Аслияб гьумералде

Васасул шапагIаталде хьул гьабуна

«БетIергьанас къабул гьабуна дур сайгъат»

Васасул шапагIаталде хьул гьабуна

ХIурулгIиналда васасе магьари лъурай

Басраялда йикIун йиго цIакъ Аллагьасукьа хIинкъарай, сахаватай Умму-Ибрагьим абун машгьурай чIужугIадан. Гьеб заманалда бусурбабазул цо шагьаралде тIаде кIанцIун руго диналъул тушбаби ва рахъ-рахъалдаса шагьаразул гIадамал жигьадалде рахъине ккараб хIал лъугьун буго гьениб.

Доб заманалда Басраялъул хатIиблъун вукIарав ГIабдулвахIид ибну Зайдица гIадамаздехун гьабун буго хитIаб нилъги жигьадалде рахъине ккелин абун. ХутIба гьабулелъул гIенеккаразда гьоркьой йикIун йиго Умму-Ибрагьимги. Жигьадалде рахъаразе ругел Аллагьасул нигIматал рехсолаго ГIабдулвахIидица рехсей гьабизе байбихьун буго Алжаналъул хIурулгIинзабазулги. Гьеб мехалъ тIадеги яхъун УммуИбрагьимица имамасда абула:

«Ва, ГIабдулвахIид, дуда лъала дир вас Ибрагьим, гьединго, Басраялъул церехъабазе жидерго яс гьес ячине бокьун бугеблъиги. Дица гьезул цонигиязе жеги разилъи кьун гьечIо. Амма дие йокьана дуца рехсей гьабурай гьей бахIарай. Алжаналъул хIурулгIин дир васасе ячине щвани дун йохарайги йикIина. Бегьулеблъун батани, цойги нухалъ бице гьелъул хIакъалъулъ», - ан

Гьеб мехалъ ГIабдулвахIидица гьелъие хIурулгIинзабазул рехсей бугеб къасидат цIалула. Цинги Умму-Ибрагьимица абула: «Дие бокьун буго дир васас гьей ячине, гьелъие магьари хIисабалда дица духъе кьела 10 000 динар, ваче гьев нужедаго цадахъ рагъде. Щиб лъалеб, шагьидасул хвел щун, Къиямасеб къоялъ диеги шапагIат гьабила васас», - ан. ГIабдулвахIидица гьелда абула: «Машааллагь, гьедин гьабуни, гьеб дуеги васасеги кIудияб талихIлъун букIина», - ян.

Умму-Ибрагьимица гIадамазда гьоркьоса вас цеве ахIула ва абула: «Дурго рухI Аллагьасе гIоло кьеялъул шартIалда, гьей хIурулгIин ячине разияв вугищ мун», - ан. Ибрагьимицаги абула вугин.

Гьеб мехалъ Умму-Ибрагьимица БетIергьанасе рецц гьабула ва абула: «Я, Аллагь, Мун дир нугI вуго васасе хIурулгIин ячиналъе, гьес Дуе гIоло рухI кьеялъе абураб шартIалда», - ян.

Цинги Умму-Ибрагьимица 10 000 динар бачIуна ва ГIабдулвахIидихъе кьола. «Босе, гьаб буго гьей хIурулгIиналъе магьари, дудаго лъикI бихьараб рахъалдехун рагъухъабазул хIажатазе хвезабе», - янги абула. Цинги базаралде ун гьелъ васасе лъикIаб чу ва ярагъги босула. Рагъухъаби нухда рахъунелъулги Умму-ХIабибатица васасда абула: «ЦIодорго вукIа, Аллагьасда цебе чучараб жоги биччаге. Хьул буго махIшаралда гурони тIокIалъ нилъ данделъиларин абурабги», - ян. Шагьаралдаса къватIире рахъиндал, Ибрагьим ккола Къуръаналдаса «Тавбат» сураялъул:

إِنَّ اللَّهَ اشْتَرَى مِنَ الْمُؤْمِنِينَ أَنفُسَهُمْ وَأَمْوَالَهُم بِأَنَّ لَهُمُ الْجَنَّةَ

111-абилеб аят цIалулезул мухъилъе. (МагIна: «ТIадегIанав Аллагьас муъминзабаздаса ричун росана гьезул чурхдул ва боцIи-мал, гьелда данде жидее Алжан кьезе къотIиги гьабун»).

ГIабдулвахIидица бицана: «Тушбабазул рахъалде щун гIадамал рагъ байбихьизе ахIидал, Ибрагьим цебесеб кьерда вукIана ва кутакаб бахIарчилъиялда вагъизеги вагъана. Гьес тушбабазул гIемерал чагIи ракьалдаги лъуна, ахиралда гьезул чангояс сверун ккун, гьев шагьидасул хвел щун ахираталде къокъана», - ян.

Нахъе унелъул ГIабдулвахIидица рагъухъабазда лъазабуна жинца бицинегIан тун гурони нужеца гьесул эбелалда щибго бицунгеян. Басраялде ниж щведал данде ячIана Ибрагьимил эбел ва дида гьикъана: «Бице,къабул гьабунищ Аллагьас дир сайгъат, дица рохел гьабизе яги гьабичIищ магIу тIезе?» - ян. Дица абуна: «БетIергьанас къабул гьабуна дур сайгъат. Дур васги шагьидасул хвел щун ахираталде ана», - ян. Гьеб мехалъ Умму-Ибрагьим Аллагьасе шукру гьабулаго суждаялда речIчIана ва абуна: «Дица Дуе шукру гьабула БетIергьан дир сайгъат къабул гьабуралъухъ», - ан.

Хадубги ГIабдулвахIидица бицана: «Нахъисеб къоялъ мажгиталда вукIаго жание лъугьун ячIана Умму-Ибрагьим ва бачIинахъего гьелъ ахIун абуна рохел гьабеян. ХIикмалъарав дица гьелда цIехана щиб ккарабилан. Гьелъ абуна: “Къаси дида Ибрагьим макьилъ вихьана. Гьев вукIана гьайбатал нигIматаз цIураб ахикь, гIурччинаб ретIелги ретIун, бетIералда тажги лъун, жавгьар-якъуталъул гьабураб тахида гIодов чIун. Гьес дида абуна: “Рохел гьабе эбел, дол сипатал жиндие гьарун йикIарай бахIарай ячана дица”, - ян».

Аллагьас насиб гьабеги нилъее диналъул бичIчIи бугел ва гьеб цIунулел лъималгун тухум-кьибил.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...