Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул  гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасеги ва тIоцебе иман лъурал бусурбабазеги щиб гIакъуба гьабулеб букIараб къурайшияз?

Аварагасе ва гьесда нахърилълъаразе гIемераб зарал гьабуна гьез. ЗагIипго рукIарал бусурбабазул цоял рухана, цоял чIвана, цоцоял ракъизаруна, бецлъизаруна, цо-цоязда багIаризеги гьабун махх цвизабуна, бухIараб салулъги регизарун, кIудияб гамачIги тIад лъун, къоялъ бакъукь, гIазабалда чIезаруна, гьез Исламалдаса инкар гьабизе гIоло.

Аварагасдаги гьез гьерсихъан, палихъан, кочIохъан, сихIручи, жундуца ккурав абун тIокIцIарал лъуна. ТIадеги кIанцIун гьев гъанкъизе хIал бихьана, щибаб тухумалдаса къуватал гIолохъаби ракIарун, цадахъго тIаде кIанцIун, гьев чIвазе къасдал гьаруна. Хъураб вараниялъул ургьимес, КагIбаялда аскIов какилъ суждаялда вукIаго, гьесда тIаде рехана.

Гьевги, гьесул гIагарлъиги, гьесда иман лъурал гIадамалги шагьаралдаса къватIире гъуна, АбутIалибил колода лъабго соналъ чIезаруна, дармил ва ригьинцIаялъул хурхенал къотIизаруна. Аварагасги гьесда иман лъуразги кинабго хIехьана Аллагьасул диналъе гIоло.

Аварагасе зарал гьабизе Аллагьас капурзаби риччаялъул хIикмат щиб букIараб?

Гьелда жаниб къиямасеб къо чIезегIан Исламалде халкъ ахIулел гIадамазе дарс букIана. Хирияс кIалалъ абун течIого, ишалдалъунги бихьизабуна Исламалде халкъ ахIулаго захIмалъиги, зулмуги, заралги баччизе кколеблъи. Щайин абуни, хIалбихьизе Аллагьас диналде халкъ ахIулезда гIемер захIмалъи чIамизабулеб гIадат буго.

Аварагасда капурзабазул зарал бихьун букIинчIебани, дагIват гьабулезе абизе рес букIана Аварагасе нилъее гIадин захIмалъи букIинчIилан. Гьелъие гIоло ТIадегIанав Аллагьас Аварагасда бищунго цIикIкIараб заралги захIматги баччизабуна, хадусеб умматалъе дарслъунги букIине. Гьез баччараб захIматалъулъ Аллагьас гьезие ахираталда бищун чIахIиял даражабиги кьезе руго.

Эфиопиялде (ХIабашиялде) гьижра гьабун арал асхIабзабаздаги гьелъул хан Нажашиясдаги гьоркьоб щиб калам ккараб?

Маккаялда дин гьабизе ресги кьоларого, дин гьабулезе зулмуги гьабураб мехалъ, Аварагасги абун асхIабзабаз Эфиопиялде гьижра гьабуна диналъе рес щвезе гIоло. Гьебги лъан Маккаялъул мушрикиназ жидерго вакилзаби ритIана Эфиопиялъул хан Нажашиясда гьаризе гьел гIадамал къабулги гьаричIого жидерго ватIаналде тIадруссинареян.

Гьез абуна: «ХIурматияв хан, цо гIолохъаби руго нижер ракьалдаса дур улкаялде рачIарал, гIакълуги дагьал, жидерго умумузул букIараб динги рехун тарал, нужер динги къабул гьабичIел, гьел нахъруссинаре», - ян. Маккаялъул агьлуялъ сайгъаталги росун ГIасил вас ГIамруги АбурабигIатил вас ГIабдуллагьги гьенире ритIун рукIана. Ханас абуна, цин гьезухъ гIенеккизе кколин живилан. Цинги асхIабзабиги ахIун, ханас гьезда абула: «Гьаб щиб нужеца босараб цIияб дин, умумузул букIарабги рехун тун, нижер диналдеги лъугьинчIого?» - абун.

