Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Тохтур вахъинаро...

 

 

 

Дир яцалъул васас школа лъугIидал, яцалъ дида гьарана цIализе лъугьине кумек гьабеян. Учитель хIисабалда дун вохарав вукIана гьеб иш гьабизе, амма васасулгун ккараб гара-чIвариялъул хIасилалда загьирлъана гьесул загIипаб хIадурлъи букIин. Гьесда кIвезе гьечIо медучилищеялде экзаменал кьезе. Гьесие гьенив цIализе бокьунги гьечIо, эбелалъул анищ букIин гурони гьев тохтурлъун вахъин. Васасул лъикIав токарь яги сварщик лъугьина, амма тохтур лъугьунаро. Гьеб кинабго яцалда квеш букIинаредухъ кин бичIчIизабилебали лъаларого вуго дун.

 

Хирасуло, Гъизляр

 

 

Психологасул жаваб

Лъазе ккола махщел тIаса бищиялъулъ гIицIго бажариялъул гуребги, жанисеб ахIвал-хIалалъул суал букIинги. Инсанас жиндиего бокьулареб жо гьабулеб мехалъ, гьелъ рачуна стрессалде, гIумруялдехун гъира лъугIиялде, хIатта сахлъи загIиплъиялде. Дур яцалъул васасда цебего бичIчIун батула медицина жиндир нух гуреблъи. Амма гьев ватизе бегьула эбелалъул ракI бакъвазабизе бокьуларого яги гьелда кин бичIчIизабилебали лъаларого. Гьениб дуца гьел кIиялго цоцада рагIизе кумек гьабизе ккола.

ХIаракат бахъе яцгун, «гьесда кIоларо» абурал рагIабаздалъун гуреб, «гьесул цогидал гьунарал руго» абурал рагIабаздалъун кIалъазе. Масала, «Дида бихьула гьав васасул кверзул махщел букIин. РачIа токарьлъун яги сварщиклъун хIалтIизе рес кьелин гьесие», - абун.

Цо-цо мехалда эбел-инсуца жидецаго тIадчIей гьабула, лъимер социалияб даражаялда «гIодобе ккеялдаса» хIинкъун. Амма талихI дипломалда гуреб, рохел ва пайда кьолеб иш гьабиялда бараб буго. Дур яцалъул вас лъикIав токарьлъун яги сварщиклъун вахъани, гьесда кIвезе буго бетIербахъи гьабун хъизамалъе кумек гьабизе ва жиндаго ракIчIей букIине.

Аслияб жо ккола, тIадецуй гьаби гуреб, яц хIеренго васас жиндирго къисматалъул жинцаго хIукму гьабизе кколин абураб пикруялде ячине. Гьеб къабул гьабизе гьелъие заман къваригIине бегьула. Амма гьесул ракIбацIцIадаб интересги дур квербакъиги бихьани, гьелъие бигьа букIина разилъизе.

 

ГIалимчиясул жаваб

ХIалтIи тIаса бищи ккола инсанасул гIумруялъул батIа гьабизе кIолареб бутIалъун. Щайгурелъул, муъминчияс махщелчилъиялъулаб хIаракатчилъи рикIкIуна, хIалтIи хIисабалда гуребги, ТIадегIанасе ﷻ гIибадат гьабиялъул къагIида хIисабалдаги.

Гьединлъидал, гьедигIанги кIвар бугеб жо ккола гIадамазе пайда бугеб хIалтIи тIаса бищи ва гьелъухъ хIалалаб хайир щвезе рес букIин. Щвараб хайир кин гьес хIалтIизабуниги - хъизан хьихьи букIа, садакъа кьей букIа, цогидал лъикIал жалазе букIа - гьесда гьеб киналдаго жаниб мунпагIат батила дунялалдаги ахираталдаги.

Аварагас ﷺ абуна: «ХIалалаб хIалтIудалъун гьабураб кванидаса лъикIаб квен жеги цонигияс кваначIо», - ян. (Бухари)

ХIалтIи тIаса бищулаго бусурбанчияс хIисабалде босизе ккола рухIиябги светиябги рахъ. Гьес тIаса бищизе ккола жиндирго иманалъе, как-кIалалъе зарал гьечIеб хIалтIи.

ГIадаталда инсанасда школалдасаго лъала хадубккун щиб гьабизе бокьун бугебали. Гьеб хIалалда гьитIинаб къоялдаса нахъе дагь-дагьккун жиндирго мурад тIубазабизе жигар бахъула. Гьединлъидал дуца битIун гьабуна дурго яцалъул васасул лъаялъул ва мурадазул цIех-рех гьаби. Дида ккола битIараб букIинин, ккараб хабарги хIисабалде босун, яцалда дандбани, гьелда щиб, кин ва щай гьедин бугебали бичIчIизабизе.

КIвар бугеб жо ккола хадубккун гьес гIумру гьабизе бугеб бакI, гьенир гIумру гьабулел гIадамазе хIажатаб махщел тIаса бищи хIисабалде боси. Хирияв Аварагасги ﷺ хIадисалда абун буго: «Бищунго лъикIал руго гIадамазе бищун пайда бугел», - ян (ТIабарани).

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...