Аслияб гьумералде

ЦIамул тIагIам бихьарасда гьацIул къиматги лъала

ЦIамул тIагIам бихьарасда гьацIул къиматги лъала

АнцIгониги сон букIана Мухтар вихьичIого.      ГIолохъанлъи цадахъ тIамурал чагIи рукIиналъ, дида гьев гIемер ракIалде щолаан, амма МахIачхъалаялде вачIаниги кинго заман кколеб букIинчIо гьесухъе щвезе. Нижер гIаммав гьудул Салимица бицунаан дида гьесул хIал-хIукму. Салимги Мухтарги цо компаниялда хIалтIулел, амма батIи-батIияб  хIалтIи  тIубазабу-лел чагIи рукIана. ЦIакъго лъикIал хIалтIухъаби гьел рукIинчIониги, тIадкъараб иш намус бацIцIадго тIубазабулаан ва лъиениги зарал бугел чагIи гьел рукIинчIо.

 

Гьаб нухалда МахIачхъалаялде щведал дица Мухтарихъе сапар бухьана. Гьесул рокъове щведал Мухтарил лъадуца бицана хIалтIудаса нахъе рехаралдаса гьесул иш лъугIанин ва щибаб къойил гьекъолдулин, ай унго-унгояв гьекъолдухъан вахъун вугин.

ХIакъикъаталдаги Мухтар дида ватана мехтиялъул кутакалъ къотIнов гIодов ккун. Хадуб Салимицаги бицана щибаб къойил гьедин вукIунин гьев ва битIахъе киназего инжитлъун, гьвел бакIалде ккун вугин.

Гьединабго къисматалде гIумру сверизе биччачIониги, Салимги ватана хIалтIудаса нахъеги рехун, гьабизе хIалтIиги гьечIого. Амма гьес бицухъе, кватIичIого цогидаб бакIалда лъикIаб хIалтIи щвезехъин рагIула.

«Мухтарго гIадин гьекъолдухъан вахъине дагьалъ хутIана. ХIалтIудаса нахъе рехидал, гьеб квеш букIарал чагIаз тIубарал къояз гьекъолаан. Нахъисеб къоялъ бетIер къачIазелъун цIидасан гьекъолаан ва гьединаб куцалда, инжитлъиялда унел рукIана къоял.

Цо нухалда дида вихьана чIухIараб машинаялъуве вахун унев, дун хIалтIудаса вачахъарав компаниялъул нухмалъулев. Гьеб мехалда дица пикру гьабуна гьадасда бугеб, дида гьечIеб жо щибго гьечIин, щайин дун гьадин гIадада хвезе кколевилан. Ва гьеб къоялдаса нахъе кантIана, дирго лъай жеги борхизабуна ва кватIичIого лъикIаб хъулухъги щвезе буго», - ян бицана Салимица.

Салимги Мухтарги – дир кIиго гьудул, кIиго батIияб къисматалъул хважаинзаби, кIиго батIияб яхI-намусалъул устарзаби. Гьезул ва гьаб гIумру хисулеб-сверулеб куцалъул пикрабазда вукIаго ракIалде щвана кидаялиго рагIун букIараб биценги. Гьеб биценалъе гIолого хъванин гьав кIиявго гьалмагъасул тIадехун рехсарабилан абизеги бегьула.

Цо нухалда гъуялъубе бортун буго хIама. Гьелъул гьагIдеялъухъе къватIиве вачIарав хважаинасда бихьун буго хIамие ккараб ва киндай гьеб къватIибе бахъилебилан ургъулев вукIун вуго. Кинго цо пикруялде вачIине кIвечIеб мехалда, гьес хIисаб гьабун буго гьадингоги хераб хIама букIанин, цIияб босичIого ворчIизе дунги вукIинчIин. Гьединго, жаниса лъим къураб, пайда гьечIеб гъуй гьебги букIанин ва цIияб бухъичIого ресги букIинчIин. Гьединлъидал, хIамил бетIергьанас хIукму гьабула кумекалъе мадугьалги ахIун хIамиде тIаде ракь хъвазе, цо речIчIаралъ кIиго чIваялъул мурадалда, ай гъуйги тIагIинабизе.

ХIамил гьагIдеялъухъ гIинги бачIого мадугьаласги хважаинасги байбихьула тIаде ракь хъвазе. Цо заманалдасан хIамил гьаракь-бакъан къотIула. Гьаб гъарималъул рухIдай босарабиланги абун, бетIергьанчи халгьабизелъун гъуялъуве валагьула. Гьеб мехалда гьесда бихьула гьадинаб сурат: жиндирго гьодитIе реха-рехараб ракьги хIатIакь мерхьунаго, ракьалдаго цадахъ эхе-эхеде бахун бачIунеб батула хIама. Ва цо заманалдасан гьеб щвартIан къватIибе кIанцIун бачIуна…

…Щивав чиясда бихьичIого хутIуларо гIумруялда жаниб лъикIабги квешабги, къварилъиги гIатIилъиги. Гьаб дунялалда заман барабгIан дандчIвалел къварилъабазул рикIкIен гIемерлъун гурони, гьезул къадар дагьлъулареблъиги хIакъаб буго. Гьединлъидал, щивав чи хIадурго вукIине ккола тIаде бачIараб къварилъиги къулчIулаго, лъидаго хIал лъазеги течIого цевехун ине, жеги тIаде, борхалъуде вахине.  Гьебгиха, тIаде бачIа-бачIараб къварилъиялъул кумекалдалъун, ай гьеб къезабизе хIаракатги бахъулаго. Гьединаб къагIидаялъ гIумру тIамулеб бугони, хIакъаб жо, нилъер щивасул рес букIине буго бищунго гъваридабцин гъуялъуса къватIиве ворчIизе.

МухIамадхIабиб МахIатIов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...