Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумру ва гIамал

Аварагасул ﷺ гIумру ва гIамал

Аварагасул ﷺ гIумру ва гIамал

Аварагасул ﷺ гIумру лъаялъ нилъ рачуна хIакъаб нухде, ракIал рацIцIалъула, иман щулалъула. Аварагас ﷺ гIадамал ахIана Аллагь цо гьавиялде, гIасилъи теялде, жагьиллъиялдаса гIелмулде, мекъи ккеялдаса ритIун ккеялде, бецIлъиялдаса канлъиялде, дунял-ахираталъул талихI щвеялде.

 

Авараг ﷺ вукIана бищун Аллагь лъалев, бищун Аллагь вокьулев, бищун Аллагьасе вокьулев, бищун Аллагьасукьа хIинкъулев, бищун Аллагь рехсолев, бищун Аллагьас хира гьавурав, бищун Аллагь разилъи тIалаб гьабулев, бищун мугIжизатал гIемерав, бищун шаригIат лъалев, бищун гIагарлъи бокьулев, бищун шапагIат гIемер гьабулев, бищун лъикIав мугIалим, бищун гIелму цIикIкIарав, бищун сабур бугев, бищун лъикIав цевехъан, бищун лъикIав эмен, бищун лъикIав рос, бищун лъикIав дурц, бищун лъикIав мадугьал, бищун лъикIав гьудул, бищун лъикIав гьобол.

Бищун лъикI тавбу гьабулев, бищун гIемер зияратал гьарулев, бищун уммат бокьулев, бищун умматалъе вокьулев, бищун уммат цIикIкIарав, бищун асхIабзаби рокьулев, бищун асхIабзабазе вокьулев, бищун сахаватав, бищун гIемер садакъаби гьарулев, бищун хIеренав, бищун бахIарчияв, бищун лъикI хвалде хIадурлъи гьабурав, бищун чIухIи гьечIев, бищун адаб цIикIкIарав, бищунго аварагзабазулъ хирияв, бищун камилав, вацIцIадав, цIодорав.

Бищун цIикIкIун диналъулъ бичIчIи щварав, ритIухълъи тIалаб гьабурав, Къуръан рекIехъе лъалев, Къуръаналда рекъон гIамал гьабурав, битIараб нух бихьизабурав, дугIа къабул гьабулев, бищунго гIелмуялда рекъон гIамал гьабурав, бищун ислам-дин хирияв, мунагьазе дару малълъарав, мунагьаздаса цIунеян васиятал гьарурав, бищунго цIакъ ракIал тIерен гьарун, гьел кунчIизарурав, бищунго гIакълу цIикIкIарав, тIабигIат-гIамал берцинав, бищун гIемер гIадамазул къваригIелал тIурарав, бищунго мисал босизе мустахIикъав, бищунго бигьаяб диналдалъун вачIарав, мискиналгун бечедазда гьоркьоб батIалъи гьабичIев, бищунго Аллагьасукьа хIинкъи бугел рокьулев, бищун гIемер мискин-пакъиразе кумек гьабурав, бищун гIемер захIмалъи хIехьарав, шайтIаналдаса цIуни гьабеян кантIизарурав.

Бищун лъикI хIалал-хIарам лъазабурав, квешаб-лъикIаб бихьизабурав, бищун гIемер гIадамазе пайда гьабурав, бищунго гIемер гIибадат гьабурав, кIудиязул адаб, гьитIиназда гурхIел гьабурав, бищунго дунял рехун тарав, бищунго лъикI ахират ккурав, гьелде хIадурлъи гьабурав, бищунго лъикI исламияб дин тIибитIизабурав, бищунго ракI бацIцIадав, мацI битIарав, Аллагьас вижарав бищун лъикIав инсан, бищунго лъикI эбел-инсул адаб гьабизе кколеб куц малъарав.

Бищун берцинаб махI жиндаса букIарав, бищун гIемер Аллагьасул нухда къеркьей гьабурав, жинда нахърилъарал хвасарлъулев, бищун яхI-намус бацIцIадав, бищун гIемер паризаялгун суннатал кIалал ккурав, бищун цIакъ Аллагьасе гIоло рухI кьезе хIадурав, бищун цIакъ Аллагьасул хIукмуялда разияв, бищун кIудияб рахIматлъун вугев, жиндир уммат цIадабе ккеялдаса цIуни гьабурав.

Аллагьас ﷻ гьев Аварагасул ﷺ баракат камун тогеги нилъ киналго! Амин!

 

ГIабдулхIамид, Харахьи росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...