Аслияб гьумералде

ГIорхъолъа арал

ГIорхъолъа арал

МугIжизат буго гIадаталдаса бахъун ккараб, Аллагьасул хIалкIвеялдалъун лъугьунеб гIаламат. БетIергьанас аварагзабигун расулзаби ритIун руго халкъ битIараб нухде тIоритIизе, жалги гIадатиял гIадамаллъун ругел. Амма хIажалъи ккедал, заман ва бакI халгьабун, гьездаса лъугьуна мугIжизатал.

Нилъер аварагасулги рукIана цIакъ гIемер мугIжизатал, тIахьазда хъван гьезие гIурхъи чIезабизеги кIвеларо. Киналго гьел мугIжизаталги руго аварагасдаса рихьун яги гьес рицун асхIабзабаз ва имамзабаз тIахьазда хъван кьучI гьарурал. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола аварагасде рещтIараб Аллагьасул калам – Къуръан. Гьесул керен ссун ракI бацIцIад гьаби, моцI кIийиде хъвалхьи гIадал.

Гьединал мугIжизатаздаса ккола гьев хвезейин абун тIад загьруги бахун бачIараб чахъдал гьаналъ гьесда хIиллаялъул бицин. Уму-МагIбадил бакIалде щведал гьениб хIораб чахъдаца рахь кьей.

ГIали асхIабасул берал унтидал хIацIу бахун гьел сах гьари. Къатадат ибну НугIманил берал унтун кIаркьазде чваххидал, гьел берцинал суратаздалъун лъугьинарун, рукIараб бакIалде руссинари.

ЧIинхал, гъутIби, хIатта кваналеб квен гьесда саламалдалъун кIалъай. Гьесул авараглъиялъе ччуталъцин нугIлъи гьаби, хважаинзабаз кIалцIи дагь гьабун хIалтIи цIикIкIинабулеб бугин абун хIайванал гьесухъе r рачIин.

Килщазда гьоркьоса лъим чваххизабун, азаралда ункънусгогIанасев чиясе гьеб гьекъезе кьей гIадал. Гьел мугIжизатазул цоцоял рукIана аварагасда жиндаго къокълъарал, кIиабилел руго цогиязда загьирлъарал.

Чияда хурхарал

Гьединаздаса ккола: къурайшиязул къавм Бичасул расул чIвазе ургъун рокъоре рачIиндал, гьезул бетIер каранде дали ва бералги жо бихьиялдаса ин. Гьеб къоялъ авараг гьезда цеве вачIана балагьараб мехалъ гьезул бетIералда тIаде бер кколедухъ.

Цинги гьес хъат цIураб ракь кодобеги босун гьезде щвана. Гьеб ракь тIаде щваразул цонигиявги хутIичIо Бадруялъул гъазаваталда жив чIван гурони (ибну ХIаббан). Гьелдаго релълъараб лъугьана ХIунайналъул рагъ бугеб къоялъги, Аллагьасул амруялдалъун тушбабиги къезаруна.

Мадинаялде гьижра гьабун унелъул аварагасда ва Абубакр асхIабасда хадув лъугьарав Суракъат ибну Маликил чол щанкIлал салулъ къана ва гьесда тIокIалъ гьезда хадув вачIине кIвечIо.

Гьесул авараглъи ритIухъаб букIиналъе гъветIалъ нугIлъи гьаби. Аварагас цо гIарабиясе ислам къабул гьабиялдалъун баккабахъи гьабидал, гIарабияс цIехана дуца бицунелъе нугIлъи гьабулеб жо бугищ абун. Аварагас абуна гьаб гъветI бугин абун. Гьединги абун, аварагас гъотIоде ахIана, цинги гъотIоца лъабго нухалъ нугIлъи гьабуна (ибну ХIабан).

Макка бахъараб соналъ авараг КагIбаялде лъугьана, хъанчалги рукIана гьелда сверун лъун. Авараг лъугьана кодоб букIараб тIилалъ хъанчазде ишараги гьабун, «ХIакъаб бачIана, батIулабги ина», - ян абизе. Гьес ишара гьабу-гьабураб хъанчги кIалагъоркье речIчIана (Бухари).

Хандакъалъул гъазаваталда аварагас сахI гурони букIинчIеб пурчIинадул квен азаргоязе кваназе кьуна, киналго гьелги гIорцIана, квенин абуни, букIаралдасаги гIемерлъун гурони дагьлъулебго букIинчIо, гьединго дагьабго къадаралда гурони букIинчIеб чамасдакIги бикьана гьезие (АхIмад).

