Аслияб гьумералде

Лагъ цIуни жиндилъ бугеб

ГIадамазда лъаларо Аллагьасул гIелмабаздаса цIакъ дагьаб жо гурони

Лагъ цIуни жиндилъ бугеб

Цо къоялъ аварагасда Къуръаналдаса бищун хирияб сура щибилан абун цIехедал, гьес абуна «Суратул Бакъарат» бугин. Цинги аварагасда гьикъана: «Бакъараталъул аятазул бищун хирияб кинаб кколеб?» - илан. «ГIаршалъул бицунеб аят», - абун жаваб гьабуна аварагас .

Гьеб аяталъул хIакъалъулъ рагIичIев чи ватиларо. Къуръаналъул бищун хирияб, бищун къиматаб, бищун кири цIикIкIараб аят ккола гьеб. Гьелъул хиралъаби рикIкIине нилъеда хIал кIоларо. Гьале гьеб аят:

اللَّهُ لاَ إِلَهَ إِلاَّ هُوَ الْحَيُّ الْقَيُّومُ لاَ تَأْخُذُهُ سِنَةٌ وَلاَ نَوْمٌ لَّهُ مَا فِي السَّمَاوَاتِ وَمَا فِي الأَرْضِ مَن ذَا الَّذِي يَشْفَعُ عِندَهُ إِلاَّ بِإِذْنِهِ يَعْلَمُ مَا بَيْنَ أَيْدِيهِمْ وَمَا خَلْفَهُمْ وَلاَ يُحِيطُونَ بِشَيْءٍ مِّنْ عِلْمِهِ إِلاَّ بِمَا شَاء وَسِعَ كُرْسِيُّهُ السَّمَاوَاتِ وَالأَرْضَ وَلاَ يَؤُودُهُ حِفْظُهُمَا وَهُووَ الْعَلِيُّ الْعَظِيمُ

МагIна: «ХIакълъунго, ТIадегIанав Аллагь жив гурев цоги Аллагь гьечIев вуго, жиндие лагълъи гьабизе бегьулев. Жинда релълъараб щибго жоги гьечIев, жив щибго жоялде хIажатавги гьечIев вуго. Жив чIагояв, Жиндие хвел гьечIев, даимго Жив нахъе хутIулев вуго. Киналниги халкъазул: гIадамал, хIайванал, женал, малаикал ва цогидаб кинабго махлукъаталъул тадбир Жинца гьабулев. Гьел киналго Жинде хIажатав, Жив щибго жоялде хIажатав гьечIев вуго. Жинде тIаде загIипаб яги къуватаб макьу бачIун гьелъ Жив кколарев вуго. Гьелъул магIна буго: гьесда тIад кинабгIаги гъаплат, кIочен, тохлъи бачIунаро ва Гьев щибаб лахIзаталъ кинабго махлукъаталъул тадбир гьабулев, гьеб махлукъ Жинда бихьулев вуго. Аллагьасул мулк буго зобалракьал ва гьезда жаниб бугеб кинабго махлукъат. Кинабго жо Гьесул къудраталда гъоркь буго ва Гьесие лагъзал руго. Щивго чи гьечIо жинца цогидасе шапагIат гьабизе кIолев, Аллагьас изну кьун хадуб гурони. ГIадамазда жиб лъалеб, бихьулеб дунялияб жо ва гьезда нахъа бугеб, гьезда тIаде бачIине бугеб ахираталъул умуралги Жинда лъалев вуго Аллагь. Жиндир лъай кинабго жоялде гIамлъарав Аллагь. ГIадамазда лъаларо Аллагьасул гIелмабаздаса цIакъ дагьаб жо гурони. Аварагзаби ритIун умматалда лъазабураб къадар гурони. Аллагьасул Курс, зобал-ракьаздаса Жиндир кIодолъи, гIатIилъи цIикIкIараб буго. ТIадегIанав Аллагьасе щибго захIмалъи, гIажизлъи букIунаро гьал киналго зобал-ракьазул тадбир гьабизе ва гьел цIунизе. Аллагь кинабго халкъалда тIад вугев вуго Жиндир ханлъиялдалъун, чIухIиялъул ва кIодолъиялъул БетIергьанги вуго».

Аятул Курси рещтIиналъе сабаб

Цо къоялъ ягьудияз Муса аварагасда гьикъана: «Дур БетIергьан кьижулищ?» - илан. Мусаца жаваб гьабуна: «Нуж Аллагьасукьа хIинкъа!» - ян. Цинги вахIю гьабун Аллагьас Мусада абуна: «Гьез дуда дур Аллагь кьижулищин гьикъана. Гьанже мун, кIиго цIорол кесекги кодоб ккун, сахаб сордоялъ кьижичIого вахъун чIа!» - ян.

Муса авараг Аллагьасул амру тIубазабизе лъугьана. Кинниги сардил лъабго бутIаялъул кIиго бутIа индал гьев квешго макьихун, накабазде вортана. Сахаб сордоялъ щулаго ккун рукIарал кIиябго цIорол кесек гIодобе бортун, рекун ана. Цинги вахIюялдалъун Аллагьас Мусаде хитIаб гьабун абуна: «Ле, Муса! Дун кьижулевлъун вукIаравани гьадаб кIиябго цIорол кесек бекарабго гIадин зобал ракьалдеги рортун, кинабго хвелаан», - илан.

Цо-цо гIалимзабаз абуна МухIаммад аварагас гьеб лъугьа-бахъиналъун бицунеб мехалъ рещтIараб аят батизе бегьулин аятул Курси. Имам СуютIиясги «АлИткъан» абураб тIехьалда хъвалеб буго гьеб сура къаси сардилъ рещтIанилан, амма гьеб Мусал лъугьабахъиналъул гьес рехсон гьечIо.

