Аслияб гьумералде

Кин кваналев вукIарав?

Кин кваналев вукIарав?

Нилъее мисалияв чи вуго хирияв Авараг ﷺ. ГIумрудул нухда бусурбанчияс гьабизе бугеб, гьес ﷺ бихьизабичIеб щибго жо хутIун гьечIо. Гьесда ﷺ нахърилълъин, гьес ﷺ бихьизабураб гьаби нилъее дунялалдаги хведал ахираталдаги талихI батиги буго. Гьес ﷺ бихьизабураб цIуниялъухъ Аллагьасул ﷻ рахъалдасан ажруги буго.

 

Имам ТIабаранияс Вагьбу ибн Мунаббагьидасан бицун буго: «Муса авараг бакъалдаса вахчи гьабун чодрол рагIдукь чIолаан, кваналелъулги гамачIалда лъугьараб гвендалда жаниса кваналаан (гьесул букIинчIо я цIулал я хIащул гьабураб цIарагI). Лъим гьекъолелъул, хIайваназ лъим гьекъолебго гIадин, ганчIида тIаса гьекъолаан. Гьелдалъун, жиндие ТIадегIанав Аллагьгун (гьоркьов чи гьечIого) кIалъазе щвеялъул цIобалъухъ Гьесда ﷻ цебе жиндирго бугеб гIодобегIанлъи загьир гьабун», - абун.

Бицен гьабила нилъер хирияв Аварагасул ﷺ кванаялъул ва кваналелъул цIунулел рукIарал къагIидабазул. Имам ТIабаранияс «Ал-АвсатI» абураб мажмугIалда КагIбу ибну Ужратидасан бицунеб буго: «Дида вихьана Аллагьасул Расул ﷺ, лъабго килищги хIалтIизабун, кваналев: кIудияб, цинги хадусеб (ишара гьабулеб) ва гьоркьохъеб килщаздалъун. Жеги дида бихьана Аварагас ﷺ гьел лъабалго килщал (кванан хадур) сундалъун ругониги рацIцIинегIан (ва чуризегIан) чIикIулелги: тIоцебе чIикIана гьоркьохъеб килищ, хадуб ишара гьабулеб, цинги кIудияб», - абун.

Цогидаб риваяталда буго: «Аварагас ﷺ квен кваналаан лъабго килищалдалъун, кванан хадур гьел сунца ругониги рацIцIиналде цебе чIикIизеги чIикIулаан», - абун. (Муслим, АхIмад)

«Ал-МугIжамул Кабаир» абураб тIехьалдаги имам ТIабараница рехсолеб буго Аварагасе ﷺ квен бухIилаго кваназе бокьулароанин абун, бухIи гIодобе буссинегIан толаанин абун. Щайин абуни, гьалделеб бугеб кванда баракат букIунаро.

Имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Аллагьасул Расулас ﷺ гьалделаго квен кваначIо ва абуна: «Гьединаб квен баракат гьечIеблъун буго, гьелъ нужеца квен бухIи гIодобе буссинегIан те. Аллагьас ﷻ нилъ цIаялдалъун кваназаруларо», - абун.

Гъазалияс рехсон буго: «Аллагьасул Расулас ﷺ лъабго килщидалъун кваналаан, цо-цо мехалъ кумекалъе ункъабилеб килищги хIалтIизабулаан. Амма киданиги кIиго килищалъ кваначIо ва абуна гьединаб (кIиго килищалдалъун) кванай гьабула шайтIаналъилан. Кванан хадубги Аварагас ﷺ килищ бахъулаан (квен жаниса кванараб) цIарагIалда жаниб ва абулаан: «Ахиралда хутIаралда букIуна цIикIкIун баракат», - ин. Гьаб хIадисалъул цогидаб риваяталда буго килщал чIикIулагоги абулаанин кинаб тIагIамалда баркат бугебали лъаларин абун. (Байгьакъи)

Цо-цо нухалъ килщал багIарлъизегIангицин чIикIулаан (нах яги риччел гIадаб цIикIкIун кверазда бахараб мехалъ).

Аллагьасул Расулас ﷺ гьан кванан хадуб лъикIго кверал чурулаан ва кверазда хутIараб лъим гьурмадаги бахъулаан. («ИхIяу гIулуму ддин»)

Абу Гьурайратидасан бицун буго: «Цо нухалъ ансариязул цояс ниж (Аллагьасул Расулгун ﷺ цадахъ) жиндихъего рокъоре ахIана. Цинги, кванан хадур Аварагас ﷺ кверал чурана ва абуна: «Щибаб рецц Аллагьасе ﷻ буго, Жинца кваназарулев, гьелде Живги хIажалъуларев», - абун (ХIаким).

Аллагьасул ﷻ расулас абунин ибну ГIумарица бицана: «Гьанал жо кванарав чияс (хадуб) кверал чурейин абе, гьелъул махIалдаса ва чороклъиялдаса аскIор ругезе (гIадамазеги гъажалда ругел малаикзабазеги) зарал ккечIого букIине», - ян (Абу ЯгIла).

Имам Гъазалияс хадубги баян гьабун хъвалеб буго: «ГIемерисеб мехалъ Авараг ﷺ кваналелъул гIодов чIолаан, какда гIодов чIеялда релълъараб накабиги хIатIалги цолъизарун, кинниги цояб (кваранаб) цогидаб накуялдаса тIаде борхун букIунаан хIетIеги, (кванараб) накуго гIадин борхун». Ва Аварагас ﷺ абулаан: «Дун вуго (Аллагьасул) лагъ, дун кваназеги кванала лагъ гIадин, гIодовги чIола лагъзадерие рекъараб къагIидаялъ», - ин. («ИхIяу гIулуму ддин»)

Кваналелъулги, Аллагьасул Расул ﷺ щибниги жоялда мугъчIвай гьабун кваналев вукIинчIо. Регун ва квегIаб квералда раччун кваназеги гьукъулаан.

Авараг ﷺ накабазда гIодов чIун кваналев вукIиналъ бихьулеб буго ТIадегIанав БетIергьанасда ﷻ цебе гьес загьир гьабулеб букIараб жиндирго гIодобегIанлъи. Гьеб къагIидаялда гIодор чIун кванаялъ кванайги бигьалъизабула.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъееги гьесдаса ﷺ мисал босун кваназе! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...