Аслияб гьумералде

Биччан тараб гьури

Биччан тараб гьури

Биччан тараб гьури

Тарих гIелмуялъул чагIаз баян гьабураб кинниги, хирияв Авараг ﷺ ккола дунялалда рижаразул бищун сахаватав чи. Метерисеб къоялъ ккезе бугелъул халгьабичIого, биччан тараб гьуриялъ кинниги Аварагас ﷺ бикьулаан жиндие щвараб жо цогиязе.

 

Аварагасул ﷺ сираялде ралагьидал батула гIемерал мисалал, лъугьа-бахъинал, рагIаби, данде жо тIалаб гьабиги гьечIого, жидеца нугIлъи гьабулел кинаб гьесул ﷺ цогияздехун бербалагьи, цогиял цере гьари, гIаданлъи, сахаватлъи, бахIарчилъи букIарабали.

Къутайбат ибну СагIидидасан бачIун бицун буго: «Аллагьасул Расул ﷺ вукIана гIадамазул бищун лъикIав, бищун сахаватав, бищун бахIарчияв», - абун (Бухари).

Имам Къази ГIиязица «Аш-Шифа» абураб жиндирго тIехьалда хъван буго: «Мун балагье нилъер МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялде, гьесул ﷺ ахлакъазде, дунялалъул боцIи-малалде букIараб тIабигIаталде. Дуда лъала гьесухъе ﷺ дунялалъул хазинаби ва шагьаразул кIулал раккизарун рукIараблъи», - абун.

Муслимидасан бицун бачIараб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Кьижун вугеб хIалалда, хъатIикь лъун, дихъе раккизарун рукIана дунялалъул хазинабазул кIулал», - ян. Амма Аварагас ﷺ тIаса бищараб букIана мискинаб, гIадатияв чиясул гIумру.

Жеги цогидал аварагзабазе букIинчIеб, нилъер Аварагасе ﷺ хIалал гьабураб букIана рагъдаса щвараб гъанима. БатIи-батIиял риваятазда бачIун баянлъараб буго, цогидал аварагзабазе рагъдаса щвараб боцIи-мал гьез цо бакIалде данде гьабулаанин, цинги зодоса цIа бачIун, гьелъ кинабго бухIулаанин абун.

Имам Муслимица бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Нилъеде щвезегIан лъиениги рагъул гъанима хIалал гьарурал рукIинчIо… Аллагьас ﷻ нилъедехун Жиндирго рахIму-цIоб бихьизабуна, гьел гъанимаби хIалтIизаризе ихтиярги кьун», - абун.

Авараг ﷺ чIаго вугеб заманалъго рагъ гьабун рахъун рукIана ХIижазалъул ракьал (Макка, Мадина, ТIаиф, ал-Ямама, Хайбар гIадал кIудиял шагьарал ва гьезда сверухъ ругел ракьал), Йемен, гIарабиязул чIинкIиллъи, Шамалъул (гьанжесеб Сирия) ракьал, ГIиракъ.

Аварагасе ﷺ бачIунаан рагъдаса щваралъул щуйил бутIа, гьединго, жизят садакъаги – ханзабазегицин жиб бачIунеб букIинчIеб. Амма жиндирго рокъобецин щвечIого гьес ﷺ цогиязе бикьулаан гьеб.

Жизят ккола, бусурбабазул улкаялда гIумру гьабун ругел дин батIиязухъа, гьел эркенго, жаниселги (гьенир гIумру гьабун ругел бусурбабазул) къватIиселги (къватIир ругел бусурбаби ва капурал) тушбабаздаса божилъиялда гIумру гьабун рукIиналъухъ бачIунеб магъало. Гьединаб жизятги бачIунаан лъагIалида жаниб цо нухалъ. Гьелдаса гIицI гьарулаан дин, миллат халгьабичIого киналго руччаби, херал, унтарал, ресукъал, лагъзал ва жанир чIун дин гьабулел. Чиясул рес халгьабун жизят букIунаан 12, 24 яги 48 диргьам гIарцул ахчаялдалъун, меседил диргьамал хIалтIизарулеб бакIалда - 1, 2 ва 4 динар.

