Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ  гIумруялдаса цо-цо суалал

Аллагьасул Расуласул капурзабаздехун гурхIел кинаб букIараб ва гьес гьезие кинаб дугIа гьабулеб букIараб?

Свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расул кутакалда рахIатхун вукIунаан капурзаби хIакъаб нухалде, Аллагьасул диналде, Исламалде рачIине бокьун. Гьесул баракаталъ Аллагьас цересел аварагзабазул гIадин гIаммаб балагьги биччан капураб халкъ гьалаг гьабичIо. Капурзабазе квешаб дугIа гьабеян абураб мехалъ, гьес абулаан: «Дун Аллагьас рахIматлъун витIарав вуго, нагIана кьолевлъун витIарав гьечIо», - ян.

УхIудалъул гъазаваталдаги, Аварагасда ﷺ ругъналги лъун, гIемераб би чвахана, гьесул ца бекана, хIал дагьлъун гIодов ккана. Мушрикиназе квешаб дугIа гьабеян асхIабзабаз абураб мехалъ, гьес абуна: «Я дир Аллагь, дуца дир къавм хIакъаб нухалда тIобитIе, гьезда лъалеб гьечIо», - абун. Гьединабго дугIа гьес Давс абураб къапилаялъеги гьабуна. Гьес абуна: «Я дир Аллагь, дуца Давс хIакъаб нухалда тIоритIе, бусурманги гьарун гьел дихъеги рачIинаре».

ТIаифалъул гIадамазги гьесул дагIватги къабул гьабичIого, тIадежоялъе гIантал ва гIисинал лъимал хадур тIамун гьез ганчIал речIчIун бохдул бидул цIун, гьездаса рикIкIалъун гъабуялъул гъотIокь свакан хIухьбахъизе гIодовчIун вукIаго, ТIадегIанав Аллагьас гьесухъе мугIрузул малаик витIун вачIана, дуе бокьани гьал мугIрулги тIаде рехун гьеб ТIифалъул гIадамал гьалаг гьаризе ругиланги абун.

Гьес малаикасда абуна: «Гьаруге, дир хьул буго гьезул наслабазулъ Аллагьасда божулел гIадамал раккилилан», – абун. Гьеб мехалъ малаикас абуна: «Мун Рауфу РахIим (цIакъ гурхIулев, рахIму-цIоб кIудияв) абун дуда цIар лъурав Аллагь хIакъав вуго», - ян.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...