Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Умму Саламат йикIана бечедал эбел-инсул яс

Аварагасул  гIумруялдаса суалал

Свалат-салам лъеяв Аллагьасул расулас Хадижат ячиналъул бицани бокьилаан

Аллагь разилъаяй Хадижат йикIана Макка шагьаралда къадру-къимат бугей, берцинай, яцIцIадго цIунарай, бечедай, цIакъ бажари бугей, лъикIаб тухумалдаса гIадан. Гьей цееккун кIигоясдаса ятIалъунги йикIана.

Гьелдаса хадуб кигIан бечедал ва хIурматиял гIадамаз гьараниги росасеги инчIо. Гьелъул букIана гIатIидаб, бацIцIадаб даранги.

Маккаялъул цогидал гIадамаздаго гIадин гьелдаги гIемер рагIулаан МухIаммадил ритIухълъиги, рацIцIалъиги, гьереси бицунгутIиги. Хадижатие бокьана гьединав вацIцIадав МухIаммад жиндирго дармил ишалъ Шамалде ине. Гьелъ чи витIана дарамалъе аян гьарун. Цогидазе кьолелдаса цIикIкIун мухь кьелин къотIиги гьабуна. Гьев гьелда разилъана ва гьелъул хъулухъчи Майсаратгун цадахъ сапаралъ вахъана ва сапарги хайир цIикIкIараб ккана.

Гьеб сапаралдаса тIадвуссиндал МухIаммадица дармидаса щвараб хайир кьуна Хадижатихъе. Ва гьединго Хадижатида гьесда цадахъ витIун вукIарав гьелъул лагъ Майсаратица бицана МухIаммадил тIадегIанал рацIцIадал тIабигIатазул ва манакъибазул хIакъалъулъ.

Хадижатие гьеб цIакъ рекIее гIуна ва МухIаммад гьелъие вокьана. Гьелъ жиндирго цо гьалмагъалдасан гьесда лъазабуна лъадилъун ячIине бокьун букIин.

МухIаммадица гьеб рагIи къабул гьабуна ва жиндирго инсул вацазда бицана. Гьел Хадижатил имгIал Асадил ГIамргун дандчIвана ва Хадижат гьесие абуна, чIужулъунги ячана. Гьеб мехалъ МухIаммадил букIана 25 сон, Хадижатил – 40. Гьеб ригьин гьабулеб бакIалда рукIана Гьашимил тухумалъул вакилзаби ва къурайшиязул хIурматиял гIадамал.

Савдатил хIакъалъулъ бицани бокьилаан

Хирияв Аварагас рачарал руччабаздасан ккола Аллагь разилъаяй Савдат - ЗамгIатил яс. Гьей йикIана гъурбаталда (чияр ракьалда) жиндирго бусурманав росги хун, къороллъиялда хутIарай, цебеккун исламги босарай, мугъчIвазе бихьинал гьечIолъиялъ жий исламалдаса ятIа гьайизе иман гьечIеб гIагарлъиялъ зулму гьабизе рес бугей гIадан.

Хирияв Аварагас лъадилъун ячин Савдатие гьабураб бищун кIудияб сайигъат ккола. ТIолго гIаламалъул Хириясул лъадилъун йикIиналдаса кIудияб сайигъат гьелъие щибха букIинеб? Гьей йикIана ракI лъикIай гIадан. Авараг хвезегIан гьесие мутIигIай, цадахъ гIумру тIамурай гIадан ккола муъминзабазул эбел, Аллагь разилъаяй Савдат.

Гьей хвана ГIумар асхIабасул халиплъиялъул ахирисел соназ. Аллагь разилъаги гIаламалъулго Хириясул чIужу, муъминзабазул эбел ЗамгIатил яс Савдатида.

ХIафсатил хIакъалъулъ бицани бокьилаан

Хирияв Аварагасул руччабаздасан ккола муъминзабазул эбел, Аллагь жинда разилъаяй ХIафсат - ГIумар асхIабасул яс. Гьелъул рос Ханис хвана УхIудалъул гъазаваталда щвараб ругъуналъул асаралъул хIасилалда. Цинги Аллагь разилъаяв ГIумар асхIабас жиндирго яс ячине бокьи Абубакар асхIабасе загьир гьабуна. Гьев вуцIцIун чIана.

