Аварагасул ﷺ сипатал
Аварагасул ﷺ сипатал
Авараг ﷺ ккола жиндир хIакъалъулъ кигIан бицаниги, цIаланиги, кидаго дагь букIунеб. Нилъеца гьесул хIакъалъулъ лъазабизе ккола кинабго, щайгурелъул цIалиялъ гурони нилъ рачIунаро гьев вокьизавиялде. Гьесул хIакъалъулъ лъалеб гьечIони, гьев вокьизе кIоларо. Рехсела Аварагасул ﷺ чанго сипат.
Гьесие МухIаммад абун цIар кьуна кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица Аллагьас ﷻ илгьамги гьабун, ай рекIелъе рехун. ЦIаралъул магIна ккола кинабго жоялъ жиндие рецц-бакъ гьабулевин абураб. Гьедин бугизеги буго. Щибаб какилъ, как ахIиялъулъ ва гьеб цогидаб бакIалда, хIатта шагьадаталда жаниб Аварагасул ﷺ цIар буго.
МухIаммад абураб цIаралъул гIемерал хаслъаби ва пайда буго. НухIил гама лъедон уна МухIаммад абураб цIар абидал. Адам Алжаналда лъалаан «МухIаммад» абураб тIокIцIаралдалъун.
Амма гьеб цIар Авараг ﷺ вачIинегIан цебе гIарабазда лъалеб букIинчIо. Гьеб цIар бугел доб мехалъ цо-цо гIадамал рукIана, гьелги цIакъ дагьал. Ибн ХIажар ГIаскъаланияс жиндирго «ФатхIул Бари» абураб тIехьалда рехсана МухIаммад цIар бугел 15 чи вукIанин. Гьезда гьоркьоса цохIо МухIаммад ибну ГIадица гурони ислам босичIо. Гьесда гьикъула: «Дуе инсуца МухIаммад абураб цIар жагьилияб заманаялъ кин кьураб?» - абун. Гьес инсуе кьола гьебго суал ва жаваб щола: «Тамимазул къавмалдаса ункъо чи сапаралде рахъуна, дунги гьезда гьоркьов вукIана. Ниж цо пуланаб бакIалде щведал, цо кашишас аскIоб бугеб гIурухъ чIараб мехалъ, нижеда аскIове вачIун, абула: «КватIичIого нужеда гьоркьоса авараг вахъине вуго», - ян. Нижеда гьесда гьесул цIар цIехедал, кашишас абула МухIаммад бугилан. ТIадруссун рачIиндал нижее васал гьарула ва киназго лъималазда цIар лъола МухIаммадилан абун. Гьаб къисаялъул магIна ккола цIакъ дагьав чиясул гурони гьеб цIар букIинчIин аби. Гьединлъидал МухIаммад абураб цIар гIадамазда лъазего лъалароан. Аварагасе ﷺ гьеб цIар кьедал кутакалда лъикI машгьурлъана.
Къокъго абуни, Авараг ﷺ ккола киналго гIадамазда гьоркьов бищунго рецц гьабулевлъун. Гьединлъидал гьесда абула АхIмадиланги МухIаммадиланги. Аварагасул ﷺ киналго цIаразда гьоркьоса бищунго хIурматияллъун ккола АхIмад ва МухIаммад. Гьелъ нилъеца лъималазе нилъерго Аварагасул ﷺ цIарал лъезе ккола. Имам аш-ШафигIияс жиндирго васасда цIар лъола МухIаммад абун ва абула гьеб жиндие бищунго хирияб бугин.
Аварагасул ﷺ кIаркьаби даларал гурел, гьумергун цадахъ ритIарал рукIана. КIал гIатIидаб букIана, гьебги гьоркьохъеб хIалалъул. Гьединаб кIал гIарабаз рикIкIунаан берцинлъилъун ва пасихIлъилъун. Авараг ﷺ вукIана гIадамазда гьоркьов бищун пасихIавлъун. Гьесул берал рукIана чIегIерал, дагьаб багIарлъи жанир ругел. Гьеб кьер гIарабазда гьоркьоб цIакъ рикIкIунеблъун букIана. ХIафиз ГIиракъи абурав гIалимчияс абуна гьеб гIаламат авараглъи бихьизабулел сипатазул цояблъун рикIкIунилан.
