Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул  гIумруялдаса суалал

Щиб хIикмат букIараб байбихьуда Исламалде данде гIемерисел ресалда ругел гIадамал чIеялъул ва щай тIоцебе Ислам босарал гIемерисел гIадамал рес гьечIел рукIарал?

Хирияб Къуръаналъул къисабаздасаги Аварагасул сираталдасаги нилъеда бихьулеб буго Аварагзабазда иман лъолел аслиял гIадамал гIадатиял, мискинал, загIипал гIадамал рукIараблъиги, гьезда дандечIей гьабулел гIадамал гIемерисел ханзабиги чIухIарал гIадамалги рукIараблъиги.

Гьелъие аслияб гIиллалъун ккола, киналго аварагзаби жиндалъун ритIараб Аллагьасул хIакъаб диналъул бищун цебесеб масъалалъун букIин гIадамал хIакъирго лагълъи гьабиялдасаги бечедазул зулмуялдасаги эркен гьарун гIицIго Аллагьасе лагълъи гьабиялде ахIи ва кинавго чи Аллагьасда цеве ващад вукIин лъазаби.

ГIадамазул тIадчилъиялдаса, гьезул хIукмуялдаса ратIаги гьарун, кинабго халкъ Аллагьасул хIукмуялде ахIи. Гьеб жо тIоцебе тункула гIадатияб халкъалда тIад ханлъи гьабизе бокьарал гIадамазда. Мискинзабазеги загIипал гIадамазеги гьелъул шибго къварилъи букIунаро. ГIакълу бугев инсанасеги инсанасул лагълъун вукIиналдаса Аллагьасул лагълъун вукIине ва Гьесул хIукмуялъе мутIигIлъизе бокьула. Гьелъ байбихьуда Аварагзабазе тIоцере мутIигIлъулел гIадамал гIемерисел рукIана мискинал, загIипал.

Къуръаналдасан ва Аварагасул гIумруялдасан нилъеда лъала тIоцере исламалде рачIарал, аварагазабазда нахърилълъун гьезда иман лъурал гIемерисел гIадамал мискинал, жидер гIагIарлъи-тухум гьечIел чагIи рукIин ва гьединго исламалде данде хIалтIулезул мухъилъ бечедал ва чIухIарал хIакимзаби рукIараллъи.

Гьелъие гIиллаги киналниги аварагзаби жиндалъун рачIараб Аллагьасул хIакъикъияб диналъул аслияб мурад, Жив цолъун вугев Аллагьасе лагълъи гьаби. Жал аллагьзабийин чIарал гIадамазе гьабичIого ханзабазул зулму-хIалалдаса халкъ хвасар гьаби ва гьединго Аллагьасул хIукмабазда нахърилълъинги ва гьединго хIакъалде гьел ахIиги буго.

ТIоцебесеб иргаялда, жидее халкъ мутIигIги гьабун, жидерго хайиралъе гьезда тIад кверщел гьаби мурадлъун бугел ханзабазеги хIакимзабазеги гьеб рекIее гIечIо. Амма гIадатияв, жиндир гIакълу камилав чияс Аллагьасул лагълъун вукIун, Гьесул амрабазда нахъвилълъин тIаса бищана цогидав инсанасул лагълъун вукIиналдаса.

Тавраталда МухIаммад Аварагасул хIакъалъулъ рукIарал кинал баянал ягьудияз балъго гьарурал ва сундуе гIоло?

Нилъер Аварагасул хIакъалъулъ Тавраталда гIемераб бицен букIана, амма ягьудиязул хIасадалъги жидехъа кIодолъи, ханлъи борчIиялдаса хIинкъиялъги гьез гьел гIаламатал рахчана гIадамал МухIаммад Аварагасда хадур инчIого рукIине. Гьезда ккун букIана цIияв Авараг ягьудиязда гьоркьоса вахъинин. ГIарабиязда гьоркьоса гьев вахъиндал, гьез гьесул хIакъалъулъ рукIарал биценал ва сипатал халкъалдаса балъго гьаруна.

