Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ахирисел къоял

Аварагасул ﷺ ахирисел къоял

Аварагасул ﷺ ахирисел къоял абун цIалулеб мехалъ пашманлъи гурони бачIунаро. Щивав бусурбанчиясе захIмалъулеб батила гьеб цIализе. Щайин абуни, нилъедаса ватIалъун вугелъул нилъер мугIалим, эбел-эмен ратIалъи нилъее захIмалъулеб кинниги.

АнцIила цоабилеб соналъул сапар моцIалъул ахиралда, Маймунатил рокъов вукIаго, Авараг ﷺ унтана, гIагарго-шагарго кIиго анкь бана гьес унтун. БакъигIалъул хабалалъе зияратги гьабун, хабал агьлуялъе дугIаги гьабун тIадвуссиндал, Хириясул ﷺ ботIрол унти цIикIкIана. Унтун вукIаниги Авараг ﷺ асхIабзабазе имамлъи гьабун, как базе мажгиталде хьвадулев вукIана. Унти цIикIкIараб мехалъ, цогидал руччабазул разилъиялдалъун Авараг ﷺ, ГIали асхIабасги ГIабасил Фазлицаги ГIаишатил рокъове вачана. Цинги хирияб черхалъул бухIиги цIикIкIун, унтиялъ цIакъго хIал гьабун лъавудаса ине лъугьиндал, Аварагас ﷺ абуна: «Дида тIаде батIи-батIиял иццаздаса босараб анкьго рахълъен цIураб лъим тIе, дихъа къватIивеги вахъун гIадамазда кIалъазе бажаризе букIине», - ян. Цинги гIелилан абун аварагас ﷺ ишара гьабизегIан гIодовги чIезавун, гьесде гьеб лъим тIуна.

Мажгиталде вахъине бажарулареб хIалалде ккараб мехалъ Аварагас ﷺ Абубакарида амру гьабуна жамагIаталъе имамлъи гьабун, как байилан. Аварагасул ﷺ унти тIаде цIикIкIунеб букIин лъарал асхIабзаби, гьев жидедасаго ватIалъиялда хIинкъун, гIодулел рукIана. АсхIабзабазул къварилъи бихьидал, Аварагасе ﷺ мажгиталде вахъине бокьана, цинги минбаралъул гъоркьияб болъодеги вахун гьес асхIабзабазда абуна: «Я гьал гIадамал, дида бицана нуж дун хвелилан хIинкъун ругин. Аллагьас дида цере рукIаразул цониги авараг нахъе хутIичIеб мехалъ, дун нужеда гьоркьов кин хвечIого хутIулев? Дун дирго БетIергьанасухъе къокъине вуго, дида хадур нужги рачIине руго», - ян. Цинги Аварагас ﷺ цин ансариязда васият гьабуна мугьажиразул хIурмат гьабеян, цинги мугьажиразда васият гьабуна ансариязул хIурмат гьабеян. Хадубги абуна: «ХIавзгун Кавсаралда дунгун данделъизе бокьараз парзгун суннаталда тIадчIей гьабе, мацIгин квералги мунагьалдаса цIуне», - ян.

Аварагас ﷺ жиндирго руччаби аскIореги ахIун, гьезие васиятал гьаруна. Унти тIадеги цIикIкIине байбихьана. Унти захIмалъарав Аварагасул ﷺ бетIер ГIаишатица жиндирго накабазда лъун букIана.

Хириясул ГIаишатида рагIарал ахирисел рагIаби рукIана: «Я дир Аллагь, Дуца нигIмат кьун ритIарал Аварагзабазда ва шагьидзабазда цадахъ, Мун дида тIаса лъугьа, Аллагь, дида гурхIел гьабун, дун гьезда аскIовеги ваче», - ян. Гьел рагIаби чанцIулгоги абун. Хириясул квер гIодобе далун ана. Гьедин зухIаялъул гIужалъ накълулъана нилъер хирияв Авараг ﷺ. Аллагьасул свалатги саламги лъеги дуда, я Расулаллагь! Амин».

Авараг ﷺ ахирисеб нухалъ БакъигIалъул хабалалъе щвана, хвалда цебе унти дагьлъараб заманалда. Гьесда цадахъ вукIарав Абу Къувайсабица бицана: «Аварагас ﷺ дун сардилъ ворчIизавуна ва жинда цадахъ БакъигIалда рукъаразул мунагьал чуреян гьаризе вилъаян абуна. Ниж цадахъ хабалалъе щвана ва Аварагас абуна: «Ассаламу гIалайкум, я хабал агьлу, ва дидехун вуссун абуна: «Аллагьас дие изну кьуна дунялалъул нигIматал яги ахираталъул алжан тIаса бищизе. Дица алжан тIаса бищана», - абун.

Унтарав Авараг ﷺ, бетIерги бухьун, гIадамазда цадахъ жамагIат гьабун как базе мажгиталъуве вачIана ва гьес гIадамаздехун вуссун абуна: «Аллагьас цо жиндирго лагъасе рес кьун буго дунялалъул лъикIлъабаздаса ва ахираталъул лъикIлъабаздаса цояб тIаса бищизе. Гьес ахираталъул лъикIлъаби тIаса рищана», - ян. Гьел рагIабаздасан Абу Бакарида бичIчIана Аварагас ﷺ кватIичIого дунял тезе букIин ва гьев гIодун вуго, гьелда ракI къварилъун.

Гьижрияб 11-абилеб соналъул 12-абилеб рабигIул авалалъ Аварагасул ﷺ унти дагьлъана ва асхIабзабиги рохун жиде-жидер ишазде ана. Гьев ГIаишатил каранда бетIерги лъун, вегун вукIана. Гьесда аскIоб букIана лъел цIураб суркIа, ва гьес зама-заманалдаса гьенир кверал риччизарун, гьелги гьурмада рахъулаго абулаан: «Ла илагьа иллаллагь, хIакълъунго хвалил жиндирго кьогIлъаби, захIмалъаби руго», - ян. Аварагасул унтиялъул кутак бихьун ПатIиматица абуна: «КигIан захIматаб унтиха дир инсул бугеб?» - ян. Аварагас цинги абуна: «Жакъаялдаса нахъе киданиги дур инсуда унти лъазе гьечIо», - ян. Гьеб унтиги букIана Хайбаралда ягьудиялъ гьесие кьураб загьру сабаблъун ккараб.

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.   Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...