Гьеб гIаламаталъе мисал ккола Авараг ﷺ Шамалде, Хадижатил даран гьабизе кумекалъе, Майсаратгун цадахъ гьенив щведал ккараб лъугьа-бахъин. Гьел рихьарав насраниязул кашишас Майсаратида Аварагасул ﷺ беразул кьер гьикъула. Майсаратица жаваб кьола гьел чIегIерал, багIарлъи жиндилъ ругел ругин. Гьеб рагIарав кашишас абула: «ХIакълъунго, гьев авараг вуго, гьев авараг вуго», - ян. Кашишасда гьеб кьералдалъун авараг вукIин ватIа вахъизе лъала гьезул цере рещтIарал тIахьазда гьеб сипат рехсон букIиналъ.
Аварагасдасан ﷺ кидаго лъикIаб махI бачIунаан гIетI баницин. Имам Муслимица Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасда ﷺ гIемер гIетI балаан. Гьурмада бараб гIетI жавгьаралдасаги лъикI гвангъулеб букIана, махIги ладаналдаса (мискалдаса) лъикIаб букIана», - ян.
Аварагасул ﷺ берал рукIана чIахIиял ва берзул тIелхалги рукIана халатал. Аварагасул ﷺ черхалъул бокьараб жо рехсараб мехалъ нилъеда бичIчIизе ккола гьеб гьоркьохъеб хIалалъул, гьесул черхалда данде кколеб берцинаб къагIидаялъ букIин. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Авараг ﷺ вижана бищун берцинавлъун ва бищун берцинаб черх бугевлъун. Гьединаб игIтикъадги букIине тIадаб буго. Юсуф аварагасе ﷺ бащдаб берцинлъи кьун букIана, амма нилъер Аварагасе ﷺ кинабго берцинлъи кьуна. ХIисаб гьабе, Юсуф аварагасул ﷺ берцинлъи бихьидал Зулейхал руччабаз жидедаго лъачIого кверал къотIизе байбихьана. Амма Аварагасул ﷺ берцинлъи бихьун букIарабани, щибдай гьез гьабизе букIараб? ГIадамаз жидерго ракIал рахъизе рукIана. Гьединлъидал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кинабго берцинлъи загьир гьабичIо гIадамазе, гьоркьоб пардав лъун гурони. ГIадамаз хIехьезе букIинчIелъулха Аварагасдасан ﷺ бачIунеб нурги берцинлъиги. Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ цояс абуна: «Дида цониги чи вихьичIо Авараг ﷺ гIадинав», - ян.
«Мавагьибу Лладуния» абураб тIехьалда буго: «Аварагасда ﷺ иман камилго лъей ккола, ТIадегIанав Аллагьас гьесда релълъарав чи я цебе ва хадуб вижичIолъиялда ракIчIей», - ян.
Имам Къуртубияс абуна: «ТIадегIанав Аллагьас нилъеда гурхIун Аварагасул ﷺ тIубараб берцинлъи бихьизабичIо, нилъер беразда гьеб хIехьезе кIоларого букIиналъ», - ян.
Аварагасул ﷺ букIанин бищунго берцинаб черхиланги бицана гIемерал гIалимзабаз.
Аварагасул ﷺ кьунсрузда гьоркьоса нур загьирлъулеб букIана гIарцул гвангъи гIадин. Аварагасул ﷺ берзул тIелхал цIакъ халатал рукIана, хIатта цоцалъ рекIун ругин ккараб хIалалъ. Гьесул кьунсрул рукIана цоцазда рекIинчIел. Цоцазда цурал кьунсрул доб заманалда гIарабаз берцинлъилъун рикIкIунеб букIинчIо. Авараг ﷺ гьоркьохъеб хIалалъул халатав вукIана. ЦIакъго къокъав ва цIакъго халатав гурев. Амма цIикIкIун халалъиялдехун гьетIарав вукIана.
Шамил МухIаммадов