Аслияб гьумералде

Бечелъизе бокьилищ?

Бечелъизе бокьилищ?

ХIурматиял бусурбаби, нилъер гIумруялда лъугьа-бахъунел ишазул гIемерисеб бараб буго гIиси-бикъинал жалазда. Халкъалда гьоркьор гIемерисел гIадамазул зигара букIуна магIишат данде билъунеб гьечIин, квердаса жого лъугьунеб гьечIин, кигIан гIемер хIалтIаниги гъурщалго данделъулел гьечIин абиялда релълъарал гIемерал гIузраби.

 

РачIаха раккизин исламияб гIелмуялъ гьелда щиб абулеб бугебали. ХIасанул Басриясухъе гIарз бахъун вачIунев вуго цояв бакъ бухIиялдалъун захIмалъи бугин абун. ХIасаница гьесда малъулеб буго истигъфар гIемер гьабеян.

Цогияв вачIун вуго мискинго вугин, хIажалъи бугин абун. Гьесдаги гъодинго абун буго, ай истигъфар гIемер гьабеян.

Лъабабилев вачIун вуго лъимер лъугьунеб гьечIин абун. Гьесдаги истигъфар гIемер гьабеян абун буго.

АскIор рукIарал гIажаиблъун руго киназего гьес кьолеб цого жаваб бихьидал. РабигI бин СубайхI абурав чияс гьикъун буго киназдаго истигъфар гьабейин малъанин, гьелъул магIна щибин абун. ХIасаница абун буго жинца кьураб жаваб гурин гьеб, НухI аварагас жиндирго къавмалде хитIаб гьабун абураб аяталъул магIнаялъул пикру гьабейин абун: «Дица нужеда абуна Аллагьасе истигъфар гIемер гьабейин, нужеца гьарулел мунагьалги тейин, Аллагь вуго тавбу гьабун руссаразул тавбу къабул гьабулевлъун. Гьес нужее зодосан рахIматалги тIатIалаго ритIула. БоцIигун лъималги нужее гIемер гьарила, нужер ахалги тIегьазарила, кьер-кьерал гIоралгун лъаралги нужее чвахизарила», - ян.

Имам КъуртIубияс абун буго, гьаб аяталъ тIоритIел гьабулеб бугин истигъфар гьабиялдалъун ризкъигун цIадал гьарзалъулин абиялде.

Ибну Касирица абун буго, Аллагьасе тавбу гьабуни, истигъфар цIикIкIинабуни, Гьесие нуж мутIигIлъани, нужер ризкъи цIикIкIунин, зодосан цIадал гьарзалъулин, ракьалдаса баракатал раккулин, бекьараб гьарзаго бачIунин, гIачиязул рахь цIикIкIунин ва боцIигун лъимал гIемерлъулин абун. 

Бичасул Аварагас ﷺ хирияб хIадисалда абун буго: «Истигъфаралда тIадчIей гьабурав чиясе Аллагьас гьабула бокьараб къварилъиялдаса ворчIи, кинабго ургъел тIаса ин ва ракIалдаго букIинчIеб бакIалдаса ризкъиги кьола», - ян.

Гьалеха, диналъул вацал, букIун бугищ захIматаб иш. Гьеб истигъфар гьаби буго тIарикъаталъул устарас малъулел вирдазул цоябги. Устарасухъеги ун, вирдги босун гьабураб истигъфар нургун бугеб букIин хIакъабги буго.

Аллагьас кумек гьабеги кинабниги лъикIабщиналъе! Амин!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...