Аслияб гьумералде

Пайда камун букIинаро

Пайда камун букIинаро

Пайда камун букIинаро

Къуръан цIали буго нилъер щивас рес рекъарабго, хIатта щибаб какда цебегун хадуб цIалулеб ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ калам. ЦIалулелъул гIемерисез ниятги гьабула кири щолеб Аллагьасул ﷻ калам бугин абураб. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Унго-унгоги гIамалазул халгьаби букIуна нияталдалъун. Гьединлъидал щивасе щвезе буго нияталъухъ балагьун», - ян. 

 

Гьединлъидал Къуръан цIалила гIелму щвезе ва гьелда нахърилълъине абураб нияталда.

ГIабдуллагь ибну МасгIудица бицана: «ХIакъикъияб гIелму бокьарас Къуръаналъухъ халгьабе, гьениб буго цере аразулги нахъа рачIине ругезулги гIелму», - ян. (ТIабарани)

 

 

БАЯН

– Къуръан цIалила Аллагь ﷻ рехсеялъул, Гьесул Калам гьеб букIиналъул, Гьесде гIагарлъиялъул нияталда. Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасул ﷻ руго Гьесде гIагарал лагъзал», - абун.

Щал гьел кколелилан цIехедал, Гьес ﷺ абуна: «Агьлул Къуръан (Къуръан цIалулел, гьеб цоцада малъулел гьелъул агьлу).

Гьел руго Аллагьас ﷻ тIаса рищарал, Гьесде гIагарал чагIи», - абун. (АхIмад)

 

 

– Къуръан цIалила цIаларалда гIамал гьабизелъун абураб нияталда. Аллагьас ﷻ нуж ва нужер лъимал-хъизамал битIараб нухалда тIоритIила.

Абу СагIидил Худрияс бицараб хIадисалда буго, нуж Къуръан цIализе ругьунлъейин, гьеб цIалиялдалъун Аллагьасда ﷻ алжанги гьарейин абураб. Навас ибну СамгIаница бицун буго, жинда рагIанила Аллагьасул Расулас ﷺ абулеб: «Къуръан цIаларалги гьелда рехсаралда рекъон гIумру тIамуралги Къиямасеб къоялъ цере гьарула ва гьезда цере-цере рилълъуна «Бакъарат», «Алу-ГIимран» сураби», - ян. (Муслим)

– Къуръан цIалила Аллагьасде ﷻ руссиналъул нияталда.

– Къуръан цIалила дажалидаса цIуниялъул нияталда. Абу-Дардаца бицун буго «Кагьф» сураялъул тIоцебесеб лъабго аят цIалулев чи дажалил квешлъиялдаса цIунилин абураб хIадис.

– Къуръан цIалила загьиралги батIиниялги унтаби сах гьариялъул нияталда.

Аллагьас ﷻ абун буго: «Нижеца Къуръаналда рещтIинабула жиб унтуе дарулъун бугеб…», - абун. («Исраъ» 82 аят)

– Къуръан цIалила Аллагьас ﷻ бецIлъиялдаса (квешаб гIамалалдаса) нуралде (лъикIлъиялде) рахинариялъул нияталда. «Нижеца гьеб (Къуръан) гьабуна бокьарав лъикIаб нухде тIовитIулеб нурлъун…», - абун буго. («аш-Шура» 52 аят)

– Къуръан цIалила согIлъараб ракI сах гьабиялъе сабаблъун букIине. Гьелъулъ буго ракI парахалъизаби. ХIадисалда буго, ракIал ругила жанибе жо балел цIарагIаллъун, нужеца гьел Къуръаналдалъун цIезареян абун (ибну МасгIуд). Аварагас ﷺ абун буго: «ТIаде лъим ккедал кьагIу тIад чIвалеблъун махх бугебго гIадин, ракIалги руго гьединалго», - ян. «Сундулъ бугеб гьеб бацIцIин», - ян цIехедал, Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Аллагь ﷻ рехсеялъулъ ва Къуръан цIалиялъулъ буго», - ян абун. 

– Къуръан цIалила жундуздаса, бер ккеялдаса, сихIруялдаса цIуниялъул нияталда.

Абу СагIидил Худрияс бицун буго, кIиябго «Къул агIузуби» рещтIинегIан Авараг ﷺ вукIана гIадамазул бераздасаги жундуздасаги дугIа гьабигун Аллагьасде ﷻ гьариялдалъун цIуни гьабулев. Гьеб кIиябго рещтIиндал, цогидаб гьаби жибго тун, гьездалъун цIуни гьабуна Аварагасин ﷺ абун.

