Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. НухI Аварагас чан сон бараб?

– 950 сон.

  1. СалихI Аварагасул щиб мугIжизат букIараб?

– Кьурулъа къватIибе къинаб варани бачIин.

  1. «Забур» лъихъе рещтIараб?

– Давуд аварагасухъе.

  1. Къуръаналда кинаб къиса далиллъун бачун бугеб Къиямасеб къоялъ тIолабго гIалам чIаго гьабиялъе?

– ГIузайр аварагасулгун ккараб къиса. Аллагьас ﷻ гьев нусго соналъ хвезавун чIаго гьавула ва бихьизабула жив ва сверухъ бугеб кин чIаго гьабулевали.

  1. «НухI» абун сураялъе цIар щай кьураб?

– НухI аварагасда сверухъ чанго къиса рехсеялъ.

  1. Щиб сураялда жаниб 18 аварагасул цIар рехсараб?

– Сура «АнгIам».

  1. Юсуф аварагасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 26 нухалъ.

  1. Ансариязухъе ислам малъизе щив витIун вукIарав?

– МусгIаб ибну ГIумайр.

  1. Гьижра гьабизегIан рещтIарал сурабазе кинал цIарал кьурал?

– «Маккаялъул сураби» абун.

  1. Адам аварагас чан соналъ гIумру гьабураб?

– 1000 соналъ.

  1. Сура «Тавбуялда» жаниб тавбу абураб рагIи чан нухалъ рехсараб?

– 11 нухалъ.

  1. Баянго Бадруялъул гъазават кинаб сураялда рехсараб?

– Сура «Анфал».

  1. Кинаб сураялда жаниб Хизрилги Мусалги къиса рехсараб?

– Сура «Кагьф».

  1. Сура «Анбияъ», ай Аварагзаби абун щай гьелъие цIар кьураб?

– 15 аварагасул цIар рехсон букIиналъ.

  1. ГIумар-асхIаб чан сон байдал хварав?

– 63 сон байдал.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...