Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ  гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ сахаватлъи кинаб букIараб ва кинал садакъаби гьарулел рукIарал?

Аварагасул ﷺ сахаватлъиялда бащадаб сахаватлъи лъилго букIинчIо. Гьев сахаватав вукIиналъе гьев лъалевщинав чияс нугIлъи гьабуна. Жабирица абуна Аварагасда ﷺ цо жо гьарун хадуб гьес кьеларилан кидаго абичIилан. Ибну ГIабасицаги абуна Авараг ﷺ лъикIлъиялъе гIадамазул бищунго сахаватав вукIанин, рамазан моцIалъ цIакъго-цIакъ сахаватав вукIанин. Гьавазиназул гъазаваталдаса щвараб давла гьес цо чиясе нус-нус варанаби кьолел рукIана.

Цо нухалъ гьесухъе 90 азарго диргьам битIун бачIана, гьес гьеб кинабго цо туртида тIадги лъун бикьизе байбихьана, ва кинабго бикьун хадуб гурого гьев тIаде вахъинчIо. Цо-цо чиясе гIиял кIудияб рехъенги кьолаан. Мискинчиясе кьезе жо гьечIони гIадамазухъа къарзалъе босунги кьолаан. ГIемер кьейин абураб мехалъ гьев вохулаан. Гьесул сахаватлъиялъул бицун рагIалде бахъунаро. Гьеб букIана бацIадаб, Аллагьасе гIоло. Гьес бикьулеб гIемераб садакъа бихьун ханзабигицин хIайранлъун хутIулаан. Гьарун вачIарав чиясе ахирисебги кьолаан Хирияс, жиндиегоги жиндирго хъизамалъегицин течIого.

2025-05-01 (Зул КъагIида 1446 c.) №9.


Рос кин тIаса вищилев?

Аварагас ﷺ абуна: «Диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи яс гьарун вачIани, нужеца ригьин гьабе. Гурони, дунялалда питна тIибитIизе буго», - ян (Тирмизи).   ЛъикIай чIужу тIаса йищизе ккеялъул ва гьей йищулеб къагIидаялъул гIемер бицуна. Амма лъикIав рос тIаса вищиялъул...


Нужее баяналъе

  НухI Аварагас чан сон бараб? – 950 сон. СалихI Аварагасул щиб мугIжизат букIараб? – Кьурулъа къватIибе къинаб варани бачIин. «Забур» лъихъе рещтIараб? – Давуд аварагасухъе. Къуръаналда кинаб къиса далиллъун бачун бугеб Къиямасеб къоялъ...


ХIежалде хIадурлъи

«Марва» компаниялда тIад бан унеб буго хIежалде хIадурлъиялъул иш. Гьеб мурадалда, компаниялъул генералияв директор Шамил МухIаммадовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна хIежалде унезул къокъабазе нухмалъи гьабулез. Гьениб бицана церечIарал масъалабазул...


Тарбия кьун хьихьана

Нилъер диналда кIудияб кIвар кьола эбел-инсул адаб-хIурмат гьабиялде. Къуръан-хIадисалда гIемерал баяналгун биценалги руго гьелда тIасан. Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дур БетIергьанас амру гьабуна Гьесие ﷻ гурони гIибадат гьабизе бегьулареблъиялдалъун, гьединго,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Тохтур вахъинаро...       Дир яцалъул васас школа лъугIидал, яцалъ дида гьарана цIализе лъугьине кумек гьабеян. Учитель хIисабалда дун вохарав вукIана гьеб иш гьабизе, амма васасулгун ккараб гара-чIвариялъул хIасилалда загьирлъана гьесул загIипаб хIадурлъи букIин. Гьесда кIвезе...