Цо нухалъ кодор ккурал дагьалго чамасдакIалгун гьесухъе вачIана Абугьурайрат ва абуна: «Гьезулъ баракат лъейин абун дугIа гьабе», - йин абун. Аварагасги гьедин гьабуна. Хадуб Абугьурайратица абуна гьел чамасдакIалгун жив чанги-чанги бакIазде щванин. Киве щваниги нижеца гьел кваналаанин ва гIорцIизеги гIорцIулаанин. ГIусман асхIаб халипалъун вугеб заманалда гурони гьелги лъугIичIин (Тирмизи).

Табукалъул гъазаваталъул заманалда къечон асхIабзабигун авараг щвана лъим бугеб бакIалде. Амма гьеб батана цIакъго дагьлъун, цоясе гурони гIоларебгIан.

Цинги аварагас жиндир чIоразулъа цоябги босун гьеб къазабуна ракьулъ, лъимги бачIана бурун ракьулъа, къавмалъ гьебги хIалтIизабуна. Абула гьенир рукIанин лъеберазаргогIанасев чиян (Муслим).

Цо нухалъ гьесухъе бачIуна пуланаб къавм жидер лъим цIамхIаллъун бугинги абун. Дагьа-макъал асхIабзабигун авараг уна гьезул гъуялда аскIове ва тула жанибе. Гьелдаса хадуб гъуй лъугьана беролеб ва гьуинаб лъим жаниб бугеблъун.

Цо чIужугIадан ячIана аварагасухъе , бетIералда рас бижизе толареб унти бугеб, гьитIинаб лъимергун. Аварагас лъимералъул бетIералда квер бахъана. ГIемер заман инчIого гьелъул унтиги тIагIана, бетIералда расги бижана (ибну СагIд).

Ямаматалъул агьлуялъул цоцоязулъ баккула гьеб унти ва гьезда рагIула аварагас квер бахъун сахлъун букIараб вакъигIат. Гьеб заманалда вукIуна жив аварагин чIарав мусайламатул каззаб абурав чи.

Гьесухъе лъимерги бачун ячIуна цо чIужугIадан сах гьабейинги гьарун. Мусайламатица гьелъул бетIералда квер бахъула, амма букIарабги рас хIулун гурони, щибго сахлъи лъугьунаро. Хадубккун расукълъи гьеб лъимадул наслуялдаги хутIула.

ГIукашат абурав асхIабасул хвалчен бекана Бадруялъул гъазаваталда. Цинги аварагас гьесухъе цIулал рохти кьуна ва гьеб ГIукашатил кодоб хвалченлъунги лъугьана.

Хадубккун ГIукашатихъ хвалченлъунги хутIана гьеб рохти. Абу-РафигIатил бекараб хIатIида квер бахъана аварагас , цинги гьебги лъугьана киданиги бекунго букIинчIеб гIадин (Бухари).

Аллагьас нилъ гьареги аварагасул шапагIат щолездаса ва гьес бицараб ритIухъ гьабун, гьелда нахърилълъунездаса.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Конкурсалъул хIасилал гьаруна

Гумбет районалда тӀобитӀараб конкурсалъул финалистазе лъай кьеялъул управлениялъул начальникас сертификатал ва гӀарцулал сайгъатал кьуна. Лъай кьеялъул управлениялъул начальник МухӀамадвакил Забидовас шапакъатал кьуна, битIун какие чуриялъул ва как баялъул конкурсалъул районалъулаб этапалда...


ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.   ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго...


Рукъалъул мучари, гъаран

Гъаран (укроп) (латиназул мацӀалда Anethum ) — сельдереязул хъизаналъул лъагӀалилаб хералъул гъветӀ, гьелъул цохӀого цо тайпа ккола махӀ жиндаса бугеб гъаран (мугIрул мучари), яги хурул гъаран. ГӀалхул гъаран бижула ГьитӀинаб Азиялда, Шималияб Африкаялда, Ираналда ва Гималаязда. Бекьулеб ва...


Кинаб хъвелеб?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги АхIмадидаги Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей тIадаб буго шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун бугел гIадамазда. Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани закат бахъи гIураб бечелъи букIине ккола. «РахIматул...


Анищ тIубана

ДРялъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъ гӀахьаллъи гьабуна «Кумек» абураб бизнес-клуб рагьулеб мехалда тӀобитӀараб ва «Инсан» фондалъ гӀуцӀараб «Шкатулка желаний» абураб тадбиралда. Гьеб акция тIобитIулеб заманалда лъим кIанцIиялдалъун зарал ккараб...