Аслияб гьумералде

Аварагасе ﷺ бокьулаан

Аварагасе ﷺ бокьулаан

Аварагасе ﷺ бокьулаан

Аварагасе бокьулаан кванил хасал жал. Гьеб рокьиги букIинчIо жиндирго напсалъе гIоло. БатIи-батIиял гIиллабаздалъун бокьулеб букIана. Дагьаб хадуб бицина гьел гIиллабазулги.

 

Гьаб хIадис рехсон буго имам Тирмизиясул «Шамаил МухIаммадия» абураб тIехьалда. Абу ГӀубайдица бицана: «Дица цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ гьанал цӀураб хьаг бачӀана. Гьесие бокьулаан ратIа ва дица гьеб гьесда цебе лъуна. Аварагас ﷺ цIидасан гьарула ратIа, дица гьесие нахъеги кьуна. Кванан лъугIидал, Аварагас ﷺ цIидасанги гьарана ратIа. Дица гьикъана: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, чахъдал чан ратIа букIунеб?» - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Гьедула дир рухI кодов бугесдалъун, вуцIцIунги чIун дихъе ратIа кьун букIарабани, гьеб ратIа дуца (лъабабилеб) кьезе букIана», - ян.

Аварагасе ﷺ чахъдал ратIа бокьулеблъиги лъан, цебе лъола. Аварагас ﷺ гьеб кьеян гьесда гьарун букIинчIо. Амма гьесул суал, «чахъдал чан ратIа букIунеб» абураб кьечIого тезе рекъараб букIана. Гьеб суал асхIабас Аварагасул ﷺ адаб тун яги щакдарун кьурабги букIинчIо. Щайгурелъул, асхIабазаби рукIана кутакалда ритIухъал, адаб бугел чагIи. Гьеб жо гьез кидаго биччалароан. Амма вуцIцIунги чIун гьес кьун букIарабани, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIикматалдалъун лъабабилеб ратIаги бижизе букIана. Гьеб суалалъ гьев махIрум гьавуна мугIжизат бихьиялдаса.

АсхӀабас кӀалъачӀого Аварагасухъе ﷺ ратIа кьун букӀарабани, ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ гьесие гьеб хирияб ишалъухъ нигIмат кьезе букӀана. Гьесул кваналеб бакIалдаса кидаго ратIа камизе букIинчIо Аллагьасул ﷻ къудраталдалъун.

Аварагасе ﷺ бокьулаан чахъдал мугъзал гьан ва гьелъул ратIа.

ГӀалимзабаз абуна Аварагасе ﷺ кванил бищун бокьулеб жо гьан букIанин.

Ибн МасгӀудидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасе ﷺ (тIагIамазул) ратIа бокьулеб букIана. Цо нухалъ гьеб ратIаялде тIаде загьру бала. Аварагас ﷺ абула ягьудияз гьабун батулин», - ян.

Хайбар бахъараб мехалъ жугьутӀай гӀаданалъ Аварагасе ﷺ сайгъатлъун бачӀуна загьру бараб бежараб чахъдал гьан. Аварагги ﷺ асхӀабзабиги гьеб кваназе лъугьана, амма хехго Аварагас ﷺ абула: «Кванаге, гьаб гьанаца дида лъазабуна загьру бан букIин», - ян. Амма Бишр ибну Бараица гьанал цо кесек къулчIула ва гьев хола. 

Гьеб буго Аллагьас ﷻ жиндирго Аварагасдалъун ﷺ мугӀжизат бихьизаби. Гьенибго ккана цоги мугӀжизат: чахъдал бох кӀалъана ва загьир гьабуна жинда жаниб загьру букӀин. Цоги риваяталда рекъон, живго Жибрилас гьесда лъазабунинги буго.

Загьру барай гIадан йикIана Зайнаб бинт ХIарис Саламат ибну Мишкак абурай, ягьудиясул чIужу. Гьей Аварагасухъе ﷺ ячун ячIиндал, гьелда гьикъула щай дуца гьедин гьабурабилан. Гьелъ жаваб кьола, унго-унгояв авараг гьев вугони, гьелъ зарал гьабиларин, гьересияв авараг ватани, киналго хвасарлъизе рукIанин. Гьей гӀаданалъ исламги босула.