Гьебги дагьаб захIмалъун, ГIусман асхIабасеги загьир гьабуна гьебго. Гьесги гьабсагIаталда чIужу ячине ракIалда гьечIин абуна. Цинги гьез абураб жоги захIмалъун, гьеб бицине Аварагасухъе ана ГIумар асхIаб. Гьеб мехалъ Хирияс абуна: «ХIафсат ячине йиго ГIусманидасаги лъикIас, ГIусманицаги ячине йиго ХIафсатидасаги лъикIай», - абун.

Хирияв Аварагас ГIусмание жиндирго яс Уммукулсум кьуна, жинцаго ХIафсатги ячана (Аллагь разилъаги киназдасаго). Аварагас ячунелъул гьелъул 23 сон тIубан букIана. Гьей хвана гьижрияб тарихалъул 37-абилеб соналъ, 45-абилеб соналъ хванилан абулелги руго. Аллагь разилъаги Аварагасул чIужу, муъминзабазул эбел ХIафсатидаса.

Зайнабил хIакъалъулъ лъазе бокьилаан

Хирияв МухIаммад аварагасул руччабаздасан ккола Аллагь разилъаяй Зайнаб, Хузайматил яс. Аллагьасул Расулас гьей ячана гьижрияб тарихалъул лъабабилеб соналъ.

Хириясда аскIоб микьго моцIги бан, гIумруялъул лъеберго сониде яхараб мехалъ гьей хвана. Гьелъ мискинзабазе гIемер садакъа кьолаан, гьезул гIемер тIалаб-агъаз гьабулаан. Гьединлъидал гьелда мискинзабазул эбелилан абулаан. Аллагь разилъаги Аварагасул чIужу, муъминзабазул эбел Хузайматил Зайнабидаса.

Умму Саламатил хIакъалъулъ бицани бокьилаан

Аллагьасул Расуласул руччабаздасан ккола Аллагь разилъаяй Умму Саламат. Гьей йикIана бечедал эбел-инсул рокъоса гIадан. ТIоцеее гьей росасе ана бечедав чи ГIабдуллагьие. Исламалъул тIоцересел къояздасаго бусурманлъана гьел кIиялго. Исламалъе гIоло гьелъ кIицIул гьижраги гьабуна, гIемераб къоги хIехьана.

Рос хун къварилъиялда йигей гьейги гьелъул гIисинал лъималги хирияв Аварагас жиндирго рукъалъул агьлулъун гьаруна. Хириясда аскIоб жийго хвезегIан берцинаб гIумруги тIамуна гьелъ, гьевгун цадахъ хIежалда, гъазаватазда, сапараздаги йикIана.

Авараг хун хадубги гIезегIан мехалъ чIагоги йикIана ва гьижрияб тарихалъул 62-абилеб соналъ, гIумруялъул 84 сонги бан хвана. Гьелъул хIакъикъияб цIар ккола Гьинд, Абуумаятил яс. Аллагь разилъаги гIаламалъулго хирияв Аварагасул чIужу, муъминзабазул эбел Умму Саламатидаса.

ЖахIшил яс Зайнабил хIакъалъулъ баянал лъазе бокьилаан

Хирияв Аварагасул руччабаздасан ккола Зайнаб, ЖахIшил яс. Доб мехалъ гIарабиязул гIадат букIана чияр лъимал жиндирго лъималлъунги гьарун, жиндирго лъималазе гIадин жалго хун хадуб васлъун (яслъун) ккуразе ирсги кьолеб, чияр васлъун ккурав чиясул чIужу жиндие ячинеги хIарам гьабулеб квешаб гIадат.

Гьеб гIадат хвезабизе бокьана ТIадегIанав Аллагьасе. Гьединлъидал ТIадегIанав Аллагьас амруги гьабун Аварагасе ячана жинца васлъун гьавун вукIарав Аллагь разилъаяв ХIарисатил вас Зайдил йикIарай чIужу. Гьелъул бицен гьабун хирияб Къуръанги рещтIана. Гьелъие гIоло мех-мехалъ йохун гьелъ абулаан, цогидал руччаби Аварагасе гьезул инсуца яги вацаз кьунин, жийин абуни Аллагьас магьариги лъун кьунилан абун.