АсхIабзабазда гьоркьоса кIалъазе вахъана АбутIалибил вас ЖагIфар. Гьес абуна: «ХIурматияв хан, ниж рукIана жагьилиял гIадатал хIалтIизабулеб къавм, хъанчазе лагълъиги гьабулел, капурго хварал хIайваназул гьанги кваналел, къабихIал, квешал пишабиги хIалтIизарулел, гIагарлъиялъулгун бухьеналги къотIизарулел, мадугьалзабаздехун мадугьаллъиги квеш гьабулел, къуватаз загIипазда тIад зулмуги гьабулел.

Ниж гьеб хIалалда рукIана, Аллагьас нижехъе МухIаммад расуллъун витIун вачIинегIан. Гьевги вуго нижеда живги жиндир насабги лъикI лъалев, битIараб гурони бицунарев, аманат цIунулев, хиянат-рекIкI гьечIев, киназго хIурмат гьабулев чи. Гьес ниж ахIана Аллагь цо гьавиялде, Аллагьасе ракIбацIцIадго лагълъи гьабиялде, нижецаги нижер умумузги лагълъи гьабулел рукIарал хъанчалги ганчIалги рехун теялде.

Гьес нижеда амру гьабуна битIараб бицеянги, гIагарлъиялъулгун хурхен щула гьабеянги, къабихIал пишаби рехун теянги. Нижеца гьев ритIухъги гьавуна, гьесда иманги лъуна, Аллагьасдасан бачIаралда нижги божана.

Гьеб мехалъ нижер къавмалъ зулму-къварилъи гьабизе байбихьана, гIазаб кьезе лъугьана, динги тун хъанчазе лагълъи гьабиялде руссайин питна гьабуна. Гьез нижеда гьабулеб зулму-хIал цIикIкIиндал, ниж нужер улкаялдеги рачIана дур ритIухълъиялде ва дуца цIуниялде хьулги лъун, дуда аскIоб зулму гьабичIого хутIиялда нижер хьулги буго», - ян

Цинги Маккаялъул вакилзабаз абуна: «Ле, хан, гьал гIадамаз ГIиса аварагасул хIакъалъулъ бегьулареб рагIи абулеб буго», - ян. Ханас асхIабзабазда гьикъана, нужеца ГIиса аварагасул хIакъалъулъ щиб абулебилан. Гьез Къуръаналъул аяталги цIалун, ГIиса авараг Аллагьасул лагъ вукIинги, Марямица гьавурав вас вукIинги, гьев Аллагьасул авараг вукIинги бицана. Ханас ракьалдаса цо гIучIги кодобе босун абуна: «Гьаб гIучIалъул къадаралъцин кьуричIого нужеца бицараб кинабго жо данде ккана ГIиса аварагас бицаралда», - абун. Цинги, ритIухълъиялъул рахъги ккун, Маккаялъул вакилзаби гьес нахъе ритIана.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Волейболалъул турнир

1 маялда ХӀебда росулъ тӀобитӀана, СВОялъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул хIурматалда, школазул цIалдохъабазда гьоркьоб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ХIебда росдал имам ГIумархIажи МухIаммадхIажиевасги. Жиндирго кIалъаялда гьес киназего гьарана бергьенлъи ва...


«Инсан» фондалъул лъазаби

«Инсан» фондалъ байбихьун буго Маккаялда къварилъиялда ругел гӀадамазе садакъаде бикьизе къурбан хъвезе бокьаразул гӀарзаби къабул гьаризе. Фондалъ тӀубазабизе бугин тӀолабго иш: къурбаналъе хъвезе хӀайван боси, шаргӀалъул къануназда рекъон гӀид тӀубай ва Маккаялда къварилъиялда ругезе...


Дилималда тӀобитӀана данделъи

Казбек районалъул Дилим росулъ тӀобитӀана районалъул диниял вакилзабазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Ас-салам» газеталъул, лъай кьеялъул управлениялъул, «Инсан» фондалъул, районалъул гӀолилазул жамгӀияб гӀуцӀиялъул хIаракатчагIазги. Тадбир рагьана хирияб Къуръан...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Жиндир тIабигIат - Къуръан

ХӀадисазул тӀахьазул аслиял мурадазул цояблъун ккола МухӀаммад аварагасулﷺ шамаилал тIиритIизари, ай гьесул вукIа-вахъин, тIабигIат. Къокъго абуни, Аварагасда ﷺ хурхарабщинаб. Гьелъие гIиллалъун ккана МухIаммад Авараг ﷺ камилав, жиндаса мисал босулевлъун вукIиналъ.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...