Гьединго Аварагасе ﷺ батIи-батIиял ханзабазги ритIун рачIунаан сайгъатал. Сайгъатал ритIун рачIунезул цояв вукIана Египеталъул хан Мукъавкъис. Гьадиятал гурелги гьес Аварагасе ﷺ бачIаралдаса букIана кIиго гъараващ, Дулдул абун цIар кьураб хъахIаб гIорцIенги.

БатIи-батIиял къокъабазул гIадамаз рачIунги Аварагас ﷺ къабул гьарулаан гIисиналги сайгъатал. Капурзабаз ритIун рачIиндал, «Нижеца капурзабазул сайгъатал къабул гьаруларо», - абун нахъчIвалаан. Амма цо-цо нухалъ, бачIарав чи халгьабун, къабул гьабиялдалъун жиндир бусурбабаздехун хIал лъикIлъизе яги исламалде вачIине хьул бугесул къабул гьабулаан.

Гьел сайгъатал, дунялалъул боцIи-мал бачIиналдалъун Аварагас ﷺ киданиги живго цеве гьавулароан, бусурбабазул къваригIелал тIуран, гьезул хIажатазе хIалтIизарун гурони цо диргьамниги нахъеги толароан.

Аварагасул ﷺ сахаватлъи бихьун, асхIабас абун буго: «Бикье, я Аллагьасул расул! ГIаршалъул БетIергьанас дагь гьабилинги хIинкъуге», - ян.

Гьес ﷺ абулаан: «УхIуд мегIергIанасеб меседил гохI дихъ букIиналъ ва лъабго къо гьелдаса цо динаргIаги дихъ нахъеги хутIун букIун заман иналъ дун вохизавилароан, дида тIад бугеб налъи бецIизе хIадур гьабураб цо динаралъ гурони», - абун (Бухари).

Цо нухалъ Аварагасухъе бачIуна динаразул цIураб таргьа. Хадув гьев ﷺ лъугьана гьел хIажат бугезе рикьизе. Киназего рикьун нахъе хутIаразул цо-цоял гьес ﷺ руччабазеги кьуна. Гьеб мехалъ хутIарал динарал, кьезе чагIи ралагьун хадуб гурони, гьесда кьижизе кIвечIо. Гьединав вукIана Авараг ﷺ. КигIан гIемер бачIунеб бугониги, жиндирго хIажалъиялде балагьичIого, бугеб жо асхIабзабазда, ресукъал, хIажалъи бугезда гьоркьоб бикьун лъугIизабулаан.

Кинав вугониги асхIабасул хIажалъи халлъидал, Аварагас ﷺ гьесул хIажат тIубан бажарулеб сайгъат битIулаан гьесие. Гьедин гьабулелъулги лъица бачIарабали лъаларедухъ гьабулаан.

Анас-асхIабас бицун буго: «Лъица бугониги Аллагьасул Расуласда ﷺ жо гьаридал, исламалъе гIоло жиб бугеб, гьес ﷺ кьолаан. Бицуна цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ вачIанин цояв ва МухIаммадица ﷺ гьесие кьунин кIиго мегIералда гьоркьоб бакI цIолелгIанасел цIцIаниян. Цинги гьев чи жиндирго къавмалъухъе вуссанин ва абунин: «Я дир къавм! Нуж бусурбанлъе. МухIаммадица мискинлъиялда хIинкъичIого кьолел руго сайгъатал», - абун (Муслим).

Бицуна цо нухалъ Аллагьасул Расуласухъе ﷺ вачIанин цояв ва гьаранила щиб бугониги жо кьейин  абун. Аварагас ﷺ абула гьесда: «Дихъ щибго хутIун гьечIо. Мун а, ва дир цIаралдасан дуе хIажатабги босе. Аллагьасул ﷻ рахъалдаса дие жо бачIиндал, дица гьеб бецIила», - абун. Гьединаб хIалалдаги Аварагас ﷺ чиясул къваригIел тIубай ва сахаватлъи гьаби бихьарав ГIумар-асхIабас абула: «Я Аллагьасул Расул ﷺ! БетIергьанас ﷻ дуда тIад гьабун гьечIо дур бажариялдаса тIадегIанаб, щай дуца гьедин гьабулеб?» - абун. ГIумарил гьел рагIаби Аварагасе ﷺ рокьуларо.

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...