Аварагас ﷺ жиндиего гIоло къисас босулароан. Амма хадуб гьеб загьруялъ Бишр ибн Бараъ хведал, гьей гӀадан гьесул ирсилазухъе кьола, гьез гьейги чIвала, къисасги босун.

ГӀаишатица абуна: «Хвалил унтиялъул заманалда Аварагас ﷺ абулаанин: «Я, ГIаишат, Хайбаралда кванараб жоялъ дие кидаго унти кьолеб букIана, гьанже дир гьеб загьруялъ цIакъ тату хвезабулеб буго», - ян.

Загьруяб гьан кванан хадуб Аварагас ﷺ жеги лъабго соналъ гIумру гьабуна, гьеб унти цIикIкIиндал, Авараг ﷺ накълулъана.

ГӀаишатидасан бицунеб хIадисалда буго: «РатIа Аварагасе ﷺ бищунго бокьулеб гьанлъун букIинчIо. Амма гьан къанагIат гурони нижее щолеб букӀинчӀо, гьединлъидал гьесие бокьулаан хехго гьелъул хӀалбихьизе. Щайгурелъул гьеб бутIа хехго хIадурулеб квенлъун букIиналъ», - ян.

Гьеб тасдикъ гьабула Аварагасул ﷺ рокъоб кIиго-лъабго моцIалъ цIа бакинчIого букIиналъги. Щайгурелъул, квен гьабизе гьан ва батIияб тIагIам гьечIого букIиналъ. Лъимги чамасдакги кванан чIолел рукIана. Гьан щвараб мехалъ гьебги кваналеб букIана. Нилъее баян гьабуна гьан къанагIат гурони щолеб букIинчIеблъи.

ХIафиз ГIиракъияс абуна, хIадисалда рехсараб ратIа Аварагасе ﷺ бокьулеб букIин ГIаишатица бицухъе бищун бокьулеб квенлъун букIинчIин абуралда дандеккунгутIи гьечIин. ГIиракъияс баян гьабуна, рокьи букIине бегьулин, амма бищун цIикIкIараб букIине тIалъуларин.

Жеги гьелъул магIна ккола, Аварагасе ﷺ, тIабигIияб куцалъ киназего гьан бокьулеб гIадин, бокьулеб букIанин абун. Гьан щвани, кваналаан, щвечIони, кваналебги букIинчIо. Карагьатаб буго гьан гьечIеб мехалъ хьулхьуди. Гьединаб иш Аварагасул ﷺ букIинчIо.

Аварагасе ﷺ ратIа бокьулеб букIана хехго белъун кваназе рес букIиналъ ва хутIараб заман бусурбабазул хIажат тIубаялъе тIобитIизе.

Зубай бинту Зубайриясдасан бицана рокъоб чахъу хъунин. Гьелъ Аварагасухъе ﷺ битIула хабар чахъдал цо бутIа къабул гьабеян, амма гьелъул габур гурони хутIичIин ва дие гьеб дуе битIизе нечон йигин. Гьеб хабар Аварагасухъе ﷺ щведал, гьес абула: «Гьелда абе гьеб бутIа битIеян, хIакълъунго, гьеб цIикIкIун лъикIалде ва заралалдаса рикIкIадаб бугин», - абун. 

«Мавагьиб» абураб тӀехьалда рехсана чахъдал бищунго бигьаго биунеб квен кколин габур, ратIа ва ччорбал. Гьаб хIадисалъ баян гьабула щиб кваналеб бугебали халгьабизе кколеблъи.

 

Шамил МухIаммадов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.   ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин:...


Нужее баяналъе

  Киталъул чохьониве щив авараг ккарав? – Юнус авараг. Маккаялъул сураби чан ругел? – 85. Мадинаялъул сураби чан ругел? – 29. МоцI чан нухалъ рехсараб Къуръаналда? – 12 нухалъ. Къуръаналда бугеб бищун кIудияб къиса щиб? – Юсуф...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...   Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица...


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...