Хириясул рокъоб гьелъги гIумру тIамуна цIакъ къадру-къиматалда, берцинаб хIалалда. Кутакалда Аллагьасукьа хIинкъарай, Аллагьасе гIибадат гIемерай гIадан йикIана ЖахIшил яс, Аллагь разилъаяй Зайнаб. Жиндир квералъ ретIел букъун, захIмат бихьун боцIи балагьулаан гьелъ мискинзабазе садакъаде кьезе.

Хирияс цебеккун жиндирго руччабазда абуна: «Нужер бищун цее дида хадуй хвезе йиго бищун квер халатай гIадан», - абун. Гьес абухъе садакъаялъе бищун квер халатай йикIун, гьесда хадуб тIоцее хвана гьей.

Аллагь разилъаги гIаламалъулго хирияв Аварагасул чIужу, муъминзабазул эбел Зайнабидаса. Амин!

Жувайриятил хIакъалъулъ лъазе бокьилаан

МухIаммад аварагасул руччабаздасан ккола Аллагь разилъаяй Жувайрият, ХIарисил яс. Гьелда цIар Баррат (Бурайрат) букIана. Аварагас кьуна гьелъие Жувайрият абураб цIар.

Бану мустIалакъиязде гъазават гьабун, гьенир асир гьаруразда гьоркьое ккана гьей. Цинги гьей Аллагьасул Расуласухъе ячIана жий тархъизе кумек гьабеянги гьарун. Гьес гьелда цебе шартI лъуна жиндие ячIин. Гьейги разилъана.

Гьеб лъарабго асхIабзабаз абуна Аллагьасул Расуласул чIужуялъул гIагарлъи нилъер асирзабилъун рукIине бегьуларилан. Цинги асхIабзабаз киналго асирзаби эркен гьаруна. Гьезул цо чи нахъе хутIичIого киназго исламги къабул гьабуна. Гьединлъидал, ГIаишатица абулаан ЖувайриятгIан жиндир къавмалъе баракат щварай гIадан ятиларилан.

Гьей цIакъ берцинай, калам гьуинай, гIадамазул рекIелъе йортулей гIадан йикIана. Хирияс ячунелъул, гьелъул гIумруялъул къого сон тIубан букIана. Гьижрияб тарихалъул 56-абилеб соналъ хвана гьей. Аллагь разилъаги гIаламалъулго хирияв Аварагасул чIужу, муъминазабазул эбел Жувайриятидаса.

Х|абиб Мух|аммадов

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


ХIалалаб бетIербахъи

Щивав бусурбанчиясе хӀажатаб жо ккола хӀалалаб хайир ва хӀалалаб ризкъи тIалаб гьаби. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, гьал гIадамал! Нужеца гьаб дунялалда ругел нигIматаздасан кванай, гьел нигIматал руго нужее хIалалаллъун, нужер чурхдузе ва гIакълуялъе зарал...


Муфти дандчӀвана исламияб маданияталъе, гӀелмуялъе, лъай кьеялъе квербакъи гьабулеб фондалъул директоргун

Дагъистаналъул муфтияталда тӀобитӀана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандида ва исламияб маданияталъе, гӀелмуялъе ва лъай кьеялъе квербакъи гьабулеб фондалъул директор Михаил Грязновасда гьоркьоб дандчӀвай. Данделъиялда гьоркьор лъуна исламияб ва светияб лъай кьеялъул масъалаби, гьединго,...


ГIелмабазул хазина

Къуръан ккола дунял бижаралдаса хадуб лъугьарал мугIжизатазул бищун кIудияблъун.   Гьедин букIиналъе далиллъунги ккола гьелъул гIуцIи гIакълуялъ къабул гьабулеблъун ва жибги пикру гьабизелъун бихьизабураб букIин. Руго жеги кIуди-кIудиялги мугIжизатал, амма гьел рукIана заман бихьун, бакI бихьун...


Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул...


АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзаби рукIана Аварагасда ﷺ цIикIкIун нахърилъарал чагIи ва гьесдаса мисалги босарал.   Нафвал Хузалияс бицана: «ГӀабдурахӀман ибн ГIавф вукӀана нижер лъикIав гьалмагъ. Цо къоялъ гьес ниж рокъоре ахӀана. Нижеда цебе лъола чед. Цинги гIодизе лъугьуна, хвезегӀан Аллагьасул аварагасги ﷺ гьесул...