Аслияб гьумералде

ХIалхьи гьабулароан

ХIалхьи гьабулароан

Аллагьасул Расул ﷺ вукIана гьабулеб гIамалалъулъ, ретIунеб ратIлилъ, вукIа-вахъиналъулъ чIухIи гьечIев, гIадатияв, гьабулеб иш мискинаб, рахIат тIалаб гьаби гьечIеб. Гьесул ﷺ вегулеб бакIги букIана пальмаялъул хъалгун тIанхал жанибе бан гьабураб ургу гIадаб гъоркье рехулеб жо. Бусадул халалъи букIана гIага-шагарго кIиго зирагI, гIеблъи - гIага-шагарго цо зирагIгун рокьоб бугеб. ЗирагIги ккола, гьоркьохъеб къагIидалда, бащдаб метргIанасеб роцен.

 

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIайшатида цIехон буго: «Нужер рокъоб Аллагьасул Аварагасул бусен кинаб букIараб?» - абун. Гьелъ жаваб кьуна: «Пальмаялъул хъалгун тIанхал жанире ран цIезабураб тIомалъул ургуялдаса букIана», - абун (Тирмизи).

ГIайшатидасан бицун буго: «Цо нухалъ дихъе ячIана ансаразул цо чIужугIадан. ГIемер хIалтIизабураб ва бакI-бакIалдаса пальмаялъул хъалгун тIанхал къватIире раккараб Аллагьасул Расуласул бусен бихьидал, гьелъ дихъе битIун бачIана квасул гьабураб бусен (ургу). КватIичIого Аллагьасул Расул вачIана дихъе, гьесда бихьана цIияб бачIараб бусен. Гьес абуна: «ГIаишат, гьаб щиб жо?» - абун. Дица абуна: «Ансаразул пуланай чIужугIаданалъ битIун бачIана», - ян. Аварагас абуна: «Ва, ГIаишат, гьелъухъего нахъбуссинабе. Аллагьасдалъун гьедула, дие бокьун букIарабани, ТIадегIанав Аллагьас дида цере меседилги гIарцулги мугIрул рагьилаан», - абун (Байгьакъи).

Гьесул ﷺ цогидай чIужуялда, ХIафсатида (ГIумар ибну ал-ХатIабил яс), гьикъун буго: «Аварагасул бусен кинаб букIараб?» - абун. Гьелъ жаваб гьабун буго: «Бусен букIана хъачIаб квасул гьабураб юргъан. Нижеца гьеб кIиго гъаталде гьабун сукIулаан ва гьелда тIад кьижулаан Авараг », - абун. Гьелъ хадубги бицана: «Цо сордоялъ дица гьеб, дагьабгIаги Аварагасе рахIат букIинедухъ, ункъо гъаталде гьабун сукIун букIана. Радалиса тIаде вахъиндал Аллагьасул Расулас абуна: «Къаси щиб нужеца гьабураб дир бусеналъе?» - абун. Дица абуна: «Гьеб добго бусен буго, амма дуе дагьабгIаги рахIат букIинедухъ дица гьаб сордоялъ гьеб ункъо гъаталде гьабун сукIун букIана», - ян. Аварагас абуна: «Цебе букIараб хIалалдаго гьабе, гьелъул тамахлъи сабаблъун ккана дида къаси сардилъ как базе вахъине кIунгутIиялъе», - ян.

Аварагасул ﷺ букIана квасул гьабураб тIад балеб жо. Киве унев вугониги, цадахъ букIунаан Аварагасухъ ﷺ гьеб. Щвараб бакIалда гIебеде чIвалев вугони, тIад вегизелъун кIийиде сукIун гъоркь тIамулаан.

ГIемерисеб мехалъ Аллагьасул Расул ﷺ вегулаан, тIад щибго жо бачIого, муцIи, салома гIадаб жоги хьухьун гьабураб гъоркь тIамулеб жоялда тIад. Къандалъоги букIана гьебго пальмаялъул тIамах хъал жанибе бан цIезабураб.

