Аслияб гьумералде

Гьан белъинчIо

Гьан белъинчIо

Имам Санусил ккараб

 

Имам Сануси ккола кIудияв гIалим, факъигь ва мухIаддис. Гьев вукIана Маликияб мазгьабалъул имам. Гьесул гIакъидаялъул цIакъ машгьурал тIахьалги руго.  Гьесул хIакъикъияб цIар ккола Абу ГIабдуллагь МухIаммад ибн Юсуф ибн ГIумар ибн ШугIайб ас-Сануси ал-Маликийи ал-АшгIарийи. Гьев накълулъана 895-абилеб гьижрияб соналъ, 63 сонил ригьалда. 

 

Цо нухалъ пуланав чиясда, базаралдаса гьан босулеб мехалда, рагIула къамат гьабулеб. Гьангун мажгиталде лъугьиндал, гIадамал как балелги ратун, гьебги кодоб ккун бала как, ракагIат борчIиялда хIинкъун. Рокъове щведал гьесул хъизан лъугьуна гьан белъинабизе. Къаси мехги щола, амма гьан белъунаро, щибго хисичIого батула. Гьезда ракIалде ккола гьеб цIакъго хераб жоялъул гьан батилин абун ва рогьинегIан белъине тола. Радал балагьидалги гьединго батула. Цинги гьесда ракIалде щола имам Санусиясда нахъа жамагIат гьабун как бан букIин. Гьесда ккараб жо бициндал, имам Санусияс абула: «Я дир вас! Дица ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарун букIана дида хадуб как барав чиясда цIа хъвагегиян абун. Гьелъ батизе рес буго гьанал ишги гьедин ккун, амма дуца гьеб лъидаго бицунге», - ян. 

Аллагьас ﷻ гьединал имамзабазул баракат камун нилъ тогеги.

(«Бустан фи зикрил Авлияъ», гьум. 244)

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...