Аслияб гьумералде

ДугIаялъе жаваб щвей

ДугIаялъе жаваб щвей

ТIадегIанав Аллагьас нилъ ахIулел руго Жинда гьареян ва гьарараб къабул гьабизе бугилан. Амма бусурбанчиясул щибаб ишалъул руго шартIал, суннатал, бегьулел ва хIарамал жал.

ДугIа къабуллъиялъе руго рихьизарурал бакIал ва заман. Гьедин гьабурасул дугIа къабуллъиялде цIикIкIун хьулги буго.

Заман халгьаби

ДугIаялъе бищила хириял къоял, гIарафа къо, рузман къо, сардил ахирисеб заман, бакъ баккизе бугеб гIуж.

БакI халгьаби

ДугIа гьабила бакI халгьабун, масала, какил суждаялда, цIад балеб заманалда, как ахIиялдаги къаматалдаги гьоркьоб, паризаял каказда хадуб. Имам Нававияс хъвалеб буго дугIа гьабилин ракI тамахлъараб мехалъги, ай ццим бахъун гьечIеб хIалалда вукIаго.

Къиблаялде вуссин

ДугIа гьабулаго сунатаб буго къиблаялдеги вуссун гьабизе, квералги зодоре рорхун ва дугIа лъугIидал гьурмада рахъила. ЛъикIаб буго гьаракь борхизабичIого гьаризе. ДугIаби гьаризеги лъикIаб буго аварагас гьарулел рукIарал.

МутIигIлъи, къасд ва хIинкъи букIин

ТIадегIанав Аллагьасде дугIа гьабила хIелун, мукIурлъун, хIинкъигун хьулалда. Щайин абуни, Аллагьас Къуръаналда абун буго:

وَادْعُوهُ خَوْفًا وَطَمَعًا

«Аллагьасда нужеца гьаре хIинкъун ва мукIурлъун», - ян (сура «АгIраф», аят 55). Жавабалда божи

ДугIа гьабулеб мехалъ нилъ божун рукIине ккола къабул гьабиялда, Аллагьасда щаклъизе бегьуларо. Суфян бин ГIуяйнатица абуна, нужерго хIал лъаялъ нахъе къан чIогейин Гьесие дугIа гьабиялдаса. Щайин абуни, нагIана кьураб иблисалъе Аллагьас жаваб гьабунин.

Чанго нухалъ гьабила

ДугIа гьабила лъаб-лъаб нухалъ ва ракIалда ккезе теларо Аллагьас хехго жаваб гьабизе кколин абураб пикру. Гьелъги дугIаялъе гьабулеб жаваб кватIизабула.

Тавбу гьаби

ДугIаялъе жаваб хехго щвезе рес буго тавбу гьабиялъ ва гIадамазул кколеб хIакъ тIадбуссинабиялъ.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...