиса магIу чвахана ва гьикъана: «Дуцайищ дир васасул жаназа чурараб?» - илан. Уйилан абидал, халифас дир кверал жиндирго карандеги къан, хвалил бицун цо-кIиго мухъ ахIана».

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...