Аятул Курсиялъул хиралъаби

ТIадегIанав Аллагьас рещтIарал аятазул дуда аскIоб бищун тIадегIанаб кинаб бугебин аварагасда цIехедал, аятул Курси бугин абуна.

Аварагас абуна: «Суратул «Бакъараталъул» тIоцебесеб ункъо аят, аятул Курси ва гьелда хадуб бугеб жеги кIиго аятги ва «Бакъараталъул» ахирисеб лъабго аятги цIаларав чиясда жиндилъ ва жиндирго боцIи-малалъулъ гьесие бокьичIеб жо бихьиларо, гьесдаса шайтIанги рикIкIалъила ва Къуръанги гьесда кIоченаро», - ян.

Паризаял каказда хадуб аятул Курси цIали

Хирияв аварагас абуна: «Паризаял каказда хадуб аятул Курси цIалулев чиясе Алжаналъуве лъугьине хвалица гурони квалквал гьабиларо. Гьеб аят цIалиялда тIадчIейги гIабидас ва ритIухъас гурони гьабиларо», - ян.

Кьижизе регилалде цебе цIали

ШайтIаналдаса цIунизелъун букIине кьижизегIан цебе аятул Курси цIализе лъикIаб буго. ГIаишатидасан бачIана аварагасги r лъикIаблъун бихьизабун бугин гьеб. Абу Гьурайратица бицана: «Цо нухалъ аварагас дида рамазан моцIалъ бакIарараб закагIат цIунизе тIадкъана. КватIичIого дихъеги вачIун цо чияс жиндиего квен бакIаризе байбихьана.

Дица, гьевги ккун, абуна: «АллагьасхIаги, дица мун чарагьечIого аварагасухъе вачине вуго», - ян. Гьев чияс абуна: «Дун къварилъиялде ккун вуго. Дир кIудияб хъизан буго, дун кутакалда гьеб квеналде хIажатав вуго!» - ян. Гьел рагIабаздаса хадуб дица гьев виччан тана. Радал аварагас дида цIехана: «Я, Абу Гьурайра! Дуца ккурав чияс щиб сон гьабураб?» - илан.

Дица абуна: «Я, Бичасул авараг гьев чи зигардана кIудияб хъизан бугин ва кутакалда хIажатавги вугин абун. Цинги ракIги гурхIун виччан тана дица гьев», - илан. Аварагас абуна: «Гьес дуе гьереси бицана ва гьев жеги вачIинеги вуго», - ян. Аварагас вачIине вугин абидал, дун гьев чиясухъ балагьун чIана. КватIичIого гьев вачIана ва цIидасан квен бакIаризе жувана.

ЦIидасан гьевги ккун дица абуна: «Гьанже дица мун аварагасухъе вачина», - ян. Гьев чияс абуна: «Виччанте, дир хIажалъиги бугелъул, дир гIемерал лъималги руго ва дун тIокIалъ гьанивеги вачIинаро», - ян. РакI гурхIун гьанжеги виччан тана ва радал аварагас цIидасан цIехана дида: «Я, Абу Гьурайра! Дуца ккурав чияс щиб сон гьабураб?» - илан. Дица абуна: «Я, Бичасул авараг кутакалда хIажалъи бугин ва лъималги гIемер ругилан абидал, ракI гурхIун виччан тана дица гьев», - илан.

Аварагас абуна: «Гьес дуе гьереси бицана ва гьев жеги вачIинеги вуго», - ян. Гьев вачIиналъухъ балагьун чIедал, кватIичIого тIаде щвана гьев ва цIидасан квен бакIаризе лъугьана. Дица абуна: «Гьанже дица мун аварагасухъе вачинчIого теларо. Дуца лъабабилеб нухалъ абулеб буго тIокIав вачIинарин, амма цIидасанги вачIунев вуго», - илан. Гьеб мехалъ гьес абуна: «Дуца виччани Аллагьас дуе пайдаяллъун гьарулел рагIаби малъила дуда», - ян.

Дица гьикъана: «Кинал рагIаби гьел?» - илан. Гьес абуна: «Кьижизе вахунаго аятул Курси авалалдаса ахиралде щвезегIан цIале. Гьедин цIалани радал макьидаса ворчIизегIан Аллагьасул рахъалъан мун цIунизе чи вачIина ва шайтIаналдаги дуде гIагарлъизе кIоларо!» - ян. Гьанжеги виччан тана ва радал аварагас цIидасан цIехана дида: «Я, Абу Гьурайра! Дуца ккурав чияс щиб сон гьабураб?» - илан. Дица жаваб гьабуна: «Я, Бичасул авараг , гьес абуна Аллагьас дие пайдаяллъун гьарулел рагIаби малъилин, цинги дица гьев виччана», - ян.

Аварагас гьикъана: «Кинал рагIаби гьел?» - илан. Дица жаваб гьабуна: «Гьев чияс дида абуна кьижизе вахунаго аятул Курси авалалдаса ахиралде щвезегIан цIалеян. Гьедин цIалани радал макьидаса ворчIизегIан Аллагьасул рахъалъан мун цIунизе чи вачIинин ва шайтIаналдаги дуде гIагарлъизе кIоларин абун».

Хадубги Абу Гьурайраца бицана хирияв аварагас абунин: «Живго гьерсихъан вугониги гьес дуе битIараб бицун буго! Гьаб лъабго сордоялъ щивгун кIалъалев вукIаравали лъалищ дуда, Абу Гьурайра?» - ян. Лъаларин дица абидал, аварагас абуна: «Гьеб шайтIан букIана», - ян. (Бухари)

Жабир Мажидов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...