Ибну МасгIудидасан бицун буго: «Цо нухалъ дун Аварагасул ﷺ рокъове лъугьана. Гьеб заманалда Авараг ﷺ кьижун вукIана. Гьев вегун вугоан тIаде щибго жоги рехичIого. Гъоркь тIамуралъул лъалкIалги лъугьун рукIана гьесул хьалбазда. Бихьараб жоялъ дун гIодизавуна. Цинги Аллагьасул Расул ﷻ ворчIун вачIана. АскIовги чIун дун гIодулев ватидал гьес цIехана: «Ва ГIабдуллагь, сунца мун гIодизавурав?» - абун. Дица жаваб гьабуна: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, Кисрагун (персазул хан) Къайсар (византиязул хан) хьвадула хири-хириял ххамаз гьабурабги ретIун, тамахал тахазда кIусула, мун абуни (дунял-гIаламалъул БетIергьанасул Расуллъун вукIаго) вегун вуго хадуб жиндир асар къаркъалаялда хутIулеб гIицIаб жоялда».

Дие ракI-макI гьабун, Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ абуна: «ГIодуге, я ГIабдуллагь. Гьезие кьун буго гьаб дунял, нилъее – абадияб Ахират», - ин (ТIабарани).

Щибго гъоркье рехичIого ракьалда тIадги вегулаан гьев ﷺ.

Абу Давудил «Сунан» абураб тIехьалда рехсолеб буго Аварагас ﷺ гьеб гъоркь тIамулеб жоялда тIадго какги балаанин. Жеги гьесие ﷺ бокьулаанин дабагъ гьабун хIадурараб тIомалда тIад как базегиян.

ГIумар-асхIабас бицанин абун, ибну ГIабасица рехсон буго: «Цо нухалъ дун щвана Аллагьасул Расуласул ﷺ рокъове. Гьеб мехалъ Авараг ﷺ вегун ватана. Дун гьесда аскIов гIодов чIана. Аварагасда ﷺ ретIун букIана изар (гIаврат бахчуледухъ, гъоркьияб рахъалда ретIараб ретIел). Дида гьесул ﷺ черхалда халлъана гъоркь тIамураб жоялъул асар. Гьесда аскIоб (рокъоб) букIана сахIгIанасеб къадар пурчIинадул ва гIодоб тIамураб хIайваналъул тIом. Аварагас ﷺ гIумру гьабун бугеб мискинаб къагIида бихьун, дида магIу кквезе кIвечIо. Дир хIалбихьун, Аварагас ﷺ цIехана: «Щай мун гIодулев, я ибну ХатIаб?» - абун.

«Мун вуго Аллагьасул Расул ﷺ, Гьесул тIаса вищарав. Кин гIодизе бачIинареб, гъоркь тIамураб жоялъ дур черхалда асар гьабун бугеб куц бихьидал… Унго-унгоги гьабищ дур буголъи?» - ян абуна дица. Гьеб мехалъ Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Я ибну ХатIаб, мун рази гьечIогойищ вугев нилъее абадияб Ахират хIадурун букIиналда, гьезие – (капурзабазе ва ханзабазе) гьаб дунял? Гьел руго жидее тIаса унеб гьаб дунялалъул нигIматал хех гьабурал, нилъ руго нигIматал абадияб ахираталда кьезе нахъбахъарал», - абун.

Муслим Бухариязул хIадисазул тIахьазда хъван буго: «Гьелдаса хадуб ГIумар-асхIабас Аварагасда ﷺ абунин: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ дида тIаса лъугьаян гьаре», - абун гьаранин» (Бухари Муслим).

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Пакистаналъул посолгун дандчIвана

Пакистаналъул Россиялда вугев посол Файсал Нияз Тирмизи вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гӀахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тӀуразарулев, Россиялъул БахӀарчи Темирлан АбутӀалимов, ДРялъул экономикияб...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


ЖамгIият лъикIлъиялде нух

Исламалъул бищунго кIвар бугел къиматазул цояб ккола инсанасе тарбия кьей. Гьеб хурхараб букIуна хьвада-чIвадиялъул къагIидабазда гуребги, рухIалъул жанисеб рацIцIалъиялдаги, ракI бацIцIад гьабиялдаги, лъикIаб хасият гIуцIиялдаги. Ахир-къадги тарбия ккола инсан жамгIияталда вухьинавулеб, цогидазе...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...