Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ  гIумруялдаса цо-цо суалал

Цогидал халкъаз ислам босидал, Маккаялъул халкъалъ щай гьеб босичIеб?

Маккаялъул халкъалъе бокьичIо жидерго тIадегIанлъиялдасаги бечелъиялдасаги махIрумлъизе.

УхIудалда ккараб гъазаваталъулъ Авараг ﷺ чIванин тIиритIизе гьарурал харбазул магIна щиб букIараб?

Гьеб хабар мунапикъзабаз тIибитIизабун букIана. Аварагги ﷺ чIванин, нилъее гьанже рагъиялдаса пайда гьечIин абурал харбалги рицун, гьезие бокьун букIана гIадамал рагъул майданалдаса нахъе ине.

Авараг ﷺ тушбабаздаса цIуниялъулъ гьесул гьалмагъзабаз бихьизабураб бахIарчиялъул цо-цо мисал рехсани бокьилаан.

Имам Бухарияс бицун буго УхIудалъул рагъда гIадамал рихахочун лъугьараб мехалъ, Аварагасда ﷺ цеве гьевги цIунун чIанин Абу ТIалхIат. Авараг ﷺ рагъухъ балагьизе цевегIан къалеб мехалъ Абу ТIалхIатица абуна: «Мун дие дир эбел-инсудаса хирияв вуго, мун хвезегIан нижго хвей лъикI, мун цевегIан къаге, дуда чIор щвезе гурин», - абун.

Гьединго Абу Ужаанат чIана Аварагасде ﷺ тIадеги къулун, гьев жиндирго черхалдалъун мушрикиназул чIораздасаги цIунун. Гьесда щвана микьго чIор, амма гьев чIаралъуса кьуричIо. Гьединго Аварагасда ﷺ аскIор, гьев цIунун вукIарав Зиядги гьесул ункъо гьалмагъги чIвана. ГIемерал чIорал щун Зиядил черх загIиплъидал, Аварагас ﷺ абуна, гьесул бетIер дир бохдуда тIад лъеян. Гьедин Аварагасул ﷺ накабазда бетIерги лъун хвана Сакинил вас Зияд.

Байбихьуда Аварагас ﷺ диналде халкъ ахIидал ханзабиги бечедал гIадамалги къвакIун данде чIеялъе гIилла щиб букIараб?

Ханзабазулги бечедал гIадамазулги хъанчазе лагълъи гьабиялда сверухъ, даран цебетIолеб букIана. Гьединго КагIбаялда жанир ругел хъанчал сабаблъун, гIарабиязда гьоркьоб Маккаялъул ханзабазул кIудияб къадру букIана. Гьелда тIадеги, мекъаб диналъул кумекалдалъун гIадамал гуккун, гьез гIадатияб халкъалъул гъин кваналеб букIана. ХIакъаб дин билълъанхъани, гьезие жидерго мекъал ишазе гьелъ нух къалеблъи лъан, гьез хIалкIвараб дандечIей гьабуна цIияб дин загьирлъичIого букIине. Амма ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIакъаб дин загьир гьабичIого течIо.

Аварагас ﷺ Къуръаналъул рещтIарал аятал хъвайин абун амру гьабулеб букIанищ?

Аварагас ﷺ амруги гьабун, Къуръан, цо аят гъоркь течIого, живго чIаго вугеб заманалда тIубанго хъван букIана. Къуръан тIад хъварал цо-цо тIанчал данде гьарун рукIинчIо, щайни абуни, ахирисеб аят рещтIун ичIго къоялдаса Авараг ﷺ хвана. Гьесул 42-гIанасев асхIаб вукIана «Куттабул вахIйи» вахIю хъвалел гIадамал абун жидеда абулел.

Ибну Касирица гьезул гIемерисезул цIарал хъван руго «Аль-Бидаят ва ннигьаят» абураб тарихалъул тIехьалда (том 5, гьум. 359-369). Гьезул бищунго машгьураздасан ккола Абубакр, ГIумар, ГIабдуллагь бин Аркъам, Убайи бину КагIб, Сабит бину Къайс, Зайд бину ГIаввам ва гь.ц. Къуръан хъвалел асхIабзабаз гьеб хъвалеб букIана тIомазда, хъарщазда, гъотIол хъалазда. ТIоцебе хъвараб жо гьез Аварагасда ﷺ аскIоб толеб букIана, цинги гьелдасан жиде-жидеего хъван босулеб букIана.

Мадинаялде тIоцебе гьижра лъица гьабураб?

ТIоцебе гьижра Абусаламатица гьабуна, жиндирго чIужугун ва васгун цадахъ.

Къурайшиял Савр нохъоде гIагарлъидал, Аварагас ﷺ Абубакрида щиб абураб?

Аварагас ﷺ Абубакрида абуна: «Абубакр, мун хIинкъуге, нилъ кIияздаго цадахъ Аллагь вуго», - ян.

ТIоцебесеб мажгиталъул хIакъикъат лъазе бокьилаан.

