Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Щай Авараг ﷺ тIаса лъугьарав мунапикъзабаздаса ай, жидеца Табукалъул гъазаваталда гIахьаллъи гьабичIел?

Мадинаялде тIадвуссаравго, Аллагьасул Авараг ﷺ тIоцеве ана мажгиталъуве, гьениб кIиго ракагIаталъул какги бана, гьелдаса хадуб гIодов чIана гIадамалгун кIалъазе. Мунапикъзабазул рукIана 80-гIанасев чи ва гьез байбихьана жидеего гIузраби рачине, жалго ритIухъ гьарун гьедаризе. Гьес къабул гьабуна гьез жалго ритIараллъун гьари, Аллагьасдеги вуссана гьардолаго гьал чагIазда тIаса лъугьайин абун, гьез бахъараб жо гьезие тана Аллагьасда лъикI бихьухъе гьабизе.

Унго-унго божараллъун рукIана: КагIб бин Малик, Мурад бин Ар-рабигI, Хилал бин Умаййа. Гьал чагIаз тIаса бищана битIараб бицине, гьелдаса хадуб Аллагьасул Расулас гьукъана хутIарал киналго жиндирго асхIабзабазе гьелгун кIалъазе. Цинги гьезда лъазабуна тIубараб дандечIей хIисабалда гьоркьоблъи тIезаби, гIадамазул гьоркьоблъиги хисана гьедигIанасеб къадаралъ, гьезда ракь бихьана къваридаблъун, гьезда тIадеги бачIана кIудияб пашманлъи.

Аварагас ﷺ гьереси бицине кин гьукъун букIараб?

Гьес абулаан: «КигIан кьогIаб бугониги дуца хIакъаб жо абе, гьереси бицин дихъе рещтIараб хирияб Къуръаналда гIемер бакIазда какун буго», - ян.

Гьес абулаан, нуж цIунейин гьереси бициналдаса. Гьереси бицани хиянат ккола ва гьеб кIиябго жужахIалъуб бугилан. Гьереси мунапикълъиялъул цо рагьу кколиланги абулаан. Гьереси мунапикъзабазул гIаламатаздаса кколиланги бицунаан. Гьересиялъ ризкъи дагь гьабулиланги бицунаан. Гьересияб жоги бицун гьедулев чиясда Аллагьасул ццим бахъуна, гьезде Аллагь валагьуларо.

Гьересияб жоги бицун, ай гьечIеб жоги бицун гIадамал релъизарулев чиясе жужахIалъул кIкIал, нахъеги жужахIалъул кIкIал, нахъеги жужахIалъул кIкIал бугиланги абуна гьес. Цо чияс гьереси бицараб мехалъ гьесул кIалдиса квешаб махI бачIуна, гьеб мехалъ гьесдаса малаик милалъул манзилалъ рикIкIалъулинги абуна гьес. Аварагасда цIехедал муъминчи хIинкъулевлъун вукIине бегьулищан, бегьулин абуна гьес, бахилавлъун вукIунищан цIехедал, вукIунин абуна, амма гьерсихъанлъун вукIунищан цIехедал вукIунарин абуна. Гьереси какун рачIарал Аварагасул r хIадисал цIакъго гIемерал руго.

(«Ар-РахIикъул махтум»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...