Гьениб, ай Тавраталда хъван букIана: «Я, Муса, дуда хадув вукIине вуго мунго гIадинав цоги авараг, гьес бицине буго Дир калам ва Дир кинабго амруги халкъалъухъе щвезабизе буго. Гьев авараг гьечIилан абурав чиги гьалаглъизе вуго. Гьес бицине буго лъугьинисеб, гьеб лъугьинчIони гьев витIарав авараглъун вукIунаро», - ян.

Цо ягьудиясда асхIабзабаз цIехана МухIаммад Аварагасул хIакъалъулъ щиб хъван бугеб Тавраталдаян. Гьес абуна: «Гьев вукIине вуго мискин-пакъирзабазе цIунилъун» - абун хъван бугин.

МухIаммад Аварагасул бищун кIудияб мугIжизаталъул хIакъалъулъ бицани бокьилаан.

МухIаммад Аварагасе гурого кьечIел хассал мугIжизатазул бищун кIудияб мугIжизатлъун ккола хирияб Къуръан. Къуръаналъул мугIжизатиял рахъал гIемерал ва батIи-батIиял руго. Гьеб буго лъугIел гьечIеб, Къиямасеб къо чIезегIан букIине бугеб мугIжизат. Цогидал аварагзабазул мугIжизатал жалго хвезегIан гурого рукIинчIо.

Гьездасан ккола тIолго дунял данделъун ургъаниги жиндир цо сураталда релъарабгIаги жо халкъалда ургъизе бажарунгутIи. Гьединго гьездасан ккола некIсиял аварагзабазулги гьезул уматазулги тарихги хIакъикъатги тIаде балагьун вукIарав чияс гIадин мухIканго гьелъ бицин. Гьединго гьездасан ккола нахъа ккезе бугеб жо цебеккунго Къуръаналъги бицун, гьелъ бицухъе ккун халкъалда бихьи.

Гьединго гьездасан ккола дунялалда бищунго гIадлуяб, бищун талихIаб тIолго дунялалъе Къиямасеб къо чIезегIан данде кколеб шаргIзаконалъул аслулъун жиб букIин. Гьединго гьездасан ккола нус-нус соналдаса халкъалъ рагьизе ругел гIелмиял цIирагьиязде цебеккунго Къуръаналда ишара букIин.

Гьединго гьездасан ккола хIарп хисичIого къиямасеб къо чIезегIан гьеб цIунун хутIи. Гьединго гьездасан ккола азаазар нухалъ гIундузда рагIаниги цIидасан рагIулеб цIияб жо гIадин кидаго гьеб Къуръан хутIи. Къуръаналъул мугIжизатал рицун хIал кIоларелгIан гIемерал руго.

Къуръаналъул аятал хъвайилан амру гьабулеб букIанищ Аварагас ?

Аварагасул амруялдалъун, гьев чIаго вукIаго, тIубанго Къуръаналъул аятал хъван рукIана, амма гьел цойиде ракIарун рукIинчIо. Щай абуни, ахирисеб аят рещтIаралдаса гIемер заманго балелде Авараг панаяб дунял тун ахираталъул рокъове накълулъана. Аварагасул рукIана хасал асхIабзаби, рещтIанщинал Къуръаналъул аятал хъвалел. Гьезул рукIана 42-гIанасев чи, гьезул гIемерисел Ибну Касирил «Аль-Бидаят ва нигьаят» абураб тIехьалдаги рехсон руго (т. 5, гьум. 353-369). Гьездасан машгьураллъун ккола Абу Бакр, ГIумар, ГIусман, ГIали, ГIамр бину Фугьайрат, ГIабдуллагь бину Аркъан, Убаю бину КIагIб, Сабит бину Къайс, Зайд ибну Сабит ва гь. ц.

Гьеб соналъ Авараг пашманлъиялъе аслияб гIила щиб букIараб?

Гьеб соналъ Авараг аслияб къагIидаялъ пашманлъун вукIана гьесие бищун хириял гIагарал чагIи хвей гуребги, гьесда цебе гьелдалъун Исламалде халкъ ахIизе рукIарал нухал къай. Гьел нухал ратиялъе сабаблъун рукIиндал чIужу Хадижатги имгIал АбутIалибги.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...