Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ асараздасан

Аварагасул ﷺ асараздасан

Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул букӀана «Мугъис» абурабги стакан. 

 

Сабит Бунанидасан бицана, Анас ибн Маликица нижеда бихьизабунин цIулал хъачӀаб стакан жиб маххалъ къачIараб, цинги абуна: «Сабит, гьаб ккола Аварагасул ﷺ стакан», - ян. Дица Аварагасе ﷺ гьаб стаканалъусан кьуна гIемер батIи-батIиял жал гьекъезе: лъим, гьоцӀо, набиз, рахь ва гь. ц».

Имам Бажурияс баян гьабун абуна, «набиз» кколин лъелъе чамасдакI рехун, гьуинаб тӀагӀам бачIинегIан тараб гьекъолеб жоян. 

Гьаниб хас гьабун Анасихъ букIараб цӀулал стаканалъул бицен буго.

Гьалъги бихьизабулеб буго Аварагасул ﷺ букӀарабщинаб жо, ретӀел-хьит, тӀагӀел-алат, ярагъ, асхӀабзабаз мухӀканго цӀунулеб букӀин. Гьелдаса гьез хIаракат бахъулаан кIванагIан баракат тIалаб гьабизе. Гьеб шаргIалъ гьукъараб жоги гьечIо.

Сабит Бунаница, Анас ибн Малик вихьидал, гьесул кверги ккун, убачги гьабун абулеб букIана: «Аварагасул ﷺ квер хъвараб квер», - ян.

Гьеб стакан босун букӀана ан-Надар ибну Анасил ирсалдаса 800 азарго диргьамалде. Имам Бухарияс бицана жинда гьеб стакан Басраялда бихьанин ва гьелъусан гьекъанин абунги.

Аварагасе ﷺ Анас ибну Маликица къаси набиз гьабулаан, хадуб радал гьекъолаан ва нахъеги гьебго къоялъул къасиги гьекъолаан, хадусеб къоялъ бакъанимех щвезегIан. Нагагьлъун нахъе хутӀани, Аварагас ﷺ амру гьабулаан гьекъолеб жо цогидазе кьеян. Аварагас ﷺ гьекъолеб букӀараб набизалда жаниб гӀемерал пайдаби руго, гьелъ квербакъула чорхол къуват цӀикӀкӀинабиялъеги.

Гьаб хIадисалда рехсарав Сабит Бунани вукIана Анас ибну Маликил машгьурав мутагIалим ва табигIун. ТабигIун ккола жинда асхIаб вихьарав чи.

Сабит Бунани гIалимзабаз рикIкIана божизе бегьулевлъун. Гьес Анас ибн Маликидасан, ГIабдуллагь ибн Зубайридасан, ГIабдуллагь ибн ГIумаридасан хIадисалги рицана.

Абу ХIатим Разияс абулеб букIана: «Анас ибн Маликил бищун божизе бегьулел цIалдохъаби рукIана ХIасан Басри, Зугьри, МухIаммад ибн Сирин, Сабит ва Къатадат», - абун.

Сабит Бунанияс абуна: «Дун Анас ибн Маликгун 40 соналъ цадахъ вукIана, гьеб заманалда жаниб гьесдаса цIикIкIун Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев чи дида вихьичIо», - ян. Сабит Бунанияс дунял тана 127-абилеб гьижрияб соналъ.

Аллагьасул Расуласул ﷺ букӀана цо шиша гIадинаб цIарагI, жинда жаниса щиб бугониги жо гьекъолеб. Гьеб Аварагасе ﷺ кьуна Эфиопиялъул хан Нажашица.

МухӀаммад аварагасул ﷺ букӀана хӀарщул парччи, гьелъул кумекалдалъун какичурулаан ва лъимги гьекъолаан.

Гьединго [Мадинаялъул] гӀадамаз жидерго [балугълъиялде рахинчӀел] лъимал гьесухъе ритӀулаан, гьеб парччиялъуса гьекъезе ва жаниб бугеб лъим жидерго черхалде ва гьурмалда тӀезе, баракат щвезелъун.

Аварагас ﷺ рогьалил как бан хадуб, Мадинаялъул лагъзал гьесухъе рачӀунаан лъел цӀурал гъадарабиги росун ва гьес гьел гъадарабазул щибалъулъ квер лъолаан [Аварагасул ﷺ баракат бугеб квералдаса баракат тӀалаб гьабизе].

Аварагасе ﷺ бокьулеб щибаб жо нилъееги бокьизе ккола. Аварагас ﷺ квен кин кваналеб ва лъим кин гьекъолеб букIарабали балагьун, гьедин гьабизе ккола. Гьеб ккола Аварагасул ﷺ суннат. Гьединго Аварагасе ﷺ бокьанщинаб бокьи ккола иманалъул бацIцIалъиялдасан.

ГIатIаъ ибну Ясарица бицана Умму Саламатидасан: «Дица цо нухалъ Аварагасе ﷺ бачIана бежараб чахъдал хьибил ва гьеб кванана. Хадуб как базе вахъана какие чуричIого», - ян. (Имам Тирмизи)

Къутайбат ибну ЛагьигIатица бицана Сулейман ибну Зиядидасан ва гьесги ГIабдуллагь ибну ХIарисидасан: «Нижеца Аллагьасул расуласда ﷺ цадахъ кванана мажгиталда жаниб бежараб гьан», - ян. ХIадисалъ тIоритIел гьабула мажгиталда жаниб кваназе бегьулеблъи, чорок гьабулеб батичIебгIан заманалъ. Мажгиталда жаниб кваназе бегьула цо чиясе ва жамагIатгун цадахъ.

Имам Заркашияс абуна: «Мажгиталда жаниб кваназе бегьула гIеч, чед, хъарпуз ва цогидабги. Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда буго ГIабдуллагь ибну ХIарисица абунин: «Аварагасул ﷺ заманалда нижеца мажгиталда жаниб чедги гьанги кванана», - ян. Кинниги рекъараб буго кванида гъоркь жо тIамизе, мажгит чороклъичIого ва гьеб сабаблъун хIутI-хъумур гьенибе бакIаричIого букIине. Нилъеца бицараб хаслъула махI гьечIеб кванида. МахI бугеб квен батани, масала пер, ражипер гIадинаб, мажгиталда кваназе карагьалъула.

Мугъира ибну ШугIбатидасан бицана, къаси мехалъ жив анин Аварагасда ﷺ цадахъ гьоболлъухъ. (Хъвалеб буго гьоболлъухъ рукIанин Зубайр ибну ГIабдулмутIалибил яс ЗубагIатихъ). «Бежараб чахъдал бох бачIана. Нусги босун Авараг ﷺ лъугьана гьеб къотIизе ва диеги кесек къотIана. ГьебсагIаталда Билал вачIана ва абуна какил заман щванилан. Аварагас ﷺ, нусги гIодобе рехун, абуна гьасие щибин, кверал ракьул цIегийин абун. Билалил михъал кIутIбузде щун, халалъун, далун рукIана. Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Дица къунцIила гьел сивакакги лъун яги сивакакги лъун дуцаго къунцIе», - ян.

Гьесул кверал ракьул цIегийин абун Аварагас ﷺ абичIо аслияб магIнагун, гьелъул магIна букIана гьедин гьабугеян абураб. Квен цебе букIаго, какилъ хIузур цIунизе квалквал гьабулелъул. Рукъалъул бетIергьанасеги бокьичIого букIине бегьула кIанцIун рахъун инеги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....