Аслияб гьумералде

Суратул «Ихласалъул» хиралъи

Суратул «Ихласалъул» хиралъи

Суратул «Ихласалъул» хиралъи

Аллагь разилъаяв Жабирица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца къойида жаниб 50 нухалъ Суратул «Ихлас» цIалун, гьесде къиямасеб къоялъ ахIулила, мун тIаде вахъа, жинца Аллагь веццарав ва алжаналдеги лъугьаян.

Аварагас цо къапила битIанила сапаралъ, гьезул имамас щибаб ракагIаталда АлхIамалда хадуб Къулгьуги цIалулеб букIанила. Гьел сапаралдаса руссиндал, гьезул имамас гьабураб аварагасе бицанила.

Аварагас абунила нужеца гьесда цIехейин щай гьес щибаб ракагIаталда Къулгьу цIаларабин абун. АсхIабзабаз цIехедал, гьес абунила Къулгьу бугин Аллагьасе сипат гьабулеб сура, гьединлъидал бокьулин гьеб цIализеян.

Гьесул жаваб рагIидал, аварагас абунила, нужеца гьесда бицейин гьев Аллагьасе вокьулеблъиялъул рохел. Хириял диналъул вацал ва яцал, суратул «Ихласалда» жаниб буго 47 хIарп ва щибаб хIарпалъул кириги бащалъула анцIгоялда.

ХIасил - цо нухалда гьеб цIаларасе 470 кири щолеб буго. Какилъ цIалараб Къуръаналъул кири гIемерго цIикIкIунинги абун буго ГIали асхIабас.

Аллагьас нилъ гьареги цIалараб Къулгьуги Къуръаналъул цогидал сурабиги цIикIкIун къабуллъараздасан ва гьеб сабаблъун Аллагьасе рокьулездасан.

МУХIАМАДХIАБИБ САГIИДОВ, Какилъ цIалараб Къуръаналъул кири гIемерго цIикIкIуна... ГЪУНИБ РАЙОН, КIУЯДА РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...