Аслияб гьумералде

Тарбия кьун хьихьана

Тарбия кьун хьихьана

Нилъер диналда кIудияб кIвар кьола эбел-инсул адаб-хIурмат гьабиялде. Къуръан-хIадисалда гIемерал баяналгун биценалги руго гьелда тIасан. Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дур БетIергьанас амру гьабуна Гьесие ﷻ гурони гIибадат гьабизе бегьулареблъиялдалъун, гьединго, эбел-инсуде лъикIаб бербалагьиги гьабеян. Гьезул цоял яги кIиялго херлъараб мехалдаги гьезде гьаракь борхун кIалъаге, хIатта «Уф» абураб рагIиялдалъунцин.

 

Ва дуца, гурхIел-рахIму гьабун, гIодобегIанлъи бихьизабе ва гьаре: «Я, дир БетIергьан! ГьитIинго вукIаго гьез дун тарбия кьун хьихьун гIезавурав кинниги, Мун ﷻ гьезда гурхIа», - абун (суратул «Исраъ» 23-24 аят). Къуръаналда гьадинал аятаз бихьизабулеб буго эбел-инсуде бугеб адаб-хIурмат гIицIго чилъиялда бараб гуребги, гIамал-гIибадаталда бухьарабги бугеблъи.

Аварагасги ﷺ гIемер насихIатал гьаруна гьездехун букIине кколеб адабалъул бицун. Абу-Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда буго: «Аллагьасул ﷻ разилъи - эбел-инсул разилъиялъулъ, Гьесул ﷻ ццин бахъин - гьезул ццин бахъиналъулъ буго», - абун (Тирмизи). Гьадинал хIадисаз бичIчIизабула, кигIан лъикIал гIамалал ругониги, эбел-инсул ракIбакъвазабун хадуб Аллагьасул ﷻ разилъи щолареблъи.

Гьездехун бугеб нилъерго тIалаб-агъаз, адаб-хIурмат кутакаб жолъун бихьизе рекъоларо нилъее. Гьеб налъи тIубан нилъехъа бажарулеб жоги гуро.

Цо нухалда ибн ГIумарида вихьула, жиндирго эбелги гъажалда яччун, КагIбаялда тIаваф гьабулев чи. РикIкIад гьечIелъув вукIарав ибн ГIумар халлъараб мехалда, аскIовеги вачIун, гьес абула: «Я ибн ГIумар! Кин дуда кколеб, кьунищ дица гьелъие кколеб хIакъ», - абун. Ибн ГIумарица абула: «Мун гьавулелъул гьелъул букIараб унтул цо угьиялъул багьаябцин кьечIо. Амма дуца лъикIаб иш гьабуна, гьитIинаб бугониги, гьелъухъ Аллагьас ﷻ дуе кIудияб кири гьабила», - абун.

Кин бугониги гьаб заманалда халлъула эбел-инсуде адаб тун, гьаракь борхун кIалъалел. Гьеб буго кутакалда цIуни гьабизе кколеб пиша. Аварагасул ﷺ ва гьесда хадур рачIаразул нухдаса бахъун ккараб хасият. Амма, АлхIамдулиллагь, нилъер кидаго букIана адаб-хIурмат.

«Аллагьас ﷻ гьукъараб буго умумузда хъачIаб гIамал бихьизабизе, гьезухъ гIенеккунгутIи, адаб-хIурмат гьабунгутIи», - ян абун буго Бухаригун Муслимица рехсон бачIараб хIадисалда. Гьединлъидал гьарула Аллагьасда ﷻ нилъ эбел-инсул адаб ккурал лъималаздасан гьарегиян абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...