Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул  гIумруялдаса суалал

Тавратгун Инжилалда МухIаммад Авараг вачIине вугин абураб рохел бициналъул хIакъалъулъ лъазе бокьилаан.

МухIаммад Авараг вачIине вукIиналъул хIакъалъулъ Тавратгун Инжилалда рохел бицун букIана. Мадинаялъул жугьутIазул гIалимзабаз гIемер бицунаан гьев Авараг вачIине вугин абун. Ибну ГIумарица бицана: «Цо нухалъ гIарабаздаги гьездаги гьоркьоб дагIба ккараб мехалъ, гьез кIал гьикъула гIарабазда, балагьилинха гьев нужедаса вахъунев Авараг вачIине мех гIагарлъун бугин, жидеца нужги гьевги чIвалин абун. ЖугьутIазда лъалаан Тавратгун Инжилалда Аварагасул сифаталги баян гьарун, мушрикуназде данде рагъ базе бугин абурал биценал рачIун рукIин, гьедигIанги гьеб кинабго гьезие якъинлъун букIана.

Кида ва щиб хIалалда тIоцебе как ахIараб?

ТIадегIанав Аллагьас бусурбабазда паризаяб къойил щуябго как тIад гьабураб мехалъ, гьеб жамагIатгун байги хира гьабидал, жамагIат-какде къойил щуябго нухалъ бусурбаби данде гьарулеб жо къваригIун букIана, гьелъие Аварагас асхIабзабазулгун мушаварги гьабуна. Цо чанго пикру бачIана гьезул рахъалдасан, амма Аварагас ахирисеб пикру гурони къабул гьабичIо.

Гьебги букIана къойил щуябго какил заман щведал ахIи бай гьабуни щибдай букIинаян абураб пикру. Гьединаб пикру загьир гьабула Зайдил вас ГIабдуллагьица, гьелъие гьесда жив кьижиялдаги ворчIиялдаги гьоркьов вугев хIалалъ макьу бихьула, ай макьилъ жиндихъе вачIарав чияс гьесда малъула как ахIулеб куц. Гьеб макьу бицун гьев Аварагасухъе вачIуна. Гьелдаса нахъе как ахIула щибаб какил заман щведал.

Аварагас эбелалъул ургьиб чан моцI бан хадуб гьесул эмен хварав?

Эмен хведал, Аварагасул эбел гьев гьавизе кIиабилеб моцIалда йикIана. («Нурул якъин», гь. 14).

Авараглъун витIизегIанго Аварагасул тIокIцIар щиб букIараб?

Авараглъи кьелалде МухIаммадие тIокIцIар «Амин» абун кьуна, гьесул ритIухълъи ва лъикIал тIабигIатазе гIоло. («Нурул якъин», гь. 25).

Балъго Исламалде ахIулеб заманалда дин чан чияс босараб?

Балъго Исламалде ахIулеб мехалда дин 40 чияс босана. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 106).

Хадижат хведал Аварагас тIоцее щий ячарай?

Хадижат хведал Аварагас ячана ЗамгIатил яс Савдат. («Нурул якъин», гь. 69).

ТIоцебе Аварагасе керен лъица кьураб?

Авараг хахизаюрай тIоцеесей гIадан Сувайбат йикIана. («Нурул якъин», гь. 15).

Чан нухалъ малаикзабаз Аварагасул керен ссун ракI бахъараб?

Малаикзабаз Аварагасул керен ункъо нухалъ ссуна. («АльАнварул МухIаммадия»).

Аварагасул эбел кидал хварай?

Аварагасул эбел хвана гьес анлъго сон тIубайдал. («Нурул якъин», гь. 17).

Эмен хведал тIоцебе Аварагасул тIалаб лъица гьабураб?

Эмен хун хадуб Аварагасе къайимлъи гьабуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 70).

Аварагасул кIудияв эмен ГIабдулмутIалиб кида хварав?

ГIабдулмутIалиб хвана Аварагас микьго сон тIубайдал. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 70).

ГIабдулмутIалиб хун хадуб Аварагасе къайимлъи лъица гьабураб?

ГIабдулмутIалиб хун хадуб Аварагасе къайимлъи имгIал АбутIалибица гьабуна. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 70).

ВахIю гьабун Аварагасде тIоцере кинал аятал рещтIарал?

ВахIю гьабун Аварагасде тIоцебе «аль-ГIалакъ» сураталъул цересел аятал рещтIана. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 95).

ТIоцебе Ислам лъица босараб?

ТIоцебе Ислам босана Аварагасул чIужу, Хувайлидил яс Хадижатица. («Нурул якъин», гь. 37).

Лъималазда гьоркьоса Ислам тIоцебе лъица босараб?

АбутIалибил вас ГIалица босана, гьесулги анцIго сон букIана. («Нурул якъин», гь. 37).

Бихьиназул тIоцебе Ислам лъица босараб?

Бихьиназул тIоцебе Ислам босана Абубакарица. («Нурул якъин», гь. 38).

Лагъзадерил тIоцебе Ислам лъица босараб?

Билалица босана. («Фазаилул ХIабиб»).

Авараглъиялъул байбихьуда Аварагас чан как балеб букIараб?

Авараглъиялъул байбихьуда Аварагас кIиго как балаан, ай радалги къасиги кIи-кIи ракагIат. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 77).

Паризаяб как кида тIадаблъун гьабураб: гьижраялда цебейищ яги хадубищ? Как балеб къагIида лъица малъараб Аварагасда ?

Паризаяб как тIадаблъун гьабуна МигIражалъул сордоялъ, ХIабашиялде гьижра гьабун хадуб ва Мадинаялде гьижра гьабилалде. Как балеб къагIида Аварагасда малъарав мугIалимги ЖабрагIил малаик вукIана. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 77).

ТIоцере бусурбаби балъго данделъулеб бакI лъил рокъоб букIараб?

ТIоцере бусурбаби балъго данделъулеб бакI Абу-Аркъамил вас Аркъамил рукъ букIана. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 106).

АбутIалиб кида хварав?

АбутIалиб хвана МухIаммадие авараглъи кьун анцIго соналдасан. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 146).

Хадижат кида хварай ва чан сон гьелъул букIараб?

Хадижат хвана МухIаммадие авараглъи кьун анцIго соналдаса ва гьелъул гIумруялъулги букIана 65 сон. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 120).

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...