ТIоцебесеб мажгит Аварагас ﷺ бана Мадинаялде гьижра гьабулаго, «Къубаъ» абураб бакIалда. Гьеб буго такъваялда (Аллагьасукьа хIинкъиялда) гIуцIараб тIоцебесеб мажгит. Гьениб Расулас ункъо сордо-къо бана гIибадаталда.

Аварагасул ﷺ тIоцебесеб гъазават щиб букIараб?

Исламалда тIоцебесеб гъазават «Ваддан» абураб бакIалда ккана.

ТIоцебесеб рузман Аварагас ﷺ киб бараб?

ТIоцебесеб рузман Аварагас ﷺ Мадинаялда бана, Бану Салим бину ГIавфил бакIалда.

Аварагасе ﷺ Марият абун цIар бугей гъараваш лъица сайгъат гьаюрай?

Аварагасе ﷺ Марият абурай гъараваш сайгъат гьаюна Мисриялъул хан Мукъавкъисица.

Аварагас ﷺ гIумра гьабизе ният щиб бакIалда гьабураб?

Аварагас ﷺ гIумра гьабизе ният гьабуна Зул-ХIулайфат абураб бакIалда.

Авараг ﷺ кида вукъарав?

Авараг ﷺ вукъана гьижра гьабуралдаса 11-абилеб соналъул 14-абилеб рабигIул аввалалъул арбагI сордоялъ.

Аварагасе ﷺ руччабазул бищун щий йокьулей йикIарай?

Аварагасе ﷺ руччабазул бищун Хадижат йокьулаан.

КагIба-рукъ цIигьабун балаго Аварагасул ﷺ чан сон букIараб?

КагIба цIигьабун балелъул Аварагасул ﷺ 35 сон букIана.

Аварагасда ﷺ хадуб гьесул хъизамалдаса тIоцеве щив хварав?

Аварагасда ﷺ хадуб гьесул хъизамалдаса тIоцее гьесул яс ПатIимат накълулъана.

Аварагасул ﷺ умумузул рахас щив аварагасде щолеб?

Аварагасул ﷺ умумузул рахас Ибрагьимил вас ИсмагIилиде щола.

Аварагас ﷺ Хадижат ячиндал гьезул чан-чан сон букIараб?

Хадижат ячиндал Аварагасул ﷺ25 сон букIана, гьелъул - 40 сон букIана.

Щай хIабашиязул ханас гьижра гьабун рачIарал бусурбаби берцинго къабул гьарурал?

Щайгурелъул бусурбаби, гьев ханго гIадин, цо Аллагьасда иман лъурал рукIана, цогидал гIарабал гIадин хъанчазе лагълъи гьабулел рукIинчIо. Гьев хан жиндирго ритIухълъиялдалъун машгьуравги вукIана.

ХIабашиязул хангун бусурбабазул рахъалдасан щив кIалъарав?

ХIабашиязул хангун бусурбабазул рахъалдасан АбутIалибил вас ЖагIфар кIалъана.

ХIабашиязул ханасул гьариялда рекъон ЖагIфарица кинал аятал цIаларал?

Жиндирго кIалъаялъе хIужа бачун гьес «Марьям» сураталъул авал цIалана.

ТIаифалда Аварагасда ﷺ ганчIал речIчIулелъул, гьев цIунун цеве щив чIарав?

ТIаифалда Аварагасда ﷺ ганчIал речIчIулаго, гьев цIунун цеве ХIарисатил вас Зайд чIолев вукIана.

«Муътат» гъазаваталда бусурбабазул ва капурзабазул рикIкIен щиб букIараб?

Бусурбабазул вукIана 3000 чи, капурзабазул - 200000 чи.

Аварагас ﷺ Макка кидал бахъараб?

Аварагас ﷺ Макка бахъана гьижрияб тарихалъул микьабилеб соналъул рамазан моцIалъ.

Макка бахъулелъул бусурбабазул чан чи вукIарав?

Макка бахъулелъул бусурбабазул вукIана 10000 чи.

Аварагас ﷺ Макка кин бахъараб: ракълидалъунищ яги рагъудалъунищ?

Макка бахъана рагъги гьабичIого.

Хвалил унти чIвайдал Аварагас ﷺ как базе цеве щив тIамурав?

Хвалил унти чIвайдал Аварагас ﷺ цебе как базе Абубакр тIамуна.

Хвалил унти чIвайдал Авараг ﷺ кинай лъадул рокъов вукIарав?

ГIаишатил рокъов вукIана.

Аварагас ﷺ сундалъун дару гьабулеб букIараб?

Хирияс ﷺ дару гьабулеб букIана би биччаялдалъун, квен рекъезабиялдалъун ва «КъулагIузу» сурат цIалиялдалъун.

Авараг ﷺ щиб къоялъ накълулъарав?

Авараг ﷺ накълулъана 11-абилеб гьижрияб соналъул 12-абилеб рабигIул аввалалъ.

(«АР-РАХIИКЪУЛ МАХТУМ», «ФИКЪГЬУ СИРАТИ-ННАБАВИЯГЬ», «НУРУЛ ЯКЪИН»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...