Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ кванай

Аварагасул ﷺ кванай

Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян. Тафсир гьабулез абулеб буго гьеб батулин белъун кванараб пер, махI букIинчIо букIине.

 

«Ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян абураб ГӀаишатил рагIабазул магIана ккола, белъараб пер жиндилъ бугеб квен квананин абураб. ГIицIго пер кванай абураб магIна гуро.

МухӀаммад аварагас ﷺ киданиги ражи кваначӀо. Щайгурелъул, малаикзаби бокьараб лахӀзаталда вахIьюги босун загьирлъизе бегьулаан. Гьелда тӀадеги, Аварагас ﷺ кваначIо редиска ва цогидалги махӀ букӀине бегьулел кванил нигӀматал.

МухӀаммад аварагасе ﷺ къанцIа бокьулаан, амма гьеб букӀинчӀо гьесие бищунго бокьулеб квенлъун. КъанцIаялъ гӀицӀго кумек гьабулаан чед тамахлъизабизе ва гьеб Аварагасе ﷺ цIакъ данде кколаан.

ГӀаишатица бицана, Аварагас абун букӀанин: «КъанцIа цIакъ тIагIамаб квенлъун ккола», - ян.

Ибну ГӀабасица бицана: «Макка бахъулеб мехалъ Авараг ﷺ Уммугьанихъе вачIуна ва гьев вакъун вукӀана. Аварагас ﷺ абула квен бугищилан. Гьелъ жаваб кьола бакъвараб чадил кесек гурони гьечӀин ва жий нечолин дуе гьеб кьезеян. Гьес абула цебе босеян. Гьелъ гьеб лъелъги ччун, цIамги бан бачIуна. Гьес гьикъула тIаде-гъоркье гьабизе жо бугищилан. Гьелъ жаваб кьола къанцIа гурони гьечӀин абун. Гьесги цебе босеян.

ХӀадисалъ бихьизабуна кванил нигӀматазде хӀакъирго бербалагьи гьабизе бегьулареблъи, хIатта бакъвараб чедги къанцIаги бугониги.

Умму СагӀдидасан бицараб хӀадисалда буго: «Авараг ﷺ ГӀаишатихъе вачӀана дун гьелда аскӀой йикӀаго. Гьес абуна кваназе жо бугищилан. Гьелъ жаваб кьуна чедги, чамасдакги, къанцIаги гурони гьечӀилан. Аварагас абуна: «Я Аллагь, къанцIа баракатаблъун гьабе ва гьеб дидаса цере рукӀарал аварагзабазул тIагIамлъун букӀана, къанцIа бугеб рукъ мискинлъизе гьечӀо», - ян.

МухӀамад аварагас ﷺ къанцIа беццаниги, гьелъул магӀна кколаро гьеб гьанадасаги, гьацӀудасаги, рахьдадасаги лъикӀаб бугин абураб. Рецц-бакъалъ гIицIго тIоритIел гьабула къанцIаялъул къадру-къимат букIиналде. Гьан, гьоцӀо, рахь бачӀунеб букӀарабани, гьел гьелдасаги жеги рецц-бакъ гьабизе рекъарал рукIана.

Аварагас ﷺ къанцIа беццана гьеб бачӀарасул ракӀ бохизабизелъун ва гьев чи нечечIого вукIинелъун.

Абу Муса АшгӀарияс бицараб хӀадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «ГӀаишатил руччабаздаса тӀокӀлъи саридал цогидал кванил нигӀматаздаса тӀокӀлъиялда релълъараб буго», - ян.

Сарид абураб тIагIам Аварагас ﷺ тIокI гьабураб гIадин, гьаб хIадисалъ тIоритIел гьабула ГӀаишатилги цогидал руччабаздаса хасаб тӀокӀлъи букIиналде.

ГӀаишат лъикӀаб гӀамал-хасияталъул, пасихӀлъиялъул, гьунаралъул рахъалъ машгьурай йикӀана. Гьелъул букӀана исламалъул гъваридаб бичӀчӀи ва гьелъ битIараб магӀна гьабулаан Аварагасул ﷺ рагӀабазул.

ГӀаишат Аварагасе ﷺ жиндир заманалъ киназдасаго йокьулей йикӀаниги, гьесул тӀоцеесей чӀужу Хадижатидаса гьей тӀокӀай йикӀинчӀо. Живго Аварагас ﷺ абулаан Хадижатидаса хирияб жо Аллагьас ﷻ жиндие кьун букIинчIилан. Аварагасул яс ФатӀимацаги хасаб тIадегIанаб бакӀ ккола.

Имам Бажурияс баян кьуна ГӀаишатил хиралъи жиндир заманалъул руччабазда хурхараб букӀанин. Амма бищун тӀадегӀанаб даражаялда Марям, ай ГIиса аварагасул эбел йиго, гьелда хадуй ФатIимат аз-Загьра, цинги Хадижат ва ГӀаишат. Гьаб рехсараб тартибалда рекъон имам Рамлияс фатваги кьуна.

Марямил хиралъи ккола Къуръаналда гьелъул цӀар рехсон букIин.

«Алу ГIимраналъул» 42-абилеб аяталда буго (магIна): «Малаикзабаз абуна: «Я Марям, хӀакълъунго Аллагьас ﷻ мун тӀаса йищана ва яцӀцӀад гьаюна ва киналго миллатазул (дур заманалъул) руччабаздаса тӀадегӀанги гьаюна», - ян.

Абу СагӀид Худрияс бицун буго: «ФатIимат Алжаналъул киналго руччабазул бетӀерлъун йикӀине йиго, Марям бинт ГIимраналда тIад хутIизегIан».

Амма гьел руччабазул къадруялъе кьолеб къимат гӀалимзабазул батӀи-батӀияб буго. КӀвар бугеб жо ккола гьезул щиялъ ислам тӀибитӀизабиялъул рахъалъ кIудияб квербакъи гьабураблъи. Гьел руго бищун рекъараллъун мисал босизеги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...