– Къуръан цIалила Аллагь ﷻ рехсолеллъун рукIине.

– Къуръан цIалила Аллагьасдехун ﷻ бугеб игIтикъад ва иман цIикIкIинабиялъул нияталда.

– Къуръан цIалила Аллагьасул ﷻ амруялда нахърилълъиналъул мурадалда.

– Къуръан цIалила хабалъ цIуниялъул нияталда. Ибну ГIабасица бицун буго: «Щибаб сордоялъ суратул «Мулк» (Табарака) цIаларав чи Аллагьас ﷻ хабал гIазабалдаса цIунила», - ян абураб хIадис. (Насаи)

– Къуръан цIалила кири щвезелъун. Щайин абуни, гьениб цIалараб щибаб хIарп рикIкIун жазаъ гьабизе къотIи гьабун буго. Гьабураб гIамалалъухъ кьолеб кири БетIергьанас ﷻ жиндиего бокьарасе чанго нухалъ цIикIкIинеги гьабула. «Къуръаналдаса хIарп цIаларасе лъикIаб гIамал хъвала, щибаб лъикIаб гIамалалъухъ (Аллагьас) анцIгоялде бахинабула кири», - ян буго хIадисалда. (Ибну МасгIуд)

– Къуръан цIалила Къиямасеб къоялъ Къуръаналъул шапагIат щвезелъун. 

Абу Умамаца бицун буго, жинда рагIанила Аллагьасул Расулас ﷺ абулеб: «Нужеца Къуръан цIале. Къиямасеб къоялъ гьеб цIаларасе шапагIат гьабун бачIине буго», - ян. (Муслим)

– Къуръан цIалила Аварагасул ﷺ: «Нужеца Къуръан цIале!» - ян абураб васияталда нахърилълъиналъул нияталда.

– Къуръан цIалила Аллагьас ﷻ макъам-даража цIикIкIинабиялъул нияталда.

– Къуръан цIалила Аллагь ﷻ рехсеялъул, Гьесул Калам гьеб букIиналъул, Гьесде гIагарлъиялъул нияталда. Анас-асхIабас бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасул ﷻ руго Гьесде гIагарал лагъзал», - абун. Щал гьел кколелилан цIехедал, Гьес ﷺ абуна: «Агьлул Къуръан (Къуръан цIалулел, гьеб цоцада малъулел гьелъул агьлу). Гьел руго Аллагьас ﷻ тIаса рищарал, Гьесде гIагарал чагIи», - абун. (АхIмад)

– Къуръан цIалила жужахIалъул цIаялдаса ва гьелъул гIазабалдаса цIуниялъул нияталда.

– Къуръан цIалила Аллагьас ﷻ нуж ва нужер лъимал-хъизамал сихIручагIазул хIиллабаздаса цIуниялъул нияталда.

– Къуръан цIалила, гьелде балагьиго гIибадат букIиналъул нияталда. 

– Къуръан цIалила абадияб рукъалъул талихI щвеялъул нияталда. 

– Къуръан цIалила ургъалаби тIаса росиялъул нияталда. 

– Къуръан цIалила Аллагьас ﷻ нужер дугIа къабул гьабиялъул нияталда.

– Къуръан цIалила, гьеб нужее хабалъ дандияблъун ва СиратIалъул къотIа нурлъун чIезе букIиналъ.

– Къуръан цIалила, гьелъ нужелъ, Аварагасеги ﷺ жиб кьун букIараб, лъикIаб гIамал-хасият бессизабизе бугелъул. 

– Къуръан цIалила квешаб гIамалги тун, хIакъаб гьабиялде машгъул гьаризелъун.

– Къуръан цIалила гьава-напс ва шайтIан къезабиялъул нияталда. 

– Къуръан цIалила Къиямасеб къоялъ Аллагьас ﷻ нужедаги капурзабаздаги гьоркьоб батIалъи гьабизелъун. «Дуца Къуръан цIалидал, дудаги Къиямасеб къоялда иман лъоларел чагIаздаги гьоркьоб Нижеца ﷻ бихьулареб пардав гьабула», - ян буго. (Суратул «Исраъ» 45 аят)

– Къуръан цIалила бугони рокъоб гIатIилъи лъугьина, малаикзаби рещтIина, шайтIан нахъе лъутила, нигIматал гьарзалъила.

Кидаго, кинаб хIалалде ккун ругониги Къуръан цIалила. Аллагь ﷻ нужеда цадахъ вукIина.

Къуръан цIале гьал ва гьазда релълъарал, ай шаргIалда данде кколел ниятаздалъун. БетIергьанас ﷻ рахIму-цIоб жеги цIикIкIинабила.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.   Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...